МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда «Музеязул сордо» кIодо гьабуна


МахIачхъала шагьаралъул музеялъул директор Дадаева Зарема (кванариса) гIолилалгун «Музеязул сордоялъ», 03Ноя2014
МахIачхъала шагьаралъул музеялъул директор Дадаева Зарема (кванариса) гIолилалгун «Музеязул сордоялъ», 03Ноя2014

3 ноябралъул къаси МахIачхъалаялъул музеяздагун галереязда тIобитIана «Музеязул сордо». Гьеб сордоялъ, тIолабго Россиялдаго гIадин, МахIачхъалаялъул музеял рогьинегIан чIобого хIалтIулел рукIана. Республикаялда тIоцебе тIобитIулеб гьеб акциялъулъ 400-гIан чияс гIахьаллъи гьабунин лъазабулеб буго Дагъистаналъул маданияталъул министерлъиялъ.

Исана тIоцебесеб нухалда тIобитIана Дагъистаналда «Музеязул сордо». Гьеб ккола Россиялъул маданияталъул министерлъиялъ гIадамал искусствоялдеги, маданияталдеги гIагаргьариялъе, гIолохъабазда гьоркьоб гьеб тIибитIизабиялъе гIоло 9 соналъ цебе байбихьараб акция. Дагъистаналда гьеб тадбир унеб букIана «Искусствоялъул сордо» йилан абураб цIаралда гъоркь. Исана гьеб акциялъулъ гIахьаллъана МахIачхъалаяла шагьаралъул музеялъги, ПатIимат ХIамзатовалъул цIаралда бугеб музеялъги, искусстволъазабулей Вагидат Шамадаевалъул жийго бетIергьанаб галереялъги. Гьединго «искусствоялъул сордоялъулъ» жидерго бутIа тана Дагъистаналъул филармониялъул хIалтIухъабазги, Дагъистаналъул телерадиокомпаниялъул инструменталияб оркестралъги.

«Вагидат» галереялда «искусствоялъул сордо» хурхинабун букIана видео-артгун. ракIарун рукIана Дагъистаналъул гIолохъанал художникал. Гьеб сордоялъ художникал Муса Гайворонскияс, Заира МухIамадовалъ ва Елена Джетереца видео-арт абулеб гьанжезаманалъул искусствоялъул цо чваххиялде гъорлъе унел жидерго чанго хIалтIаби рихьизаруна. Гьелдаса хадуб щивасе рес кьун букIана художниказе бокьарал суалал кьезе, гьел хIалтIабазул автораз бицана жидерго проектазул хIакъалъулъ ва гьел гIумурялде рахъинарулаго гьезда рихьарал захIмалъабазул. ГIолохъанал художниказул пикруялда рекъон цересел саназде дандеккун дагьаб мадар букIаниги, Дагъистаналда искусство цебе тIеялде цакъго дагьаб гурони кIвар кьолеб гьечIо. Гьебго данделъиялда тIоцебесеб галереялъул нухмалъулей Джамиля Дагировалъ ва галереялъул бетIергьан Вагидат Шамадаевалъ гьеб тадбиралда гIахьаллъаразда гьарана гьадинал яги батIиял цойги проектал ургъейила нужеца, гIолохъанаб гIелалъул искусствоялдеги маданияталдеги гъира базабизе ва рокьи бижизабизе. ГIолохъанал нужеда гIадин лъиданиги бичIчIуларила ва лъаларила кин цойги гIолилазул рекIелъе нух балагьилебали.

ПатIимат ХIамзатовалъул цIаралда бугеб музей хIалтIулеб букIана чIобого, музеялъул киналго бутIаби рукIана рагьун. Кидаго гьенир рихьизарун ругел экспонатазде тIаде, гьеб сордоялъ тIоцебесеб тIалаялда тIобитIулеб букIана лъималаз Лев Толстояс хъвараб «ХIажимурад» тIехьалда хурхун рахъарал суратазул экспозицияги. Гьединго музеялда Дагъистаналъул филармониялъул хIалтIухъабаз ахIана кучIдул, батIи-батIиял музыкалиял инструментазда бакъналги рачана.

Дагъгостелерадио команиялъул филармонияб оркестр "Музеязул сордоялъ" Махlачхъаялъул музеялда, 3Ноя2014
Дагъгостелерадио команиялъул филармонияб оркестр "Музеязул сордоялъ" Махlачхъаялъул музеялда, 3Ноя2014

Дагъистаналъул филармониялъул хIалтIухъан, Дагъистаналъул халкъияй артистка Зафира ГIабдулаевалъ «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана гьеб искусствоялъул сордо гIемерисел гIадамазе байрамалде буссанилан.

Зарифа ГIабдулаева: «Гьеб сордо киназего байрамлъун буго. Дун йиххун хутIана гьанире рачIанщинал гIадамал рихьараб мехалда. КигIан захIматго букIаниги абизе ккола къадгицин нилъер музеязда гIемер чи вукIунарилан, сардилъ гьел гьанире рачIинин ккунго букIинчIо нижеда. Дица гьадинаб тадбиралъулъ тIоцебе гIахьаллъи гьабулеб буго гьелъ дагьаб хIинкъи букIана киндай ккела абун, амма гIадамаз ниж къабул гьарурал куц бихьараб мехалда, кинабгIаги хIинкъи кIочон тана. ГIадамазул гьурмазда бугеб роххелалъ дагьабги лъикI хIалтIизе гъира базабулеб букIана. Бихьулеб букIана гьеб сордо искусство бичIчIулезеги, бичIчIуларезеги, херазеги, лъималазеги маданияб, лъикIаб байрамлъун ва хIухьбахъилъун лъугьараблъи».

Гьеб сордоялъ музеялде ячIарай МахIачхъалаялдаса Ирина Ханамировалъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана цебе музеяялги, классикияб музыкаги бокьуралер рукIарал жиндир лъималазулцин кIудияб гъира базабунила искусствоялде гьаб акциялъилан.

Ирина Ханамирова: «Гьадинал тадбирал гьаризе ургъи гьеб цIакъ лъикIаб иш буго. Гьелъ гIолохъанаб гIелалъулцин искусствоялде гъира базабулеб буго. Гьелъие мисаллъун дирго лъималги ккана. Гьел цее дица хIалицаго гIадин рачунаан музеяздеги, филармониялдеги, амма къаси гьаниса нахъе рилълъине бокьуларого руго гьел. Жидедаго гIелбащадал гIемерал гIолилал гьанир рукIиналъги батизе бегьула. Гьадинал акцияз гIадамал искусствоялде гIагар гьарулел рукIин бихьулеб буго».

Гьебго акциялда хурхарал тадбирал тIоритIана МахIачхъала шагьаралъул музеялдаги. Гьениб унеб буго СССРалъул халкъияй артистка Барият Мурадовалъ I00 сон баялда хурхун гIуцIараб экспозиция. Гьединго искусствоялъул сордоялъ гьеб музеялда букIана Дагъистаналъул телерадио компаниялъул оркестралъул церерахъинги.

XS
SM
MD
LG