МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъе ччугIа гуреб къваригIун бугеб, къваригIун буго ччугIа кколеб алат


Шималияб Кавказ цебетIеялъул министерлъиялъ гьал къоязда цIигьабун буго регион цебетIеялъул хасаб программа. Гьелда рекъон, цебеккун Дагъистаналъе бихьизабураб гIарац дагь гьабун буго кIиго нухалъ. Гьединго дагь гьабун буго Кавказалда социалиял проектазе биччалеб гIарац. Кинаб бугеб федералиял инвестициязул рикьиялъул цIияб къагIида, щай гIарац дагь гьабулеб ва щиб гьелъ хисизе бугеб Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда?

ЦIияб программаялда рекъон, гIагараб анцIго соналъ федералияб централъ Шималияб Кавказ цебетIеялъе биччазе буго 320 млрд гъуруш. 20I6 соналъ регион цебетIеялъе биччазе буго гьеб гIарцудаса гIицIго I3 млрд гъуруш, хадусел соназда 30 млрд щибаб соналъ. ГIарац дагь гьаби гуреб, цIияб программаялда рекъон тIубанго хисизабулеб буго гьелъул аслияб къадар хIалтIизабулеб бакI ва къагIида. Мисалалъе, цересел соназ федералияб централъ биччараб гIарцул цIикIкIарасеб къадар социалиял объектазе: школазда, яслиязда, азарханаязда ва цоги бакIазда хIалтIизабулеб букIун батани, гьанже Кавказ цебетIеялъул министерлъиялъ рикIкIунеб буго, гьеб гIарац хIалтIизабизе кколин регионалъул экономика цебетIезабиялда тIад.

Прогаммаялъул аслиял масъалабилъун лъазарун руго Шималияб Кавказалде инвестициял рачиналъе квербакъи гьаби, промышленносталда ва росдал магIишаталда ругел пайдаял коммерческиял проектазе кумек гьаби, цIиял хIалтIул бакIал гIуцIи ва гьел гурел цогидал. Гьелъул аслияб магIна буго, инвестицияздаса нахъе пачалихъалъе магъало хIисабалда тIадбуссун гIарац щвей. Социалиял идарабазда харж гьабураб гIарцуца тIадбуссун щибниги кьоларо, школаз ва азарханаяз бюджеталде гIарац кьоларо. ГьабсагIаталда абуни, бюджеталъул кризис бугеб заманалда гIарац къваригIун бугилан бичIчIизабулеб буго цIияб къагIида рехсараб министерлъиялъул нухмалъулев Лев Кузнецовас

Киналго Шималияб Кавказалъул субъектазда жаниб бищунго гIемер гIарац биччалеб буго Дагъистаналъе. ТIадехун рехсараб программаялда жаниб исана гIуцIун букIана хасго Дагъистан цебетIеялъул цоги программа. ТIоцебе гьелда рекъон гIагараб анцIго соналъ (2025 соналде щвезегIан) республикаялде федералияб бюджеталдаса кьезехъин букIана дагь-дагьккун 79 млрд гъуруш гIарац. Сентябрь моцIалъ Кавказалъул министерлъиялъ гIарцул къадар дагь гьабуна 70 миллиардалде щвезегIан. Гьанже цIигьабураб программаялда рекъон Дагъистаналъе кьолеб буго 30 млрд. ГIарац дагь гьабун буго кIиго нухалдаса цIикIкIун.

Щай гIарац дагь гьабун бугеб ва кинал рукIине ругел гьелъул хIасилал хас гьабун Дагъистаналъе абун суал кьуна нижеца Дагъистаналъул гIелмияб централъул социалиялгун экономикиял цIех-рехазул институталъул нухмалъулев Сергей Дохолянида. Гьесул пикруялда рекъон, гIарац дагьаб ялъуни цIикIкIараб букIиналда бараб жо гьечIо, гьеб хIалтIизабулеб бакIалда ва къагIидаялда гурони. ГьабсагIаталда гIарац дагьлъараб заманалда тIалъиялъ чара гьечIого гьеб суалалъул пикру гьабизе ккола.

Сергей Дохолян: «ГIарац Дагъистаналъе цересел соназдаги гIезегIан биччана, амма гьелъ кIудиялго хиса-басиял ккечIо. Аслияб жо буго киб гьеб гIарац хIалтIизабизе кколеб абураб суал. Дагьалъ цебе нижеца инвестиционнияб политикаялъул хIакъалъулъ бицунеб данделъиялда абун букIана, гIарац хIалтIизабизе кколин экономика цебетIеялда. Гьедин гурони тIадбуссун гIарац бачIунаро. Дир хIисабалда, гьеб гIарац биччалеб концепция федералияб централъ хисизаби буго битIараб гали, гьедин цебего гьабизе кколаан.

ГIарац бокьа-бокьаралъубе реххизе бегьуларо, гьеб ине ккола хасал, жидер букIинисеб бугел эффективиял проектазе. Гьединалги гIезегIан руго республикаялда. ТIоцебесеб иргаялда инвестициял гьаризе ккола промышленносталда. Росдал магIишаталда харж гьабураб гIарцул эффект дагьаб буго. Мисалалъе, нилъеца цохIо цIибил бижизабун тараб гIоларо, букIине ккола гьелдаса коньяк гьабизе ресги, курак гIезаби цо иш буго, гьелдаса джем гьабиялъул процесс гIуцIи цоги иш буго. Нилъер гьаниб аслияб масъала буго гьабулеб продукциялъул хадусеб переработка гьабунгутIи. Гьеб бугони рукIине руго гIадамазе хIалтIизе бакIалги, гьел предприятияздаса республикаялъул бюджеталде щолел налогалги.

Ахирал соназда пачалихъалъ рикIкIунеб букIана, Кавказалде инвестициялгун вачIине кколин бизнесмен, гьесие бизнес цебетIезабизе ресал гьарун хIалтIулел рукIана. Амма гьеб мекъаб иш буго, инвесторал Кавказалде рачIунел гьечIо. Гьединлъидал, пачалихъалъ жинцаго бюджет хIалтIизабизе ккола инвестициял хIисабалда. Дагъистаналда промыленносталда инветициял гьарулел гьечIо, киналго руго кафе-рестораназда, автозаправкаязда ва бакIал раялъул бизнесалда инвестициял гьарулел. Гьез гIемер гIалтIизе бакIал гIуцIуларо ва пачалихъалъе кьолел налогалги дагьал рукIуна».

Шималияб Кавказ цебетIеялъул программаялда гьарурал хиса-басиязул хIасилалда республикаялда разе проекталде росарал школал, яслиял ва азарханаялгун поликлиникаязул къадар дагь гьабулеб бугоян бицана сентябралъул ахиралда букIараб Дагъистаналъул парламенталъул сессиялда Дагъистаналъул экономикаялъул министр Юсуфов Раюдиница. Гьесул рагIабазда рекъон, чанго гьединал объектал раялъул хIалтIи заманаялъ чIезабун буго. МахIачхъалаялъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулев Мансуров ТIагьирица кьурал баяназда рекъон, тахшагьаралда яслиялде иргаялда руго 30 азарго лъимер, гьезие жеги ругезда тIаде къваригIун буго 70 ясли-ах.

XS
SM
MD
LG