МагъчIваялъе рес

15 соналъ цебе хвезабураб къанун ракIалде щвана прокуроразда


Дагъистаналъул прокуратураялъ тIалаб гьабулеб буго маслихIаталъул диванчагIи гьанжеялдаса хадур республикаялъул бетIерас тIамун гурел, парламенталъ тIаса рищун тезе.

ДиванчагIи теялда бан къабул гьабураб Россиялъул къануналда рекъон, гьел мировой абулел диванчагIи бакIалъул парламенталъ рищун тола. Гьединан хъвараб къанун бахъаралдаса 15 сон ана. Амма Дагъистаналда гьел диванчагIи хъулухъалде тIамиялъул суал бакIалъул парламенталда цебе республикаялъул бетIерас лъола. Цинги сессиялъул къоялъ депутатаз квералги эхеде рорхун, разилъи кьола пуланал кандидатазе. Лъиданиги тIадкIалъайги гьабуларо гьез. Щибаб нухалда гьелдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабула парламенталъул сессиязде рачIарал журналистаз.

Гьаб ахираб 10-15 соналда жаниб республикаялда ккана цо-кIиго хIужа ккана диванчагIилъун тIамизе депутатаз разилъи кьечIеб. Масала, депутат ва медакадемиялъул ректорлъун вукIарав ГIабдурахIман ГIусманов хъулухъалдаса гIодов чIеялъе квербакъулеб хIукму къотIарай гIадан мировой диванчIужулъун тIамизе гьаркьал кьечIо парламенталъ. Гьелдалъун депутатаз жидергун пишацояв ГIабдурахIман ГIусмановасул рахъккунин рикIкIунеб букIана журналистаз.

ПалхIасил, къануналда рекъон, мировой диванчагIилъун тезе ТIадегIанаб Диваналъ диванчагIазул квалификациялъул коллегиялде гIарза хъвазе бегьула 25 сонги барав, хасаб лъайги бугев, жинда хадуб такъсирги гьчеIев чияс. Цинги гьенире гIарзаби хъванщинав чиясул хIакъалъулъ тIадеги баянал щвезелъун ТIадегIанаб Диваналъ кагътал ритIула рахъ-рахъалде – хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалде, магъалабазул инспекциялде, масала, гъоркь рекIараб машина, жанив чIараб мина ва цогидаб киса, кигIаналде босарабали гьабула цIех-рех.

Амма бищунго хIинкъараб жо букIунин хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалдаса бачIунеб жавабилан бицана ЭР-ялъе Гъизилюрталдаса мировой диванчи Шагьрудинил МухIамадица.

Шагьрудинил МухIамад: «Гъоба хIисабалде росулел руго нилъер базаралда гIадин дора-аниса рагIарал харбал. Масала, сундухъалиго ришват босанин гьев кандидатура лъурав чияс, яги кафе-рестораналда гьекъон вихьун вукIанин гьев. Гьединлъидал гьадаб хъулухъалде аскIове къазе виччалев гьечIо гьев чи. Амма гьеб мекъи буго. Къануналда хъван гьечIо гьединаб тIасанкIалъаял хIисабалде росеян. Гъоб квалификациялъул коллегиялда гIадада гурелъул 21 чи гIодов чIезавун вукIунев. Гьез кьун суалалгун хал гьабизе ккола гьев кандидатасул кинаб даража бугебали.

Амма гIумрудулъ иш батIайисан букIунеб буго. Цебеккунго якъинго лъалеб буго щив чи мировой диванчилъун вищизе вугевали. Гьединлъидал гьел суалал-жалги къваригIарал жалгицин гуро гьезие. ХIажатал чагIи анире ритIун, дозда кIалъазарун, республикаялъул бетIерасухъе ралагьизарун хIаял гьарулел руго. Республикаялъул бетIерас жинцагоги абун букIана ритIун-чагIи рачIунел ругила жиндихъе. ПалхIасил, ахиралдехун гьел кандидатазул сияхI битIула ТIадегIанаб Диваналъул нухмалъулесухъе. Гьес гъулбасги лъун битIула парламенталде. БатIалъи щиб, гьенирги рукIине рес бугелъул чорокал, яги дандечIезе къваригIарал чагIи. Гьез документазда гъорлъ хъирщадун, бокьараб хIилла гьабизе бегьула».

Мировой диванчи Шагьрудинил МухIамадица гьединго абулеб буго парламенталда гьаркьалги кьун, диванчилъун тасдикъ гьавурав чиясе щвараб документалда лъил гъулбас букIине кколебани чIванкъотIун хъван гьечIила жибго федералияб къануналдаги.

Шагьрудинил МухIамад: «Гьелъул кколеб буго гьадинаб жо – мировой диванчилъун хIалтIизе изну кьураб идараялъ гъулбас лъураб бакI документалда кибниги букIунаро, гIицIго сессиялда къабул гьабунин гьединаб хIукму ва гьасие гьадигIан гьаркьалги щванилан протоколалда хъвай гурони».

Дагъистаналъул парламенталдаса чанго депутатас батIи-батIиял багьанабиги ратун инкар гьабуна бицен гьабулеб суалалъе баян кьезе. Гьелъие разилъана гIицIго коммунистазул депутат МухIамад МухIамадов. Гьес бицана жидер, коммунистазул, фракция дандечIун букIанила мировой диванчагIи тIамун толеб къагIидаялде. Гьел рищулеб къагIида лъикI бихьулила жидеда.

ПалхIасил, гьелда тIасан ЭР-лъе гьадин баян гьабулеб буго МухIамад МухIамадовас гьеб суал.

МухIамад МухIамадов: «Федералияб къануналъ рес кьола гьел диванчагIи рищун тезеги, тIамун тезеги. Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъ тIаса бищана тIасахун рихьизарун тIамун толеб къагIида. Байбихьуда гьедин гьабсагIат прокуратураялъ тIалаб гьабулеб куцалдаги гьабулеб букIана гьеб хIалтIи – ТIадегIанаб Диваналъ рихьизарун пуланал чагIигун, парламенталъ гьел тасдикъ гьарун. Гьанже прокуратураялъ дандечIей бихьизабулеб батани, дида ккола гьаб гIагараб заманалда жаниб нижеца битIизабилин гьеб гъалатIилан».

Къануналда рекъон, мировой диванчиясул болжал тIоцебесеб нухалда 3 сон буго бихьизабун, кIиабилеб нухалда толев вугони, щуго сон. Гьебги бугин бичIчIулареб жоян тIадежубана дов цевехун рехсарав Гъизилюрталдаса диванчи Шагьрудинил МухIамадица. Масала, диванчагIазул хIакъалъулъ бахъараб федералияб къануналда хъван буго киналго диванчагIазул ихтияралги тIалабалги, цогидабги бащадаб бугилан – кинал гьел ратаниги: федералиял, мировоял, конституциялъулал диванчагIи батIалъи гьечIого. Амма мировоял тун, батIиял диванчагIи хъулухъазда толеб тIоцебесеб болжал лъабго сон буго. КIиабизе хъулухъалда толел ругони, гIумруялъго хIалтIизе рес кьолеб буго гьезие диванчагIилъун. Гьеб мехалда мировой диванчагIазул кIиабилеб болжал абуни, щаялиго, 5 сон гурони гьечIин абулеб буго Гъизилюрталдаса мировой диванчи Шагьрудинил МухIамадица.

XS
SM
MD
LG