МагъчIваялъе рес

Маршруталъул таксиялъул "монополия" хвезабулеб буго МахIачхъалаялда


МахIачхъалаялъулазда кIочарабин абизе бегьулеб жамгIияб таранспорт хьвадизе байбхьизе буго циIяб соналда Дагъистаналъул тахшагьаралда. Бицен гьабулеб буго жакъа шагьаралъул аслияб майданалда чIезарун ругел Набережные Челныязда риччарал 60 автобусалъул. Цоязда гьеб бихьулеб буго лъикIаб ишара хIисабалда. Скептиказин абулеб буго, гьелдаса тахшагьаралда тIадеги хIалуцине бегьулин, транспорталъул хьвадиялда гьедингоги гьечIеб низамин.

МахIачхъалаялда гIумру гьабулев Анварица абулеб буго жив воххуца холаго рекIинин гьел автобусазда, маршруткаби гIадин бокьа-бокьаралъур, квер хьвагIанщиналъур гурел, хасаб бакIалда чIезарулел ругони. Гурони маршруткабазда жив рес къотIиялъ рекIунила. Гьенир жанир гьечIел шартIазги, гьел рачунел чагIазул гIадлу гьечIолъиялъги хIал къараб хIал букIунила.

Анвар: «Маршрутка бачунес циндаго чIезабуна жакъа гьеб, дунин абуни бакIгун цадахъ воржинавуна цевехун. Цо-цо мехалъин абуни маршруткаялъул чIабар букIуна багьараб, гьениб лъугьараб картIинисан бихьула хIатIакьан унеб шагьра. Гьединлъидал автобусал кутакалда хIажат руго. Амма дун хIинкъун вуго гьел цо-кIиго соналдасан нилъер гIадамаз жанир хъвадарун чороклъизарилин, бакIазда ккураб ххам бихъ-бихъилилан».

Автобусазул цо партия тахшагьаралъул аслияб майданалда чIезарун руго. Кьер гьабун чIарал гьезухъ балагьизе рачIунел гIадатиял гIадамалги руго. Щайн абуни гьанжелъагIан шагьаралда аслияб жамгIияб транспортлъун гIисинал микроавтобусал рукIана. Данде конкуренция гьечIолъиялъ зама-заманалдасан рекIадухъ багьа борхизабизе лъугьунеб гIадат буго гьезул.

Гьебго заманалда 25 декабралда МахIачхъалаялъул маршруткабазул бетIергьаби руго жидеца рекIадухъ багьа 17 гъурщиде бахинабизе бугилан.

Гьезул гIемерисезе бокьун гьечIо автобусал хьвадизе. Щайин абуни халатал гьез тIадеги бакI къварилъизабизе бугила шагьаралда жаниб. Киналго гIадамал автобусазда рекIани, жидее хIалтIи хутIуларила.

Масала, ЭР-ялъе гьединаб пикру загьир гьабуна маршруткаялда хIалтIулев Камалудиница.

Камалудин: «Транспорталъул читIирал лъугьине руго гьеб мехалда. 12 метра халалъиялда ругел гьел автобусал лъалхъизаризе бакIалищ нилъер гьанир ругел? Гьединго гъолъул рекIадул багьа букIине рагIула 10 гъурущ. Маршруткаялъул буго 14 гъурущ. Масала, дунго маршруткаялдаги рекIун инаанха, автобусалда рекIиналдаса. Щай абуни, троллейбус гIадин ине буго автобус.

Щибаб квер хьвагIанщинаб бакIалда, маршрутка гIадин унеб буго гьанже троллейбус. Къоялъе тIад лъураб планги букIине буго гьезул – 5 азарго гъурущ. Гьеб гIарац къоялъеги кьун, щибаб остановкаялдаги чIун, автобус хьвадизе бугищали дида лъалароха. Гьединлъидал гьеб чIезе буго квер хьвагIанщинаб бакIалда. Гьелъ транспорталъул читIиралги лъугьине руго. Гьелда тIадеги чан чи хутIизе вугев нижеразул хIалтIиги гьечIо (маршруткаби нахъе ритIулел ратани)».

ЭР: «Нуж гъоре ине бегьуларищ хIалтIизе?».

Камалудин: «Автобусазда хIалтIулел чагIазе хасаб ретIелгицин бугин абуна букъун. Гьединго 60 автобусалда хIалтIизе чан чи инев, лъабазарго маршруткаялда хIалтIулел шоферазда гьоркьоса?».

Маршруткаби руго «Махачкала-транс» гIуцIиялъул кверщалида гъоркь. Гьеб гIуцIун букIана МахIачхъалаялъул экс-мэр Амировас. Амма гьев гьабсагIаталда туснахъалда вугониги, жеги хутIун ругин шагьаралда гьесул политика билълъанхъизабулел чагIиян абулеб буго, гьелда бараб бугин рекIадухъ багьа борхизаби. Гьелда щаклъи ккун, МахIачхъалаялъул нухмалъулев МухIамад Сулеймановас дагьалъ цеве хъулухъаладса нахъе рехана шагьаралда транспорталъул жаваб кьолеб бутIаялъул нухмалъулев Андрей ХIусенов.

Гьеб масъала гьадин бихьулеб буго цевехун бицен гьабурав Камалудиница.

Камалудин: «Маршруткаби рачунез бицунебго букIинчIо гьелъул. ТIоцебе гьеб хабар баккана хIукуматалдаса – доллар баханила, цIатари хиралъанила, 1 декабралдаса нахъе рекIадухъ багьа 17 гъурущ букIине бугила. Цинги гьелда рекъон ниж хIалтIизе лъугьараб мехалда бахъана ахIи-хIур, нижеде гIайибал гьаризеги лъугьана.

Прокуратураялъул хIалтIухъабаз байбихьана багьа борхизабурал шоферазда хадур чIун, гьезда тIад хIалтIи гьабизе. Гьедин хIукуматалъ тIоцебе жидецаго байбихьана хIукуматалъ. Цинги гьелъул щиб лъугьараб – нижеда данде чIезаруна гIадатиял гIадамал. Гьанжени газги гIодобе бачIана. Гьединаб багьа гьелъул хутIани, 14 гъурущ гIелаан нижее.

ГIадамазул разилъунгутIи букIуна рекIадухъ багьа цIикIкIинабичIониги, гьединги нижее къоялъе 2000-4000 гъурущ щолеб бугилан. Гьедин дица цо чIужугIаданалда абуна дие 4000 азарго гъурущ щолеб батани, дие 1000 гъурущги кьейин, дица нужехъе маршрутка кьелин хIалтIизе».

ПалхIасил, МахIачхъалаялъул администрациялдаса щварал баяназда рекъон, 25 декабралда маршруткабазул бетIергьабазда ракIалда буго рекIадухъ 17 гъурущ босизе. Автобусал тIаде щвезегIан МахIачхъалаялъул нухмалъулев Сулеймановас гьел маршруткабазул бетIергьаби ургъунго чIезарун рукIанин багьа борхизабизе риччачIогойин абулеб буго.

XS
SM
MD
LG