МагъчIваялъе рес

Рос чIвана, лъади йикъана


Шамхал росулъа Айбике СайгитгIалиева йигеб бакI чIезабизе кIолеб гьечIо гьелъул гIагарлъиялда. Полициялъулаз ккун ячун анин гьейилан лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез. СайгитгIалиева кквей гIадинал Дагъистаналда тIоритIулел тадбирал экспертазда рихьулел руго салафиязде гьарулел гьужумаллъун.

МахIачхъалаялда гIагарда бугеб Шамхал росулъ 15 январалда радал Айбике СайгитгIалиевалъ гIумру гьабулеб минаялде рачIун руго полициялъул хIалтIухъаби. «Правозащита» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей ГIаиша Селимхановалъ бицухъе, СайгитгIалиева телефоналдаса гьелъухъе кIалъана ва абуна жий полициялъулаз Гъизилюрталде ячуней йигин.

СайгитгIалиевалъ инсанасул ихтиярал цIунулелъе бицун буго, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз тIоцебе абунин, жал чIухь базе рачIанилан. ЧIух базе щиб гIилла бугебали гьез бичIчIизабун гьечIо, амма ахир-къад чIухьги гьез бачIилан, абун буго СайгитгIалиевалъ Селимхановалда. Телефон свинабилелда цебе СайгитгIалиевалъ бицун буго жий ячанин Гъизилюрталда бугеб мухъазда гьоркьосеб цIех-рехалъул идараялда. Гьелъул телефон гьелдаса хадуб хIалтIулеб букIинчIо. Рехсараб цIех-рехалъул идараялдани абуна, СайгитгIалиева фамилия бугей гIадан жидехъ гьечIилан.

СайгитгIалиевалъул цингIал МахIмуд МахIмудовас бицухъе, гьелъухъе цере чанги нухалда рачIун рукIана полициялъул хIалтIухъаби. «ЧIварав росасул хIакъалъулъ гьикъулаан гьелда, суратал рахъулаан. Щиб гьелдаса къваригIун бугебали абулароан. Росас гьабуралъухъ жаваб гьелъищ кьезе кколеб? Росги гьелъул рохьилав вукIанилан бицана полициялъ гьез гьев чIван хадув», - ян абуна МахIмудовас.

Гьесул рагIабазда рекъон, СайгитгIалиевалъул рос МухIамадгIарип МухIамадов рохьилазде гъорлъе уневлъун вукIинчо ва гьев викъун хадуб чIван ватана. Араб соналъул 22 августалда жиндир рос виланин гIарзагун СайгитгIалиева ячIана инсанасул ихтиярал цIунулезухъе. Гьелъ бицаралда рекъон, гьев МахIачхъалаялде ана рузман как бан хадуб. ТIубараб къоялъ телефон гьесул свинабун букIана. Гьудул-гьалмагъзаби гьев валагьизе ун рукIана МахIачхъалаялде, амма гьесул лъалкI батичIо. Полициялде гIарзабиги кьун рукIана СайгитгIалиевалъ. Ахир-къад, Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, МухIамадов къуваталъулаз чIвана 26 августалда Гъизилюрт мухалъул Макеевка росдада гIагарда бугеб рохьалда. Гьенир оперативиял тадбирал гьарулел рукIанин ва МухIамадовги цогидавги чIванилан, лъазабуна низам цIунулез ва абуна гьел кIиялго рохьилазде гъорлъе унеллъун рукIанилан.

СайгитгIалиева йигей бакI балагьулеб буго гьелъул гIагарлъиялъ ва прокуратураялдеги полициялъул бутIаялдеги гIарзагун ана гьел.

Инсанасул ихтиярал цIунулезни лъазабулеб буго, салафиязде гьужумал цIикIкIунел ругин Дагъистаналда. Мисалалъе, гьал къоязда «Мемориал» гIуцIиялъ биччараб докладалда хъван буго, ахирисеб заманалда республикаялда гIемерлъулел ругин мажгитазда салафитал кквеялъул тадбирал. Рузман как бан хадуб мажгиталдаса къватIире рачIунел кколел руго низам цIунулез ва бичIчIизабулеб гьечIо гьел рейдал щай гьарулел ругелян.

«Кавказский узел» сайталъул бетIерав редактор Григорий Шведовасул пикруялда рекъон, низам цIунулез салафияздехун гьарулел гьужумаз лъикIал хIасилазде рачине гьечIо. Гьес абухъе, киназдаго лъала ва бичIчIула рохьилазде гъорлъ унел салафияллъун кколеллъи, амма гIадатияб гIумру гьабулел салафиязе рахIат течIони, гьезул бербалагьиялги радикалияллъун рахъуна.

2013 соналдаса байбихуьн цохIо къуваталъул нух тIаса бищана Дагъистаналда низам цIунулезиялан бицана Шведовас ва тIаде жубана, цохIо гьеб нух хIалтIизаби мекъаблъун бихьулин жинда.

«ТакъсирчагIи ругони, гьел цIехезе ккола, рохьилазул кумекчагIи ратании – гьел цIехезе ккола. Амма бербалагьи сабаблъун киналго гIадамал такъсирчагIилъун рикIкине бегьуларо», - ян рикIкIунеб буго экспертас.

Григорий Шведов: «ЧIваразул къадарги хIисабалде босун, кьвагьа-гIанхъиялги хIисабалде росун, абизе бегьула Дагъистаналъ Россиялда тIоцебесеб бакI кколеб бугин хIинкъигьечIолъиялъул рахъалдасан. Амма дагь-дагь ккун чIвай-хъвеязул къадар гIодобе бачIунеб буго. Цо-цояз абулеб буго низам цIунулезул хIалтIи лъикIлъанин, кIиабилез абулеб буго Дагъистаналдаса радикалиял бербалагьиял ругел чагIиги рохьилазде гъорлъе унелги гIемерисала Сириялде анин ва гьенир «Исламияб пачалихъалъул» рахъ ккун рагъулел ругин. Дидани ракIалде ккола, чанги гIилла бугин ахIвал-хIал парахалъизе.

Низам цIунулез жидерго хIалтIи вахIшияб хIалалъ бачунеб букIинги гьел гIиллабазде гъорлъе унеблъун рикIкIуна дица. Гьедин бачараб хIалтIиялъ балагьараб мехалда хIасилал лъикIал кьолел руго. Амма ракIалде щвезабила добго Сирия. Добаги хIукуматалъ къуваталъул гурони нух тIаса бищичIо ва гьанже улка кибе ккарабали бихьулеб буго. Дагъистаналда диалог байбихьун букIана салафиялгун, ракълилаб гIумруялде тIадруссине бокьаразе комиссия гIуцIана, амма Москваялъ гьел багъа-бачариязул рахъ кквечIо».

Экспертасул рагIабазда рекъон, Москваялда Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал мухIканго бичIчIулеб гьечIо ва бичIчIизе хIаракат бахъулебги гьечIо.

XS
SM
MD
LG