МагъчIваялъе рес

«Хвараз гьаркьал кьуниги» Буйнакскалда «Единая Россия» къуна


ГьатIан къояъ Дагъистаналда рукIарал муниципалиял рищиял, церехун саназде данде ккун мисалияб хIалалъ анин, цо чанго гурони гIадлу хвезабиялъул хIужаги букIинчIин, гIадамалги цIакъ жигарго рачIунел рукIанила гьаркьал кьезейилан абурал баянал кьолел руго республикаялъул рищиязул идараялъ.

ТIубан рищиязул хIасилал данде росун рахъун гьечIо, цереккун кьурал баяназда рекъон республикаялъул гьаркьал кьолезул 66 процент гIахьаллъанин рищияздайилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул рищиязул комиссиялъ.

Гьезулго баяназда рекъон МахIачхъалаялда гьаркьал кьолезул 76 процент гIахьаллъун руго рищиязда. Амма гьел баянал гьересиял рукIин чIезабулеб буго гIемерисел хIукуматалъул гурел информаталазда хIалтIулел журналистаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз.

Гьез лъазабулеб буго унголъун гьаркьал кьуразул къадар 20 проценталдегицин бахинчIилан, гьелги бюджеталдасан харж щолел мугIалимзабиги, медицинаялъул хIалтIухъабиги, тарбиячагIиги кколилан.

БатIи-батIиял баяназда рекъон нухмалъиялъ гьезул щивасда лъазабун букIун буго бюллетеналда кинаб номералда гъоркь вугев кандидатасе гьез гьаракь кьезе кколебали. КиналгIаги гьел кандидаталги «Единая Россия» партиялъул вакилзаби рукIун руго.

«Эркенлъи» радиоялъул мухбир щвараб чанго рищиязул бутIаялдаги гьаркьал кьезе рачIунел чагIиго рукIинчIин абизе бегьула. Масала, бащадаб сагIаталда жаниб 3 чи гурони вачIинчIел бакIалги рукIана.

Гьединго нижехъе щварал баяназда рекъон МахIачхъалаялда рищиял лъугIизе бащадаб сагIат хутIараб мехалдацин цо-цо рищиязул бутIаязда чанго анцI-анцI гьаркьал кьолезул цIарал хъварал сияхIазда цо-цо чиясда нахъа гурони гьаракь кьунилан хъван букIун гьечIо.

МахIачхъалаялда рищиязда халкколев вукIарав жамгIияв хIаракатчи Зайналов ХIасаница бицунеб буго гIадамал рищиязда «Единая Россиялъе» гьаркьал кьезе тIамулеб букIараб къагIидаялъул цоялъул.

Зайналов ХIасан: «Хасал кагъталги кодор ккун шагьаралда батIи-батIиял рищиязул бутIабаздеги ун цого чагIи рукIана «Единая Россиялъе» гьаркьал кьолел. Гьел гIадамал раччулеб хасаб транспортги букIана. Гьеб иш нухда бачунел чагIиги рукIана МахIачхъалаялда гьоркьоре унел мухъазул хIалтIухъаби.

Гьеб схема кин хIалтIулеб бугебали бихьизе дунги босун гьеб кагъатгун ана гьаракь кьезе. Сочи 2014 сонилан тIад хъвараб кагътил кесек букIана гьеб. Рищиязул бутIаялда дица гьеб кагъат бихьараб мехалда дица киб гIумру гьабун бугебали бихьизабулеб хъвай-хъвагIаялъухъ балагьичIо, щибниги цехIечIо лъицаниги».

Гьединго махIачхъалаялъулазул разигьечIолъи букIана гьаркьал кьолезул сияхIалде жидер цIарал росун ратичIолъиялъ рищиязда гIахьаллъун бажаринчIин абун.

Дагъистаналда бищун хIалуцарал рищиял унел рукIанин абизе бегьулеб Буйнакскалдаги аслияб къагIидаялъ гьел гьаркьал кьолезул сияхIал мекъи гIуцIун рукIиналда бан букIана халкъалъул разигьечIолъи. «Партия Ветеранов России» ва «Единая Россия» партиязул кандидатазда гьоркьоб букIана аслияб къец. Гьениб бергьенлъи ветераназул партиялъ босана. Гьезул киналго кандидатазе щвана бищунго цIикIкIун гьаркьал.

ГIаммаб къагIидаялъ босани буйнакскалъулазул 68 проценталъ гьеб ветераназул париялъе кьун руго гьаркьал. Буйнакскалъул мэр ХIусен ХIамзатовасде дандечIараз гIуцIараб гьеб партиялъул гьединал хIасилал ккей ва «Единая Россиялда» тIад бергьенлъи боси гьеб шагьаралда гьабураб инкъилабалда релълъунин абулеб буго экспертаз.

