МагъчIваялъе рес

Камил Чутуев: «Дица дирго хIалтIи хIалтIилъун рикIкIунаро»


Камил Чутуев ва гьесул лъимадул лъимадул лъимер
Камил Чутуев ва гьесул лъимадул лъимадул лъимер

29 августалда Дагъистаналъул ТIоцебесеб Галереялда рагьана цIар рагIарав фотограф Камил Чутуевасул иргадулаб экспозиция. «Дир рекIелъ Дагъистан буго» абураб цIаралда гъоркь унеб бугеб гьеб тадбир тIобитIана фотографасул гьавураб къоялъул хIурматалда.

Гьаб нухалъ экспозициялда бихьизабун буго Чутуевас батIи-батIиял саназ рахъарал 200 гIан сурат. ГIемерисел суратазда фотографас рихьизарун руго гIадатиял гIадамал, дагъистаналъул росаби ва тIабигIат.

Экспозициялъухъ балагьизе рачIараз киназго гIадин абулеб букIана Камил Чутуевасда гIадин берцинго гIагараб ракь лъиданиги бихьуларин ва гьесда гIадин гьеб цойгидаздаги бихьизабун бажаруларилан.

Искусство лъазабулей Вагидат Шамадаевалъги Эркенлъи радиоялъе бицана жиндий хасаб, гIажаибаб асар гьабулин Камил Чутуевасул хIалтIабазилан, жий дагьабги цIакъ гIагараб ракьги, гьелъул гIадамалги рокьизе тIамулин гьесул суратазилан.
Камил Чутуевас рахъарал суратазул экспозиция
Камил Чутуевас рахъарал суратазул экспозиция
Вагидат Шамадаева: «Экспозициялъ дун цIакъ гIажаиблъизаюна. Камилие Дагъистан, нилъер ватIан ва гIадамал рокьулеб куц бихьун дун кидаго гIажаиблъун хутIун йикIуна.

Гьаб нухалъги гьединго ккана. Гьесул букIунеб гIажаибаб, хIеренаб, берцинаб балай гIадамазде, хасго лъималазде. Гьеб киналъго дун кутакалда йоххизаюла.

Гьаб заманалда хасго хIажат буго гьеб Камлил ватIан бокьиги, гIадамаздехун бугеб адаб-хIурматги.

КигIан божизе бокьичIониги гьаб заманалда гIолилазда ватIан бокьи щибалицин лъалеб гьечIо. Камил кидаго хутIизе вуго живго вижараб ракьалъе, гIадамазе рокьул кучIдул ахIулев кочIохъанлъун.

Гьаб буго кутакалда гIумруялде рокьи бижизабулеб, гъира базабулеб экспозиция. Гьалъухъ балагьараб мехалда гIумру гьабизе бокьулеб буго»
Живго фотограф Камил Чутуевас бицана жив талихIав чи вугин.

ГIумруялъ бокьулеб хIалтIи гьабулев вукIиналъги жив цIакъго талихIавлъун гьавунилан.

Камил Чутуев: «Дица кинабго дир хIалтIи воххуца холаго, кIудияб рокьигун гьабула. Дица гьеб хIалтIилъун рикIкIунаро, суратал рахъи гьеб дие роххеллъун буго. Жакъаги дун кутакалда воххун вуго дир экспозициялде гьавгощинав чи вачIиналдаса.

Щибаб гьеб сураталъулги кIудияб ургъел букIунелъул дие.
Бокьиладай гIадамазе, бокьилародай, кинаб къиматдай гьез кьела абун щакдари рекIелъа киданиги тIагIунаро.

Дир хIалтIулъги чанги захIмалъаби рукIуна, амма гьел киналго кIочон тола гьабураб хIалтIул хIасил бихьараб мехалда.

Цо-цо дирго хIалтIаби дир цIарцин гъоркь хъвачIого дора-гьанирги рахъун рукIуна. Гьел рихьараб мехалдаги цIакъ ракIги бакъвала.

Дида гьаб гIумруялда жаниб тIокIаб хIалтIи гьабизе лъаларо, дихъа я хъвадарун бажаруларо, я кколеб хIалалъ кIалъан лъугьунаро.

Дие гIарацги хIажат гьечIо, цохIо гьари буго дир хIалтIабазда гъоркь цIар хъвайилан. Гьеб дир захIматлъидал»

"Дагъистанияй". К.Чутуевас бахъараб сурат
"Дагъистанияй". К.Чутуевас бахъараб сурат
Дагъистаналда фотоаппараталъ тIоцере суратал рахъизе лъугьаразул кьерулъ вукIана Камил Чутуевасул эмен Амин Чутуевги.

Гьединлъидал эмен ва вас Чутуевал дагъистаналъул гIемерисел фотографазул мугIалимзабилъун.

ГьитIинаб мехалдаса нахъе Камилил суратаз пана гьавун вукIанин живилан бицана Эркенлъи радиоялъе экспозициялде вачIарав цIарарав дагъистаналъул фото-журналист ХIажимурад Зургьаловас.

ХIажимурад Зургьалов: «Камиль гIадал чагIи киданги холаро, гьел даимго чIаго хутIула. Камиль гIадал, Расул гIадал чагIи заман щварабго Аллагьасул къадаралде щола, амма гьез ракьалда тарал лъалкIаз гьел гIадамазул ракIазулъ кидаго чIаго хутIула.

Чанги рукIуна щибго жидедасан пайда гьечIел чIагого хваралин абизе бегьулел гIадамал. Камил киданиги вукIинчIо гьединазул кьерулъ.

Нужго балагье жакъа гьанив вугевщинав чиясухъ, гьезул гьурмазда бугеб гьимиялъулъ, роххалихъ. Гьеб роххел гIадамазе кьун бажарулев, гьунар тIокIав чи вуго Камил. Диеги гьев кидаго мугIалимлъун хутIизе вуго.

ГьитIинаб мехалдаса нахъего гьесул суратаз пана гьавун вукIанаан дун. Гьез бижизабунин дир суратбахъиялде рокьийилан абизе бегьула»

«Дир рекIелъ Дагъистан буго» ян абураб Камил Чутуевасул фото экспозиция сентябралъул ахиралдалъагIан халат бахъине буго.

Гьениб гIахьаллъи гьабурав Дагъистаналъул информациялъул ва печаталъул министр ГIумаргIусман ХIажиевас абуна гьеб экспозиция республикаялъул цойги-цойгидал шагьаразда ва росабалъ тIобитIизе мустахIикъаб бугин, гьелъие квербакъиги гьабилин жидецайилан.

ЧУТУЕВ КАМИЛИЦА РАХЪАРАЛ СУРАТАЗУЛ ГАЛЕРЕЯ
XS
SM
MD
LG