МагъчIваялъе рес

Терроралъе гIарац биччалезе гъураб къор


Россиялда гIуцIун буго терроралда данде къеркьолеб цIияб идара. Президент Владимир Путинил хIукмуялдалъун гьал къоязда рагьана терроризмалъе гIарац биччалел къукъабазде данде хIалтIулеб хасаб комиссия. ХIажат бугиш Россиялда цоги гьединаб гIуцIи, терроралда данде къеркьолеб чанго идараги букIаго абураб суалалда тIасан «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабурал экспертаца абулеб буго гьечIилан.

Гьеб комиссиялъ ракIаризе рагIула батIи-батIиял гIиллабазда бан терроралдехун хурхен бугел гIадамазул хIакъалъулъ баянал. Гьел баяналги ракIаризе рагIула цIех-рехалъул комитеталдасан, гьединго финансовияб мониторингалъул рахъалъ гIуцIараб федералияб хъулухъалдасаги.

Гьел баяназда рекъон терроралдехун хурхен букIиналъул щаклъи батарав чиясул буголъиялдаса гьес пайда босизе кIолареб къагIида гьабизе буго.

Комиссия гIуцIун гIаммаб терроралда дандекъеркьеялъул кьучIалдаян баян гьабуна Владимир Путинил кумекчи Дмитрий Песковас. Терроризмалъе гIарцудалъун кумек гьабуле бакIал тIатинари цIакъ захIматаб процесс бугелул хIажат бугин киналго гьеб кьеркьеялда жаниб батIи-батIиял идарабазул къуват цолъизабизеян абуна гьес. Гьеб хIалтIи гьабизе бугин цIигIуцIараб комиссиялъги.

Амма «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабураб экспетраз рикIкIунеб буго гьединаб идара хIажат букIинчIилан. Мисалалъе политолог Максим Шевченкоца рикIкIунеб буго терроралда къеркьолеб цо идара букIаниги гIолин Россиялда ва гьединаб идараги цебего гIуцIун букIанилан.

Максим Шевченко: «Дица рикIкIуна киналго терроралде данде къеркьеялъе тIоритIулел тадбирал рукIине кколин цо идараялда кодор. Гьебги ккола Терроралда Миллияб дандечIараб комитет ва гьелъул нухмалъулеб бетIераб идараги буго ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъ.

ГIуцIун букIана Жанисел ишазул идараялда цебе Терроралде данде къеркьеялъул центр абураб гIуцIи, жиб сунде гIуцIарабили магIнацин бичIчIулареб идара. Нахъойги абила Россиялда букIине ккола терроралда дандекъеркьолеб цо идара, кIиго, щуго ялъунги анкьго гуреб, цо. Гурони гьеб ккола гIадада хIукуматалъул бюдежат харж гьабураб иш».

Кавказалъул гIунгIутIби лъазарулеб централъул вакил, политолог Ахмет Ярлыкаповасда лъикIаблъун бихьулеб буго терроралда данде къерьезелъун цин гIуцIарал идарабазул хIалтIи лъикIлъизабиялде кIар кьун букIарабани Россиялъул тIалъиялъ, гьебго беццараб букIинаанилан, амма гьелда цадахъ гьединаб комиссия гIуцIи гьеб кIвар бугеб иш бугилан абулеб буго гьес.

Ахмет Ярлыкапов: «Дида лъикIбалъун бихьула терроралде данде къеркьезулъун гIуцIун рукIарал идарабазул хIалтIи щвалде щвараблъун гьабиялда тIад хIалтIани лъикI букIинаанилан. Россиялда жанир гьединал идарабаз гьабулеб хIалтIул лъикIал хIасилалги ругелъул.

Гьел ликIго хIалтIана Сочиялда Олимпиада тIобитIулелъулги. Жакъа нилъ дандчIвана терроралъул структурялъул цIиял къуваталгун. Гьел къуватаз сунданиги цере лъалхъулел гьечIо. Жидерго хъубал къасдал гIумруяде рахъинаризе гьез хIалтIизарулел руго цоялдаса цоял вахIшиял къагIидаби.

Гьединлъидал тIаде цIиял рагьичIго гъоркь рукIрал терроралд дандекъеркьеол гIуцIабазул хIалтIи роцIцIинабуни лъикIаб букIинаан. Амма терроризмалъе биччалеб гIарцуда данде хIалтIулел идара букIин цо рахъалдаса лъикIги буго.

Щайгурелъул террор гьеб цIакъ багьа хирияб процесс кола. Ва гьелъие бичалле гIарацги цIакъ гIемераб букIана, гIемерисез гьеб хIужа хIисбалде босичIого тола. Гьединлъидал гьеб террралъул гIарцуда данде рагъ лъазаби цIакъ хIажатаб ва кIвар бугеб тадбир буго хIакъикъаталда.

Терроралъулаб хIаракатчилъиялъе гIарац биччаялъул суал цIакъ актуалияблъун ккола Дагъистаналъеги. Амма «Черновик» газеталдаса МухIамад МухIамадовас рикIкIунеб буго гьеб комиссия гIуцIиялда цадахъго гIемер суалалги рижулелги ругила.

ТIоцебесеб коорурпция. Гьелда жаниб гIемераб рищватчилъиялъул бухьенал рукIине рес бугилан рикIкIунеб буго журналистас. Гьединго Максим Шевченкоцаго гIадин МухIамад МухIамад МухIамадовасги абулеб буго, Терроризмалде данде къеркьезе гIуцIарал цогидал идарабиги рукIаго гьединаб комиссия сунде хIажат букIарабали бичIчIуларила жиндаян.

Балагьараб мехалъ террризмалед данде къеркьлел идарабаазе кумек хIисабалд гIуцIун баьтилин гьебилан рикIкIунеб буго МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Экстремизмалда данде къеркьезелъун Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялда цебе гIуцIараб БутIаялъул руго банказулги бизнесалъул гIуцIабазулги хал гьабулел хъулухъал. Гьединалго хъулухъал руго хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъулги, Росфинмониторингалъулги.

Гьединлъидал кIудияб щаклъи бижулеб буго хIажатго бугодай гьеб идарайилан абураб. Дир хIисабалда, улкаялъул нухмалъиялъе загьирлъараб къагIидаха дол гIуцIабазулъ хIалтIулъ цо кинабалиго кризис. Гьединлъидал дозда божилъиги гIечIого гIуцIунги батила церехун рехсарал идарабазе конкуренция гьабулеб комиссияги».

Дагьаб цебегIан Рамазан ГIабдулатIиповас Россиялъул прессаялъе кьураб гара-чIвариялдабуна Дагъистаналда терроралъе гIарац биччаялъ бищунго квер бакъулеб бакI коррупция кколилан.

XS
SM
MD
LG