МагъчIваялъе рес

«Дун гIабдалищ, Сириялде ине?»


МахIачхъалаялда кьвагьа-гIанхъи
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:43 0:00

МахIачхъалаялда кьвагьа-гIанхъи

МахIачхъалаялда чIвана гIадамал Сириялде ритIиялда щаклъи ккарав чи.

24 декабралъул радал МахIачхъалаялда чIвана Газелалда шагьаралъул гIадамал доре-нахъе раччулев вукIарав ГIалиев Жамбулат. Полициялъул баяназда рекъон, гьез чIезавулеб мехалда гьес чIезе инкарги гьабун буго ва гьезде кьвагьун буго. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъе кумек гьабулеб букIанинги абулеб буго гьес. Гьебго къоялъ Дагъистаналъул жанисел ишазул министр щвана хасал операциял гIемер гьарулеб Унсоколо мухъалъул Шамилхъалаялде.

24 декабралъул радал МахIачхъалаялъул Редукторный мухъалда чIварав чи 1972 соналда гьавурав Жамбулат ГIалиев вугин чIезабуна цIех-рехчагIаз. Гьес гIадамал цIалел рукIанила изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъабалъе.

Гьеб хIужа ккана радал сагIат анкьгоялда, Редукторныялдасан аэропорталдехун унеб рахъалда. Шагьаралъул транспорт хьвадулеб шагьра бакьулъ байбихьана боевиказул киноялда гIадин кьвагьа-гIанхъи.

Гьеб бакIалда гIумру гьабулей гIаданалъ ЭР-ялъе бицана жий гордухъа къватIие яккараб мехалда нухда чIун тIогьилаб кьералъул Газельги бугоанила, рагьун нуцIагун, цинги лахI лъураб гIадин, гьурмазда маскаби ххурал чагIиги ругоанила къватI цIун, кодор автоматалги ккун. Гьеб параялъ тIаде щванила чанго джип, гьениса къватIиреги рахъун рачIанила гIемерал къанун цIунулел. Полициялъ абуна Газелалда вукIарав чи жидеде кьвагьданила. Гьаний цеехун рехсарай гIаданалъ абуна жий гордухъе екерараб мехалъ кватIун букIанила гьеб бихьизе, амма кьвагьулеб жоялъул цо батIияб гьаракьги рагIанила жинда гьоркьо-гьоркьосанго.

ПалхIасил, чанго сагIаталдасан эксперталги рачIун, полициялъ гьев чиясул жаназаги ун буго босун, эвакуаторалда тIад гьесул Газельги буго лъун.

Газелалда шагьаралъул гIадамал доре-нахъе раччулев вукIарав гьев чи Лак мухъалдаса Жамбулат ГIалиев кколаанин бицана ЭР-ялъе Париза ГIумаровалъ. Жидер мухъалдаса чи кколила гьев. ГIадамаз бицунеб букIанила гьес унголъуги Сириялде рагъизе гIадамал ралагьулел рукIун ругила. Гьесул жиндиргойищ, яги вацасулищали васалги ун ругила рагъизе, исана сентябралда дора чIванги ругила.

Париза ГIумарова: «Нижер росулъаги микьго-ичIгониги чи ана гьадаб улкаялде рагъизе, Сириялде. Гьелгиха тIубарал хъизаналги рачун ун руго. Гьев Жамбулат ГIалиевасул гIагарал, дора чIварал васазул эбел йиго кутакалда магIна бугей, цIакъ лъикIай, ритIухъай гIадан. Дир кутакалда ракI гурхIун букIуна гьелда. ГIадамаз бицунеб букIана гьев ГIалиевасда абулеб букIун бугила гьедигIан цIакъаб бакI батани, мунго щайинха Сириялде унаревилан. Жив гIабдалищин вугев гьениве инеян жаваб кьолеб букIун бугила гьес».

ГьанжегIагар Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас РИА-Новости агентлъиялъе бицана Дагъистаналдаса 600 чи анин Сириялде вагъизе.

24 декабралда Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовги щвана Унсоколо мухъалъул центр Шамилхъалаялде. Гьев гьенив дандчIван вуго гьеб мухъалъул активгун, ай хъулухъчагIигун. Амма гIадатиял гIадамалгун дандги чIвачIого министрас хIакимзабазулгун тIобитIаралдаса, гIадатиял гIадамалги данде гьарун тIобитIараб данделъиялъул хIасил цIикIкIараб букIинаанин бицана ЭР-ялъе гьеб мухъалдаса гIадамаз.

Унсоколо мухъалда, хасго Генуб, Балахьуни гIемер тIоритIулаан ахираб заманалде щвезегIанги хасал операциял. Гьанже иш дагьалъ гIодоцун буго.

Унсоколо мухъалде моцIалъ цереги рачIун рукIун руго МахIачхъалаялдаса низам цIунулезул хIакимзаби. Ярагъги кодоб ккун щай нуж пачалихъалда данде рагъулелин гьез гIадамазда цере суалал лъолеб мехалда, гьезги дандего кьун буго гьеб ярагъ кодоб кквезе тарал чагIи щалин, гьединго гьединаб суал исана гуреб, гьанжеялдаса ичIго-анцIгоги соналъ цебего кьезе кколаанилан.

XS
SM
MD
LG