Гьеб партиялъул вакилзабаз лъазабулеб буго депутатазул мажлис цIидасан гIуцIун бахъарабго жидеца Буйнакскалъул бетIер ХIамзатов ХIусен хъулухъалдаса вахъиялъул суал борхизе бугин ва гьесул бакIалда цевеги шагьаралъе нухмалъи гьабулев вукIарав ГIусманов ГIусман вищизе вугилан. Дагъистаналда Буйнакскалда гурони тIокIаб цониги бакIалда рищиязда «Единая Россия» цойгидаб партиялъ къезабичIо.

Гьел рищиязда гIадлу хвезабулел чагIиги аслияб къагIидаялъ единоросал рукIана. «Эркенлъи» радиоялъул мухбир нугIлъун йикIана гьедин рищиязул комиссиялъул гIахьалчагIаз кIи-кIи, лъаб-лъаб бюллетенал кьун гIадамал «Единая Россиялъе» гьаркьал кьезе тIамулел рукIун, рищиязда хадуб халкколел ветераназул патиялъул вакилзабаз ахIи-хIун бахъинабиялъул, гьединго единоросалги рищун хIадурарал бюллетенал реххулагоги тIадккун, кIиго рищиязул бутIаялда ракъккезе бахъана.

Гьел реххулаго тIадккурав ГIалиханов Шамиль полициялъ ккун вачун ана. Гьединго гIадамазул разигьечIолъи букIана гьаркьал кьолезул сияхIалд жалго ратичIолъиялда бан, ва гьезул баяналги хъван цIияб сияхI гьабизе рищиялъул комиссиялъул чагIан инкар гьабулеб букIиналда бан. Халгьабулезул хIарактчилъиялдалъун тIатана гьединго чанго соналъ цере хварал чагIи рищиязда гIахьаллъун рукIин, яги рищиязде рачIинего-рачIинчIел батIиял шагьаразда ругел гIадамаз гьаркьал кьун ратиялъул хIужабиги.

Гьеб хIужаялъе гIоло рищиязул бутIаялда Буйнакскалъул рагъулаб часталъул хIалтIухъабазе батIи-батIиял багьанабиги ратун гьаркьал кьезе риччангутIиялъе гIоло жамгIиял хIаракатчIаги ва рищиязда хадур халкколел республикалъул рищиязул комиссиялъул нухмалъулесухъе ахIдана. Гьев гьоркьове жуван хадуб гурони аскарил рищиязда гIахьаллъизе риччачIо.

Къасиялдехун 200 гIан чи гIахьаллъараб ракъ-кьалги ккана рищиязе гIоло Буйнакскалда. 9 школалъул азбаралъуб автомобилалда жаниб Единороссаз гьаркьазухъ гIарац кьолеб бугин абурал баянал щварал журналистаз гьеб кьолеб куц бахъизе хIал бихьун буго.

Гьеб бахъулев вукIарав журналист Аримов ГIарипил видеокамераги, фотограф ГIалиев ГIабдулхIазизил фотоппаратги гъурун буго гьеб автомобилалъур рукIараз. Гьенире тIаде ракIарарал ХIамзатовасул рахъккурал ва ГIусмановасул рахъккурал цоцалъ рагъун руго. Гьел ратIа гьаризе полиция эххеде кьвагьдеезецин ккун буго.

Гьединабго кьвагьа-гIанхъи гъорлъ бугеб гъалмагъир ккун буго рищиязул заманалда Бабаюрталдаги. Гьениб цо рищиязул гIахьалчи цойгидасде кьвагьдон вуго, гьев лъукъарав азарханаялде щвезавун вуго.

Гьединго Дагъогниялъул шагьаралъулаб газеталъул редактор МухIамад ХанмухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана рищиязул заманалда гьеб шагьаралдаги «Родина» партиялъул рахъалдасан депутатлъиялде кандидат, ДагъОгниялъул педагогикияб училищеялъул нухмалъулев Акимхан ГIабасовасул васасги кьвагьдон, гъалмагъир гьабунилан.

МухIамад ХанмухIамадов: «Гьев педучилищеялъул нухмалъулесул васас кIиабилеб школалда бугеб рищиязул бутIаялда бюллетенал реххулеб къали хвезабизе хIал бихьун буго, амма полициялъ квалклвал гьабун буго гьесие.

Буйнакскалъул 5-билеб номералъул школалда рищиязул комиссия
Буйнакскалъул 5-билеб номералъул школалда рищиязул комиссия

Гьес ва гьесул гьалмагъзабаз гьебго гъалмагъир анкьабилеб школалда бугеб рищиязул бутIаялдаги гьабизехъин букIун гьелгун къацандизе ккун руго «Трудовая партии России» партиялъул вакилзаби.

Гьев ГIабасовасул вас гьезде кьвагьдон вуго травматикияб танчица. Гьел гIолохъабазул цоясда гулла щун буго гъажалда, цойгидасул бох лъукъун буго. Кьвагьи бахъинабуравги гьесда цадахъ рукIаралги полициялъ ккун руго».

14 сентябралъул бакъанидаги Дагъистаналъул рищиязул идараялъ рищиязул официалиял баянал къватIире кьечIо.

XS
SM
MD
LG