МагъчIваялъе рес

Рищиязул, власталъул ва депутатазул хIакъалъулъ


Араб гьатIан къоялъ нилъер республикаялда рищиял тIоритIана. Гьел рищиязул официалиял сияхIалги, хIасилалги дида рихьичIо, рихьизе валагьизеги валагьичIо. Нужееги ал щайха, гьадингоги хIасилал тIоритIилелдего лъалел жалазул.

ЦохIо Буйнакскиялда ветераназул партиялъ «Единая Россия» къезабунин рагIана. Гьелги я ветеранал цIакъал рукIун, я «Единая Россия» квешаб букIун кьурал гьаркьал гуро, гьел руго шагьаралъул бетIерлъун вугев ХIусен ХIамзатов абурав чиясда данде кьурал гьаркьал.

Живго ХIусен абуни аз шагьаралъул собрание бищилелде щуго къоялъ цеве иргадулаб щуго сонил болжалалда вищун вуго гъоркь рукIарал, чанго къоялдаса болжалги лъугIун нахъе унел депутатаца.

Гьединаб, гIурус законалъул жагъалаб бакIги балагьун партIан тахбакIиде вахун рагIула ХIусен. Щибха гьаб хIалалъ нилъее бицунеб бугеб? Гьаб буго жеги улкаялъул рищиязул законалда гIемерал хъахIал тIанкIал, тIурачIел, камилъичIел, гIадамал гуккизе тIадчагIазе ресал тарал бакIал ругин абураб жо.

Нилъер мунагьал рахчаяб СССРалъ ахирисеб кьерда кьижулей дояркаги, доклад халалъиялъ кьижарав вехьги депутаталлъун гьарулел рукIараб заман анаха улкаялда цадахъ. 90 абилел соназул демократиялъ ва эркенал рищияз политикаялде рачун рачIана гIемерал интересал батIи-батIиял гIадамал.

Рамазан ГIабдулатIипов, Руслан Хасбулатов, Расул МикагIилов, Муса Манаров, МухIамад ТIолбоев гIадал лъайги, гьунарги бугел гIадамалги, гьездаго цадахъ миллиял рагъа-рачариязул церехъаби, банкирал, рэкетирал, наркоманал, бандитал ва гьезде бачIараб хъуш-хъаламги.

ТIолго халкъалъул рищиязда гIарцухъ ричун росун, хIинкъизарун, фальсификациял гьарун гIемерал бандитал рачIана бакI-бакIазда власталде. Гьеб ахIвал-хIалалда рукIана чагIи цохIо мандаталъул рищияз пайда кьолеб гьечIин хIажат ругин партиязул сияхIазул рищиял абулелги.

Ай жидерго хасаб платформаги, программаги, рахъ кколеб электоратги бугел чагIи парламенталде рорчIани гьез хIалтIи гьабилин абулел. Гьелъги хIасил кьечIо, долго бандитаз байбихьана партиязул сияхIалги жидецаго гIуцIун тIоцесевлъун жив, кIиабилевлъун жиндир вас, лъабабилевлъун вацгIал хъвазе. Гьел ана власталде. Жибго партия абураб жо букIинего букIинчIо гьениб.

Щиб жоха кколеб партия? ГIаммаб идеологияги бугеб, программаги бугеб, социалияб статусалъ, ялъуни цогояб дунял бихьи ва бичIчIиялъ, яги цогидаб гIиллаялъ данделъарал гIадамал. Гьеб рахъалъ жакъа парламенталда цониги партия гьечIо, щай гурелъул гьезул щивасул буго жиндирго чвантил интерес, жиндир партиялъул уставалда щиб хъван бугебалицин лъаларо гьезда.

Дагъистаналда гIаммаб иделогиялъ ва божилъиялъ цолъараб кIиго гурони партия гьечIо. Дица гьелъул рахъалъ цебегоги хъван букIана. Гьел руго суфиял ва салафитал, амма гьезул цонигиял официалияб къагIидаялъ регистрацияги гьабун рищиязде унаро. Ине риччазеги риччаларо. Нагагь риччани жакъасеб Динияб Идараялъул ресурсалъ эркенго парламенталда бищунго цIикIкIун бакIал росула.

Гьезул пачалихъалдаса къураб ресурс гьечIо жакъа. Гьел унаро власталде, гьеб лъикIищ квешищалиги абизе захIмат буго. Гьеб батIияб тема буго. Щибха ккараб нилъер рищиязул тарихалъул ва тIаса рищарал нухазул. ТIоцебесеб – СССРалъ хIакъикъиял рищиялги гьаричIого тIасан рихьизарулаан дояркабигун гIухьби кверал рорхизе.

КIиабилеб къагIидялъ 90 абилел соназда политикаялде рачана цере тIурал, лебалал гIадамалги, гьездаго цадахъ бандиталги. Гьелъул хIасилалда республика ккана хасал къокъабазул гъоркьлъалиде, жакъаги эркен гьабун бахъун гьечIо. Лъабабилеб, партиязул сияхIаздалъун рищулеб къагIидаялъ тIубанго къоно чIвана демократиялда, халкъалъул божилъи хвана рищияздаса. Гьебги хIалтIичIо, хIажат буго цIияб нух.

Дир хIисабалда киналго бутIрул, росдал бегавуласдаса районалъул бетIерасде щун рищизе кола тIолго халкъалъ, кигIан захIматаб нух гьеб батаниги. Парламент гьабизе ккола бащдаб цохIо мандаталдаса унел, рагьун халкъалда цере жидер программагун рахъулел депутатазул, бащдаб – партиязул сияхIазул. Жалго цо мандаталдаса арал депутатазул бокьараб партиягун парламенталда вищун хадув хIалтIизе рес букIунеб хIалалъ.

Гьел киналго процедурабиги хIалтIизе ккола законалъул гIорхъабаздаса къватIире цо мискъалул зарраялъ рахъичIо. БичIчIула гьелъул захIмалъиги, гьелъ гьаризе ругел заралалги. Амма жеги дунялалъул практикаялда ургъун гьечIо демократиялдаса ритIухъаб нухмалъиги, гражданазул жамгIиятгун ихтиярал цIунулеб пачалихъги гIадин санагIатаб къагIидаги гIумруялъе ва гIадамазе.

Гьеб гIуцIизе ккани бищунго аслияб жо буго рацIцIадал рищиялги, халкъалда цебе жавабчилъи бугеб властги. Кида нилъ гьелде рачIулел абураб суал хутIулеб буго жеги суаллъун.

XS
SM
MD
LG