МагъчIваялъе рес

НекIсиял накъищал - халкъазул хаслъиялъул мацI


«ГIучIалтIан, бухча ва чирахъ» абураб выставка унеб буго гьал къояз МахIачхъалаялда бугеб «ВахIидат» абураб галереялда. Гьеб кколеб буго «МагIарул рукъ» абураб проекталъул кIиабилеб экспозиция.

Гьелдаса цебе галереялда тIобитIун буго «ЧохтIо ва гъамас» абураб выставка. Галереялъул нухмалъулей ВахIидат Шамадаевалъ абулеб буго выставкаялъул мурад бугин гIадамазул кIвар буссинаби некIсиял, умумузул рукIарал тIагIалабазде, гьезулъ бахчун бугила миллатазул хаслъи. Гьел тIагIалабазул щибаб кколила такрарлъи гьечIеб ва цо миллаталъул цогидаб миллаталда релълъинчIеб бугила гьебго гIуччIалтIан босанги яги бухча босаниги.

Выставкаялда цере росун ругел гIучIалтIан, бухча ва чирахъ кколел руго щибаб магIарул рокъоб рукIунел рукIарал жал. ГIучIалтIан богорокъоб жаниб гелал, гъудал, цIам лъун, къеда ран рукIунел рукIарал, бухчаби рукъариялъул тIагIелал жаниб лъолел гьитIинабго таргьа ва чирахъ, мугIрузде электричество щвезегIан, ХХ гIасруялъул 30 соназги жеги хIалтIизабулеб букIараб канлъи гьабизе. Амма цо цIар бугониги, щибаб гьеб тIагIелалъул бугила жиндирго тарих, ва жиндир хаслъи. Гьедин, гьебго гIучIалтIан цо миллаталъул цогидаб миллаталъулалдаса батIияб букIанила халипаялъги, тIад ругел накъищазгийин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ВахIидат Шамадаевалъ.

ВахIидат Шамадаева: «Галереялда руго магIарулазул, даргиязул, цо-цо тумазулги гIучIалтIамал. ГIучIалтIан букIана щибаб хъизамалда. Мискиназул гьел рукIана гIадатал,рес бугезул дагьал чIухIун къачIарал, амма гьеб цIунулаан ясбер киниги. ГIалимчи Шиллингица хъвалеб буго магIарулазул гIучIалтIан рукъалъул культалъул элемент кколилан. Щибаб миллаталъул буго жиндирго хаслъи. Масала, магIарулазул гIучIалтIамал руго тIасинаб рахъ гургинккарал ва гьел лъабго бутIа бугел руго.

МагIарулазул гIучIалтIамазда рукIуна аслияб куцалъ геометрикиял накъищал ва рукъалъул кIамураби рахъун. Даргиязул гIучIалтIамазул тIасинаб рахъ ункъбокIинаб букIуна, ва гьезул рукIуна чуязул бутIрул гIадинал элеменал, гьединго гьел къачIан руго бикIун гьабураб малъазул накъищаз. Тумазул гьединго ункъбокIинал, тIад накъищал рахъарал ва рухIчIаголъаби рахъарал руго. Гьелдаса бихьула щибаб миллаталъул хаслъи цIунулеб букIин гьел тIагIелаз».

Бухчабазул бицанани, гьел хIалтIизарулел рукIана хас гьабун руччабаз, жанир рукъариялъул алатал ва цогидал тIагIалаби лъезе. Щибай чIужугIаданалъ хIаракат бахъулеб букIун буго жиндир бухча цогидалазда релълъараб букIинчIого букIине. ГьабсагIталда гьеб тIагIел хIалтIизабизе байбихьун бугила гIолил ясаз кодоб кколеб къвачIа гIадин.

Яс росасе кьолеб заманалде гьелъ жинцаго букъулеб букIун буго жиндиего бухча. Гьеб букъизе хIалтIизарулел рукIун руго хириял ххамил кескал, кьер-кьерал яги цо кьер бугел.

Чирахъал выставкаялда руго кубачиязул, бищинго машгьураб, тIогьиб хIинчI чIараб ва мазгаралъул гьабураб. Руго гьединго ираналдаса рачIарал чинидул, хъахIилаб щагIил ва бархъалисезул, руго Азербайджаналдаса рачIарал розол чирахъалги.

Щай галереялда тIоритIулел выставкаби чанго тIагIел цадахъ босун гьабулеб ва щай гьеб гIучIалтIан, бухча ва чирахъ цадахъ росаралали баян гьабулаго искусствоведалъ бицана гьел ругила цуцада хурхарал ва гьел киналго кколила руччабаз квализарулел.

ВахIидат Шамадаева: « Цебесеб нижер экспозиция букIана «Гъамас ва чохътIо». Гъамас ккола бищун къиматаб жо цIунулеб бакI. ЧохътIоги ккола бищун къиматаб, чIужугIаданалъул къадру цIунулеб алат, гьелъ росун рукIана гьел цадахъ. Гьаб экспозициялда босараб гIучIалтIан, бухча ва чирахъ ккола жидеда жаниб магIарулазе гIадатияб гIумруялда хIажалъулел алатал цIунулел жал. ГIучIалтIаналда жанир рагI-мачалъул тIагIалаби, цIам ва цогидаб цIунун букIунаан, бухчаялъул гьединго цIунун букIунан рукъарулел тIагIалаб ирукIа, гIарац яги цогидаб хIажатаб. Чирахъалъуб букIана канлъи ва гьединго чирахъ бакулеб сакI цIунун букIунаан гIучIалтIаналъуб».

«ВахIидат» абураб галерея кколеб буго хIукуматалъул гуреб, нухмалъулелъ баян гьабухъе, гьезие выставкаби тIоритIизе квербакъи гьабулеб буго музеяз. Киналго тIоритIулел выставкаби кколел руго рахIмуялъулал, эркенго жанире рачIине рес бугеб.

Киналго экспозициялда ругел тIагIалаби кколел руго гвангъарал мисалал Дагъистаналъул халкъазул халкъияб махщелчилъиялъул.Иргадулаб, галереялда тIобитIизе бугеб выставка хурхараб букIине бугила чед бежиялда. Квангъа, сахI, цIалкIу, коразул кинал рукIунел рукIарал тайпаби, чадида тIад чIвалел мугьраби ва батIи-батIиял милатазул батIи-батIияб чедги, гьеб гьабулеб къагIидаги бихьизабизе бугила выставкаялда.

XS
SM
MD
LG