МагъчIваялъе рес

Маршруталъул такси учузлъана... дагьалъго


МахIачхъалаялда дагь гьабун буго шагьаралда жаниб гIадамал раччулеб цо маршруткаялда рекIаралъухъ босулеб багьа. Гьелъул бетIергьабаз бицухъе гьез гьеб дагь гьабун буго, хIукуматалъул кисинибе инчIого, «Гортранс» абураб гIуцIиялъ щибаб моцIие босулеб букIараб гIарац халкъалъе тIокI гьабиялъул мурадалда.

Гьединабго мисалалда хIалтIизе рес бугин шагьаралда ругел цогидал маршруталъул хIалтIухъабигиян абулеб буго, Автомобиль бачунезул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас.

РекIадухъ босулеб багьа дагь гьабун буго МахIачхъалаялда жаниб хьвадулеб 19-абилеб маршруталъул хIалтIухъабаз. Гьанже 17 гъурущалъул бакIалда, 15 гъурщиде рачине руго гьез гIадамал. Гьез хIукму гьабун бугин «Гортранс» абураб гIуцIиялъе щибаб моцIалъе кьолеб букIараб 3 500 гъурущ халкъалъулго кисиниб хутIизеян бицана автомобиль бачунезул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас. Гьелъул хIасилалда лъабго миллионги хадубги гъурущ гIадамазул жидерго чавантиниб хутIизе бугилан абулеб буго гьес. Гьеб сабаблъун цогидал маршруталъул хIалтIухъабаз нухдаги чIезарун, тIад рекIарал гIадамал гъоркье рахъинарун квал-квалалги гьарулел рагIулин гьезие, амма бугониги гьел къвакIун жидецаго гьабураб хIукму хисизабичIого чIун ругилан абуна ГIисалмухIамадица.

ЭР. - Транспорталъухъ багьа гIодобе бачин, гьеб къанагIатаб жо ккола. Щиб гьеб кколеб маршрутазда автобусал раккиялъ бижинабураб конкуренцияйищ яги гьелда нахъа цоги гIиллабийищ ругел?

ГIисалмухIамад Набиев: «Конкуренция гьечIо гьениб щибниги, рукIаралгIанго къадаралъ киналго маршруткаби хIалтIилел руго. Амма 17 соналъ гьезухъа гIарац бакIарулеб букIана гьел хIалтIизе риччаялъухъ. Конституциялда рекъон гьезул щивасул ихтияр буго жиндего хIалтIи балагьизе, амма гьеб ихтияралда мун хIалтIизе таралъухъ дуца нижее гIарац кьезе кколилан чIан гьезда хIакимчагIи. Дуца гьеб гIарац кьечIони жидего гьеб ихтияр цогидасухъе кьелилан. Гьедин букIана иш 17 соналъ.

Гьанже гьел чIун руго кьеларила жидеца гьеб гIарац, Конституциялда рекъон жидее кьун бугеб ихтияр цIунилила жидеца. Я тIаса арав, я тIаде вачIарав чи гьезул гьечIо, 50 чияс гьабун буго хIукму, гьеб «рагIдукье» унеб букIараб гIарац халкъалъул кисиниб хутIизе бокьун бугила жидее абун».

ЭР. - Дуца абулеб буго, багьа даглъизабулеб бугин МУП "Гортранс" гIуцIиялъе гIарац кьечIого толеб букIиналъ, гьединал ресал ракIкIизарунин. ЛъикI букIинаан дуца бичIинабуни, щай гьелъие гьеб кьечIого тезе бегьулебали, гьанжелъезегIан гьеб гьабулеб букIун батани?

ГIисалмухIамад Набиев: «МахIачхъалаялъул цеве вукIарав бетIер (С. Амиров), нухмалъуда вукIаго киналго магъалабаздаса рацIцIадги гьарун гьес маршрутчагIи тIамулел рукIана жиндирго кисинибе гIарац кьезе. КинабгIаги законги халтIулеб букIинчIо, хIукуматалъул идарабазги гьелъухъ бер тIамулеб букIинчIо. Гьедин букIана 17 соналъ. Амиров ккун вачун ун хадуб кIиго, лъабго соналъги гьеб асаралда гъоркь букIана. Гьанже республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIиповас байбихьун буго цIияб курс, «обеление экономики» абун. Гьелда рекъон хIалтIизе рази ругилан жалилан абулеб буго маршруткачагIазги».

ЭР. - Кколищ гьеб "Гортранс" жамгIияб транспорталъул системаялда тIокIаб идара бугин абураб?

ГIисалмухIамад Набиев: «ГIагарде къанцин гьениб гьоркьоб букIине бегьулеб гIуцIи гуро гьеб. Гьеб буго такъсирчилъиялъулаб гIуцIи. Щибаб моцIалъ 15 миллион гъурущ бакIарун, жидедаго гьоркьоб бикьулеб букIана гьез. Гьелде берал къанщулел рукIана прокуратураялъги, магъалаби ракIарулеб идараялъги, УБЭпалъги. Гурого гьез букIине кколел тадбирал тIоритIун рукIаралани чанги чи жакъа экономикияб такъсир гьабуралъухъ 15 сонги кьун туснахърокъов вукIине вукIана».

ЭР. - Бугищ рес цогидал маршрутаздаги багьа гIодобе ккезабизе? Батани, кинал хIакъал галаби гьелъие гьаризе кколел?

ГIисалмухIамад Набиев: «Буго гьелъие рес. 19 маршруталъул чагIазги лъицаниги тIадецуй гьабун гуро, жидего бокьун, рохуца холаго гьабураб хIукму буго гьеб. Дицаго кидаго такрар гьарулел лозунглъун лъугьарал рагIаби руго - «обеление экономики» и «освобождение от рабства» абун. Гьел шагьаралда жанир маршруткаялда хIалтIулел рукIарал чагIиги рукIана гьебго лагълъиялда гъоркь. Гуреб батани хIисаб гьабеха 17 соналъ 15 миллион бакIаризе ккани щибаб моцIалъ ва гьелда данде рахъине гьезул букIинчIеб ресги.

Цогидазги гьабизе буго гьедин, гьезиеги рекIее гIолеб къагIида лъугьине буго жакъа 19 маршруталъул гIадамаз гьабурабго гIадаб къагIида».

XS
SM
MD
LG