МагъчIваялъе рес

ЦIиял автобусазул лъие квал-квал бугеб?


13 марталда МахIачхъалаялда нахъойги кьвагьдон руго гIадамал раччун шагьаралда жаниб хьвадулеб автобусалде. Гьеб буго шагьаралда жамгIияб транспорталъул базаялде автобусал жураралдаса гьединаб лъабабилеб хIужа. Автобусазул идараялъул нухмалъулес абулеб буго гьеб бугин шагьаралда маршруткаялда хIалтIулел гIадамаз малъун гьабураб хIалтIийин. Амма гьеб пикруялда тIад киналго рекъолел гьечIо.

Автобусалде кьвагьдон руго шагьаралъул рагIалда Шамилил цIар лъураб къватI лъугIулеб бакIалда. Гьеб ккола 44-абилеб мухъалда хьвадулеб пассажирал раччулеб автобус. КIиго моцIгIанасеб заман бана гьеб хIалтIизе биччаралдаса. Пневматалъулаб таманчаялъуса кьвагьдон руго гьелде щалали лъазе кIвечIел гIолохъаби. ТIад рекIарав чиясе щибниги къварилъи ккун гьечIо автобусалъул цIер буго гъурун. Гьеб лъабабилеб хIужа буго автобусалде кьвагьун батараб. ЦIиял автобусал рачIаралдаса жидерго хIалтIуе кIвекIен кколеб букIин бихьидал маршрутка рачунез малъун тIамурал чагIи кьвагьдон ругин гьелдеян бицунеб букIана цебесеб нухалдаги гьединаб иш ккедал. Гьаб нухалъги гьезулго хIалтIи батулин гьебин рикIкIунеб буго МахIачхъалаялъул автобусазул идараялъул нухмалъулев ИсмагIилов Къурбаница.

ИсмагIилов Къурбан: «Гьанже берда бихьичIеб жоялда гьез гьабунилан абизеги кIоларо битIараб бицани, амма цебесеб нухалдаги гьезул хIалтIи букIана гьеб, гьаб нухалъги гьел ратула. Низам цIунулел хIалтIухъабиги, телевидениялдаса чагIиги рачIун рукIана гьенире. Гьанже полициялъулаз тIад хIалтIи гьабулеб буго гьелда. Гьале лъабабилеб хIужа буго гьеб автобусалде кьвагьдаралдаса, ццим бахъиналъе гIурхъи гьечIо нижер.

ЭР: «ЦохIо цIер гъурун гуреб чиясе къварилъи ккун бугиш?».

ИсмагIилов Къурбан: «Автобусалде жанибе баккун буго гулла, талихIалъ лъиданиги щун гьечIо, пассажирал рукIун ратиларишха жанир».

Жидеца гьедин тезе гьечIила гьеб хIужа, тIокIаб чIечIого автобусалде кьвагьдезе ккани гьел тIуранго гьаглъунищин ругел, жидеца тадбирал гьаризе ругилан абулеб буго Къурбан ИсмагIиловас. Амма щиб тадбирал гьел рукIине ругелали чIванкъотIун бицинчIо гьес.

Амма автомобиль бачунезул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас гIахьал гьабулеб гьечIо маршрутка бачунез чагIаз чиги тIамун кьвагьдезе тIамун ругин автобусалдеян абураб пикру. Лъабабилеб нухалдаги гьединаб пасалъи шагьаралда гьабулеб мехалъ кире балагьунин рукIунел низам цIунулелги полициялъул хIалтIухъабигиян гьикъулеб гьес. Гьеб бугин провокациялъулаб кьучIалда гьабураб такъсирлан рикIкIунеб буго гьес.

ГIисалмухIамад Набиев: «Дида киданиги кколаро маршруткаялъул конкуренция сабаблъун ккараб жо бугин гьебилан, конкуренция батаниги гьениб буго сахаб, бацIцIадаб конкуренция. Автобусалги рукIине ккола, таксиялги рукIине ккола. Шоферзабаз гьединаб инжитаб иш гьабуларо. Гьел руго къануналда цере рацIцIадго хIалтIулел гIадамал.

Дир ццим бахъун буго гьедин цоцазде гIадамалги щакдаризе тIамун щибниги хIалтIи гьабичIого ругел прокуратураялдаги, низам цIунулездаги. Гьел кквезе щвечIин, аб добин азарго гIилла бачине буго гьез. Гьеб гурони пайда гьечIел гьезие сундухъ кьолеб моцIалъе 100 000 гъурущ?».

Маршруткабазул бетIергьаби ахиралде щвезегIанги божулел рукIинчIо шагьаралда цIиял автобусал хьвадизе рукIиналда. Гьединго гьелда божулел рукIинчIо гIадатиял гIадамазул цо бутIаги, гьа гьедин бицунеб хутIулин гьебилан. Амма гьел автобусал хIалтIизе риччаралдаса гIемерав чи вохун вукIана гьелдаса.

Автобусалдего гIадин исана кIиабилеб феваралда кьвагьдон ратун рукIана МахIачхъалаялда жаниб хьвадулеб троллейбусалдеги. Гьел ратун рукIана тахшагьаралъул 13 школалда цIалулел санаде рахинчIел лъимал. Гьезул цояс рокъоса босун букIун буго инсул пневматалъулаб таманча, цоцада гьоркьоб махсаро гьабулаго лъачIого кьвагьун анин жидехъаян чIана гьел гьелъул цIех-рех гьабурабго. ЦIер гъуриялдалъун троллейбусалъе ккараб зарал бахун букIана 17 азарго гъурщиде.

XS
SM
MD
LG