МагъчIваялъе рес

Прокуратура: МахIачхъалаялъул лицеялда бикъун буго 900 млн. гъурущ


Дагъистаналда тIатIинаруна лицеялда цIалулел лъималазе кваниеги гьенир хIалтIулел мугIалимзабазе премиязеги биччараб 900 миллион гъурущ бикъарал чагIи. Лицеялъул нухмалъулейги малъун ункъо чи вуго гьезул. Прокуратураялъ диваналде ритIун руго гьезда хурхун гьарурал цIех-рехалъул хIасилал.

Республикаялъул гIемеррахъазулаб лицеялъе Дагъистаналъул бюджеталдаса биччараб гIарцуда гьоркьоса 900 млн гъурущ бикъиялда бан прокуратураялъ рехсолел руго МахIачхъалаялдаса Мурад Гъафуровасулги, Зайнаб ХIамзатовалъулги, МухIамад Матагировасулги, Марина Шиловалъулги цIарал.

Гьезда хурхун гьабураб цIех-рехалъул хIасилал диваналдеги ритIун руго прокуратураялъ.

ЦохIо лицеялдаса цо млрд-лде гIагарун гъурущ тIокI гьабун буго лъималазе квание бихьизабурабги гьединго лицеялъул мугIалимзабазе премиязе кьезе кколеб букIарабги гIарцуда тIасан. Гьебги бикъун буго лъабго соналда жаниб. Гьелда гъорлъ гIахьаллъун руго республикаялъул лъай кьеялъул министерлъиялъул Экономикаялъул БутIаялда хIалтIулев вукIарав Матагиров МухIамадги, доб гIемеррахъазулаб лицеялъул бетIерав бухгалтер Зайнаб ХIамзатоваги, «Алан» ва «Авангард-М» абурал фирмабазул нухмалъулев Мурад Гъафуровги.

Гьелда бан лъай кьеялъул министерлъиялдаса цониги вакиласухъа баян щвечIо, гьез батIи-батIиял багьанаби ратана. Абуна гIицIго гьабсагIаталда вугев министр ШагьгIабас ШагьгIабасов вачIиналдего бикъараб гIарац бугин гьебилан.

Гьеб лицеялъул директорасул ишал тIуразе республикаялъул лъай кьеялъул министерлъиялъ тIадкъан буго гьанжелъагIанги гьенивги дарсал кьолев вукIарав Борис Ханукаевасда. Директор Квимсадзе Елена кодое щвечIо кIалъазе.

Гьей шагьаралда гьечIин бичIчIизабуна ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Борис Ханукаевас.

Борис Ханукаев: «Елена Евгеньевна гьабсагIаталда кодое щвечIого йикIинеги бегьула нужехъе, гьей шагьаралда гьечIин ккола, сахлъи щула гьабизе араб гIадаб жо буго. Нужеца гьикъа-бакъи гьабулеб гьеб 900 млн гъурщил хIакъалъулъ дида чIванкъотIун гьабин жо бицине кIоларо, гIицIго цIех-рех гьабизе байбихьаралдаса лъагIел унеб бугилан бицин гуреб. Дун гьанив лицеялда завучлъун вукIна, гIарцул ишалда гьоркьов вукIарав чи гуро дун. Амма ХIисаб кьолеб палатаялъ гьаниб цо гIарцул гIунгутIи букIин тIатинабунин хабар букIана. Гьелъ гIажаиблъи гьабизе тIамун рукIана киналго. Щайин абуни нижер лъималаз республикаялда лъикIал хIасилал рихьизарулилан цIар букIунелъул. Масала, гъоркьисала тIобитIараб цогояб пачалихъияб экзаменалъул хIасилазухъ балагьун, нижер лицей гьанже рехсолеб буго Россиялда бищун лъикIаб 500 школалда гьоркьоб».

ТIадехун идарабазда ругел хIакимзабиги рекъон гурони, гIадатиял хIалтIухъабазда гьединал цIогьал тIаде росизе кIоларин абураб пикру загьир гьабуна ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда низам цIунулезул цо-цо вакилзабазги. Гьедин гьеб гIемеррахъазулаб лицеялдаса гIарац бикъизе «Алан» ва «Авангард-М» абурал фирмаби хIалтIизаруралго гIадин, зама-заманалдасан тIатинарулел ругила цо къоялъул фирмабийин абурал жалазда тIадги хъван бюджеталъул гIарац бикьа-къотIиялъул хIужаби. Масала, чанго моцIалъ цебе Дагъистаналъул Арбитражалъул диваналда рагIалде бахъана анкьго моцIалъ халатбахъараб диваналъул процесс. Гьениб хIукму гьабуна «Кредит-инвест» банкалъухъа I24 млн-гун 636 азарго гъурущ бахъизе. Гьбе букIун буго росабалъ гIумру гьабулел мугIалимзабазе рукIа-рахъиналъул шартIал лъикIлъизабизе биччараб гIарац. Амма гьезухъе кодобеги кьечIого, Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялъ мугIалимзаби тIамулел рукIун руго «Кредитинвестбанкалда» счет рагьейин. Рагьулеб букIун буго гьезги. Амма нахъисеб къоялъго, гьеб гIарацги къабул гьабун, гьеб банкалъ лъазабулеб букIун буго нужер гIарац кинабалиго фирмаялде битIанин. ЦIех-рех гьабизе лъугьиндал, гьел къан ратун руго.

ЦIикIкIараб къадаралда бикъун, ахираб заманалда тIатинарурал хIужабазда гъорлъ рехсезе бегьула Хъумторхъала мухъалда бикъараб пачалихъалъул I60 млн гъурущги. Гьелъие гIоло диван гьабизе буго I0 чиясе. Гьезул бищун аслияв – Хъумторхъала мухъалъул бетIер - Руслан Тотурбиевин абуни, рукъалъул туснахъги кьун тун вукIарав чи тIагIун вугин лъазабуна гьал къоязда низам цIунулез.

Гьеб I60 млн гъурущ гьезги "ЭсидБанкалъул" филиаллъун кколеб «Альба» банкалде рехун бикъун буго.

XS
SM
MD
LG