МагъчIваялъе рес

Ралъдада тIадги къеркьезе руго терроргун


Каспий ралъдал рагъулаб флотилия. Гьениса Сириялде ракетаби риччалел руго.
Каспий ралъдал рагъулаб флотилия. Гьениса Сириялде ракетаби риччалел руго.

Россиялъул щуго шагьаразда терроралда данде къеркьолел оперативиял штабал гIуцIизе руго кватIичIого. 26 декабралда гьединаб Амруялда гъоркь гъулбас лъуна Президент Владимир Путиница.

Гьел оперативиял штабал гIуцIизе руго Симферополь, Мурманск, Петропавловск-Камачатский, Южно-Сахалинск ва Каспийск шагьаразда. Киналго гьел ккола ралъдада аскIор ругел шагьарал.

Гьел штабазда цебчIараб масъала буго Россиялъ жиндирго суверенитет билълъанхъизабулеб ралъдал бутIаялдаги, гьединго Россиялъул байрахъ тIад борчарал гумуздаги контртерроралъулал операциязде хIадурлъи гьабизе.

Гьел оперативиял штабазул нухмалъулелъунги тIамизе рагIула бакIалъулаб ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул, гIурхъаби цIунулеб идараялъул нухмалъулелъун ругел чагIи.

«Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабурал экспертаца ритIухъ гьабулеб буго гьел штабал гIуцIизе гьабураб хIукму.

«Черновик» газеталдаса МухIамад МухIамадовасул пикруялда рекъон гьединал штабал хIажат руго, щайгурелъул гьесул пикруялда цо –цо къватIисел пачалихъазулгун ругел гьоркьорлъаби сабаблъун рагъулаб ахIвал-хIалалде бачIунеб буго иш улкаялда, гьединлъидал жиндирго рагъулаб къуват щула гьабизе гьединаб хIадурлъи гьабичIого гIоларин Россиялъ.

МухIамад МухIамадов: «Нилъеда бичIчIулеб буго жакъа Россиялъул хIалуцараб гьоркьоблъи буго Турициялъуг ва европаялъул пачалихъазулгун. Гьеб киналъухъго балагьун бичIчIулеб буго нилъеца жакъа цIун-къай гьабизе кколеблъи.

Шай ралъдада тIадги контр терроралъулал операциязде хIадурлъизе кколелилан гьикъани, щайгурелъул, ралъдал диверсантал абулеб чагIаз бищунго гIемер терактал гьарула ралъдал портал кьвагьизарун, гьениб рагъулаб къуваталъе зарал гьабун.

Жакъа гьединал терактал гьаризе кIолеб къуват Дагъистаналдаги, гьединго Шималияб Кавказалдаги гьечIо, гьенир ругел терроралъул къукъабазул гьединаб сурат гьечIо. Гьединаб хIинкъи Россиялъе буго къватIисан. Гьединлъидал гьел оператвиял штабаз гьабулеб хIалтIи букIине бугин ралъдал диверсантазулгунилан ккола дида».

Терроралде данде къеркьолел Оператвиял штабал рукIине шагьаразул цояблъун Каспийск гIадада гурин тIасабищарабилан рикIкIунеб буго политолог Руслан Гереевас.

ТIоцебесеб иргаялд босани ракIалде щвезабилила 1996 ва 2002 соналъ гьениб ккараб кIиго кIудияб теракт. КIиабизе бугони жакъа къоялъ Каспийск кколин кIиго, лъабгониги рагъулаб бутIаги жаниб бугеб, Улка цIуниялъул министерлъиялъул рагъулал къуваталги жаниб цолъараб шагьар.

Гьединлъидал гьеб оперативияб штаб рагьун хадуб гьелъие киналго хIажатал сурсатал жакъа гьенир ругилан абулеб буго Русланица.

Руслан Гереев: «Ахираб анлъго моцIида жаниб Россиялъе къватIисахун чанго ахIи щвана ва гьел ахIиял дагIба-рагIиялъе каву рагьулел гIаламатал ругин рикIкIуна дица. Къо бахъанагIан гьел ахIиял тIадеялдаса тIаде квешлъун гурони гIодоцине гьечIо. Гьединлъидал нилъер улкаялда тIадаб букIан гьел рокьукъал гьаркьазда данде тадбирал гьаризе.

АхIвал-хIал кинаб рахъалдехун хисаниги гьелде хIадурго рукIине ккола. Дагъистанги Россиялъул регионалда гIадатияб гуреб ахIвал-хIал бугеб регионлъун буго. Гьеб гьедин кидаго букIана, гьабсагIатги буго. Кьвагьиялги, теракталги, хасал операциялги дагьлъанилан цо-цоял гаргаданиги щибниги хисун гьечIо.

Щайгурелъул, гIолохъанаб ригьалъул гIадамазда гьоркьор радикалияб пикруялъул гIадамаз хIалтIи гьабулеб буго инсан квешлъиялде цIазе ва гIемерал чагIи унел руго Сириялде рагъизеян. Гьеб вербовка жакъа къоялъги лъугIун гьечIо.

Гьединлъидал гьеб оперативияб штаб рагьун хадуб кьварарал низамал цIикIкIинаризе руго республикаялъул гIорхъода. Щайгурелъул, чанги щакаб пикруялъул чи вугелъул республикаялде вачIун гьаниб гIал-гъважа гьабизе къваригIарав.

Гьединаздехун гьарулел тадбирал кьваризаризе руго, гьеб гьабизе кколин заманаялъ цере лъурал тIалабазги, гьединго цадахъго къануналъги абулеб буго».

Гьединго моцIалъ цебе гIадин Владимир Путинил хIукмуялдалъун Россиялда рагьун букIана терроризмалъе гIарац биччалел къукъабазде данде хIалтIулеб хасаб комиссияги.

XS
SM
MD
LG