МагъчIваялъе рес

ХIакимзабазе гIоло конкуренция къинабулеб буго


Октябралъул 15 абилеб къоялъ Нальчик шагьаралда тIобитIана ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъул форум. Гьениб аслияб тема букIана ракIбацIадго хIукуматалъул тендерал тIоритIи.

Пачалихъиял идарабаз ва компанияз бюджеталъул гIарцухъ щибалиго босулаго къанунал хвезариялъул хIакъалъул бицунеб букIана данделъиялда аслияб къагIидаялъ. Гьедиб мисал хIисабалда босун букIана Дагъистаналъул халкъияб собраниялъул депутатазе хIухьбахъи гIуцIиялъул иш. Фронталъул активистаз чIезабун буго дагъистаналъул парламентариязе ва аппараталъул хIалтIухъабазе путевкаби росулаго I0 млн гъуруш гIарац къанунги хвезабун харж гьабун бугин. Гьединго чIезабун буго, тендер лъазабулаго конкуренция къинабун бугин.

Тендералда руго цохIого цо фирмаялъе гурони данде кколарел тIалабал. Мисалалъе, гьенир рехсон руго маххул нухлул вокзалалдаса ва аэропортаздаса санаториялде бугеб нухлул халалъи, гьенир рукIине колел рохьал, ралъдал гьурмада данде ккун бугеб борхалъи ва гьел гурел цогидал батIи-батIиял тIалабал.

Гьединго тIалаб гьабулеб бугоан аэропорталдаса санаториялде Дагъистаналъул депутат премиум-классалъул машинаялда ине кколин, ва гьев дандчIвазе кколин VIP-клиенталгун хIалтIиялъул хIалбихьи бугев чияс. ГIаммаб къагIидаялъ хIухьбахъиялъе гьелда бараб жо щибниги гьечIо, гьел тIалабал мухIкан гьарун руго цо хасаб фирма гурони гьениб тендералда гIахьаллъизе бегьуларедухъ абун рикIкIунеб буго Халкъияб фронталъул активистаз.

Гьезул цояв Муслим Муслимовас рикIкIунеб буго, рехсараб тендералда рес гьечIин депутатас хIухьбахъиялъе кигIан гIарац хIалтIизабулеб бугебали. Гьединлъидал, фронталъ кIвар кьолеб буго гьединал тIалабазе.

Муслимов Муслим: «Ахираб заманалда руго гIезегIан чагIи гьел тендерал лъазарулаго мекълъаби гьарулел. Цереккун гIемерисел рукIана тендер лъазабулаго техническиял гъалатIал гьарулел чагIи. Гьанже руго гIемер гьелдаса жидеего пайда босизе бокьарал, ришватчилъиялъе нухал ралагьулел. Исана нижеца гьединал рукIиналда щаклъи ккун хал-шал гьабуна гIаммаб къагIидаялъ I30 миллионалъул батIи-батIиял тендерал. Гьелъул магIна кколаро гьенир гъалатIал рукIанин, гьел руго нижер щаклъи ккарал.

Гьезул чангояб нижеца чIезабуна. РукIана гьезда гъорлъ багьа бугеб автомобиль босиялъул, хираго кабинетазда ремонтал гьариялъул ва цоги батIи-батIиял. Нижеца монополиялда дандечIараб комитеталде гIарзаги кьун тендерал нахъе рахъун рукIана. Амма гIемерисеб мехалъ нижеца хIалбихьула тендер лъазабурал пачалихъиял идарабазухъе кагътал хъвазе ва гьедин чIезаризе. Цо-цо мехалъ гьез кIвар кьола, цо-цо мехалъ гIинтIамуларо. Гьеб мехалъ гIарза кьола гьезул контроль гьабулел идарабазде».

Исана марталда информалатазда ва блогосфераялда тIибитIун букIана Дагъистаналъул бухьеназулгун коммуникациязул министерлъиялъ лъазабураб тендералъул хIакъалъулъ информация. Гьелда рекъон, цеве вукIарав министр ГIалиев Сеферица министерлъиялъул цIаралдаса контракт хъван буго жиндирго васасдаса заманаялъ хIалтIизе «Тойота Ланд Крузер» автомобиль босиялъул хIакъалъулъ. Гьелъухъ кьолеб букIун буго I5 азарго гъуруш гIарац моцIие. Цебеккун гьединаб хIужаялъул хIакъалъулъ бицунеб букIана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Цо-цо информалатазул баяназда рекъон, гьеб хIужа ккана ГIалиев Сефер хIалтIудаса вахъиялъе гIиллалъун.

20II соналъ гIемер бицунеб букIана Дагъистаналъул финансазул министерлъиялъ лъазабураб автомобиль босиялъул тендералъул. Гуллица борлъулареб, жанисан лъикI къачIараб автомобилалъухъ республикаялъул бюджеталдаса кьезе хIадурун букIана 8,5 млн гъуруш. Хадуб гьеб информация тIибитIун хадуб министерлъиялъ инкар гьабуна машинаялдаса ва тендер нахъе бахъана.

«Газета.ру» порталалъул баяназда рекъон, щибаб соналъ пачалихъиял идарабазе тендерал лъазарулаго пачалихъалъул бюджеталдаса харж гьабула I триллионалдаса цIикIкIун гIарац. Гьелъул гIемерисеб гIарац бикъулеб буго.

XS
SM
MD
LG