МагъчIваялъе рес

НекIсияб тахшагьар, Темирхан – Шура… ва рищиял


Буйнакс шагьаралъул собраниялде ветераназул партиялъ росарал бакIал руго Дагъистаналда бижун бачIунеб гражданазул жамгIияталъул гIаламатал. Гъоркьан роцIцIунеб буго, хIажат буго гьанже тIасан ихтиярал цIунулеб пачалихъги законалда цере ращалъиги власталъ чIезабизе. Гьелде бачIараб гIадаб, кутакалда эркенал ва рацIцIадал гIадамазул гIундузда рагIизе бокьилеб гIадаб жо абуна живго ГIабдулатIиповасги рищияздаса хадуб.

«Дагъистаналда тIоцере тIоритIана гIарцухъ гьаркьал ричун росуларел рацIцIадал рищиял. Гьезул хIасилал батIи-батIиял руго. Масала, Буйнакс шагьаралда бергьана ветераназул партия ва къуна «Единая Россия».

Партиял кинал къуниги рацIцIадал рищиязул хIасилаз Дагъистан бергьана. Гьелго хIасилазде балагьун хисизе буго шагьаралъул нухмалъиги» - ян абуна ГIабдулатIиповас. Республдикаялъул бетIерасул гьел рагIаби киназго къабул гьаруна гъоркь букIараб власталъе ахир лъей ва гьенив цIияв, рищиязда бергьарав бетIер вищизе вугин абураб гIадин. Щаялиго ахирал къоязда социалиял сетазда, халкъалда гьоркьоб тIобитIана хабар Буйнакскиялъул мэр ХIусен ХIамзатов хисун ХъахIаб рукъалъ МахIачхъалаялъул мэрасул тIоцевесев заместитель ГIабдулмуъмин Ибрагьимов витIулев вугин. Гьеб хабар официалияб власталъ я тасдикъ гьабичIо жеги, я гьереси гьабичIо. Амма рищиязда бергьарал буйнакскиялъулал кутакалда данде рагъарана гьеб кандидатураялда.

Митингал, харбал, хитIабал, хIатта автобусалгун Москваялде ине ругин жидеца вищарав чи мэрлъун лъечIого абун рагъарана гьел. Балагьараб мехалда гьаб кинабго рагъа-рачари лъугьун буго гьезул гIемерисеца мухIкан гьабун цIияб рищиязул закон цIаличIолъиялъ. Гьелда рекъон бетIерлъун толев чи ХъахIаб рукъалъул комиссиялъ вихьизавуниги депутатазул корпусалъул ихтияр буго гьеб кандидатура нахъ чIвазе.

Щибха алъул ккезе бугеб? Масала, ХъахIаб рукъалъ витIизеги витIун, комиссиялъ тIасаги вищун ГIабдулмуъминил кандидатура кьуни, депутазул рес буго гьев вищунгутIизе. Аз жидедаго гьоркьоса ветераназул цевехъан ГIусман ГIусманов вихьизавуни, комиссиялъул рес буго нусго багьанаги батун ГIусман нахъе реххизе. Гьединлъидал кIиябго рахъ маслихIаталде ва кIиялго разияб хIукмуялде рачIинчIого рес гьечIо. ТIаде жоялъе нилъеда лъаларо жеги, бугищ ХъахIаб рукъалъул ва живго ГIабдулмуъминил гьеб тахбакIиде ине хиял?

Щиб хIисабалъ ГIабдулатIиповас буйнакскиялъулал данде чIун рукIаго дове ав витIилев? Щай халкъалъ вищарав ГIусманов данде кколарев? Гьесда гIунтIизабулеб гIайиб батила Саид Амировасул чи вукIанин. БатIаго ГIабдулмуъминилги тушман вукIун рагIуларогури Амиров? Чан ватилев хъулухъги щварал, ресги бугел Амировасул гурел гIадамал Дагъистаналда? Суалал… суалал рачIунел руго.

Дир хIисабалда, кодоб административияб ресурсги букIаго 18 процент гурони власталъул партиялда босизе кIун батичIони, чара гьечIого нахъе ине ккола жакъасев мэр. РацIцIадал рищиязул хIасилалда ветеранал бергьун ратани, гьезул чиги виччазе ккола бетIерлъуде. Гьеб букIина жамгIияталъулги – гъоркьан, власталъулги – тIасан, цоцахъе бегьараб квер. ХIисабалде босизе ккола халкъалъул пикру рацIцIадал рищиял гьарун рукIун ратани. ГIабдулмуъминие жакъасеб хъулухъ гIун батичIони цойги хъулухъги кье абе тIаде, гьесул хъулухъалдаса республикаялда парахалъи букIин ва рекъон хIалтIи кIвар бугеб буго. Темирхан-Шура – некIсияб шагьар, Дагъистаналъул тIоцебесеб тахшагьар, жанир гIемерал кIвар бугел ва кIудиял ишал ккараб бакI.

Гьеб шагьар гIуцIизеги, цIунизеги цебе бачинеги ккола халкъгун рекъон. Дида ракIалда буго гьанжеялдаса анцIила хадуб соналъ цебе гьеб шагьаралда анцIго процентцин даргиял гьечIониги хIалица, гьаркьалги ричун росун къазавун вукIана Къадаралдаса Абакар Акаев абурав чи мэрлъун. Щибниги жамгIияталъул дандечIейги букIинчIо, къулчIана кинабго инжитлъи. Гьеб рагIараб лахIзаталъго ЧIикIаса дир гьудул ГIабдурахIман Абуриковас реххана ункъго мухъ кочIол:

«НекIсияб тахшагьар, Темирхан – Шура -

Шагьабазухъ гьаркьал ричараб шагьар.

Дийни мун кидаго буго тахшагьар,

ТахбакIалъул кверщел лъихъ бугониги» - ян.

Бегьуларо политикиял экспериментал гьаризе гьединаб шагьаралда. Министрал бегьила къо гьоркьоб биччан рахъизеги хисизеги, шагьаразул бутIрул халкъалъ рищичIони ва гьезулгун гIаммаб мацI батичIого монополия гьабуни, шагьар холла гьениб ва гьеб сверула кIудияб жаниб горожаназул жавабчилъи гьечIеб, бокьарас бокьараб гьабулеб «деревнялде». Росдаде гуребха, росулъ гIадлу ва жамагIат букIуна. Хабар лъикIаб рагIайги.

-------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG