МагъчIваялъе рес

Рагъул кьогIлъи гъорлъ жубараб къисмат


МухIамадрасул Гьиматов
МухIамадрасул Гьиматов

Рагъул коронирие арал азарабазул тIадруссаразул цояв, Хунзахъа Гьиматов МухIамадрасулида жакъаги кIочон гьечIо, бергьенлъиялъул лъараб къо.

Исана 70 сон тIубалеб буго ВатIанияб рагъ лъугIаралдаса. Киназдаго рагIараб ва лъиданиги лъалареб тарих бугеб гьеб рагъулъ щвараб бергьенлъи ккола тIолго халкъалъ гIассияб багьа кьун щвараб.

Къо бахъанагIан дагьлъулел руго ВатIанияб рагъул нугIзал. Жакъа Дагъистаналъул цо-цо росабалъ гьел тIуран лъугIун руго. Рагъул замналдасаги гьезие захIмалъулеб батизе буго гьез би тIун цIунараб улкаялда лъугьунеб бугеб.

Рагъ байбихьарал тIоцересел къоязго Дагъистаналъул военкоматазде гIарза кьун буго лъабазаргоялдаса цIикIкIун чияс, гьезда гъорлъ анлънусидаса цIикIкIун руччабазги, жидее рагъул фронталде ине бокьарал. ГIаммаб куцалъ 180 азаргоялдаса цIикIкIун дагъистанияз гIахьаллъи гьабун буго ВатIанияб рагъулъ. Гьебго заманаялъ, 1939 соналъ гьабураб хъвай-хъвагIаялда рекъон, Дагъистаналда гIумру гьабун рукIун руго 1023317 чи.

Щибаб мухъалъ, щибаб росдаца ритIана жидерго васал кьалул байдабазде, гьезул гIемерисел тIадруссун рачIинчIо. Цо бергьенлъиялъул къо кIодо гьабиялдаса цогидалде дагьлъулел руго гьеб рагъул нахъе хутIарал нугIзалги. Жакъа Хунзахъ мухъалда чIаго руго гIицIго 8 ВатIанияб рагъул гIахьалчагIи. АнцIго соналъ цебеги ветеранал рукIана щибаб росулъ, байрамалда цере школалде ахIун рачIун, гьез бицунаан жидедаго бихьараб къогIаб хIакъикъат, амма жакъа гьеб бицине чи хутIун гьечIо гIемер росабалъ.

Жив 9 май гIагарлъидал цуцахъе вахъи гьавулев вукIунин, цогидаб мехалъ кIочон хутIанигийилан махсаро гьабулеб буго Хунзахъ росулъа Гьиматов МухIамадрасулица, иргадулаб байрамалъул тадбиралдаса тIадвуссун вачIунаго. Жакъа гьесие буго 89 сон. 1943 соналъ, 17 сон барав гIолилав, жиндиего бокьун гIарзаги хъван уна фронталде. Гьесдасе цеве ун, араб бакI лъачIаго тIагIанин чIегIераб кагъат бачIуна гьесул кIудияв вацасул. Гьеб заман букIанин чIегерал кагътаз чIегIер бараб заманин ракIалде щвезабулеб буго МухIамадрасулица.

Гьиматов МухIамадрасул: «Ниж армиялде унеб мех букIана цо гьаб авалалда, цо доб авалалда магIирукъ лъураб заман, чIчIи-чIчIи, лелей букIана рукъзабахъ. Вац чIванин, вас чIванин рачIунел чIегIерал кагътаз чIегIер гьабун букIана тIалъи. Гьеб заманаялъ ана ниж рагъде. Нижеего бокьун, кьун гIарзагун».

ГьитIинав вугин, витIуларогон вукIун МухIамадрасулица кIиго сон тIаде хъван, военкоматалда витIи тIалаб гьабун буго. ГIадатияв рагъухъанасда бихьараб рагъул хIакъикъат букIанин цIакъ гIассияб, чIагого ракьулъ рукъун хутIарал, лъидаго лъаларел, киналгIаги сияхIазда гьечIел нус-нус гIадамал хутIанила кьалул авлахъазда. Цоял тIаде кIанцIигьабулел, цоял лъутулел параялъ гьелде кIвар кьезе регIун рукIунароанила.

Бергьенлъиялъул 40 сон тIубаялда. Прибалтика. Рагъул гьалмагъзабигун
Бергьенлъиялъул 40 сон тIубаялда. Прибалтика. Рагъул гьалмагъзабигун

МухIамадрасул Гьиматов: «Къаси сардитIа рукIунаан цере унел. Гулби роржунеб мехалъ дун гIодове къулулаан, цадахъ вукIарав велъулаан, мун къулизегIан гьеб чIун букIунарин, гьедин щвана дун хандакъазде. Гьенив анкьица кьижичIев чи ретухъе тIад шинелгун, кодоб автоматги ккун, къадани гамачIги лъун кьижун ккана».

Гьиматов МухIамадрасул вукIун вуго разведчиклъун, теоделит абулелеб алаталда хIалтIулев. Гьез тушман чIараб бакI чIезабие кколеб букIун буго.

МухIамадрасул Гьиматов: «Дунги кIиго гьалмагъги рукIана тушманасде гIарадаби кьвагьизе координатал хъвалел, кинаб рикIкIалъиялде, кваранидейищ, квегIидейищ речIчIилебали. Тушман чIараб бакI нижеца фиксировать гьабулаан. Цо нухалъ, бачIана мин, кьвагьана, нижги хьуризарунана, теоделитги цо рахъалде хьуризабун ана. Дун гьенив лъукъана, цо гьалмагъ чIван, цогидавги дунги лъукъун хутIана».

Азарханаялдаса сахълъун хадув Гьиматов тIадвуссуна фронталде. Гьез тархъан гьабула Бакъ баккул Пруссия, дагь-дагьккун гьел щола Кенигсбергалде. Гьеб бахъидал, гьезул генералас абунила, гьедигIан хехго щулалъи гIурусаз босилин кколароанин жинда. Гьелдаса хадуб Пилао абураб порталдаса пантоназул кьоги лъун цере унаго,8 маялъ рагIанила, рагъ лъугIанилан.

МухIамадрасул Гьиматов: «8 май букIана, радист вукIана нижер, щивасухъ бихьизаюураб ярагъги букIунаан, дун разведчик вукIиндал, дихъ автомат букIана. Радистас ахIулеб буго: «Братцы! Война окончена!», - йилан абун, роххун, хурхана киналго, кодоб букIараб ярагъ киназго эхеде кьвагьана. Дихъ бугеб автоматалда жаниб букIараб 74 гулла кьвагьана дица гьаваялде, гьеб бакIалда дие рагъги лъугIана».

Рагъдаса хадуб, Хунзахъе тIадвуссиндал, захIматаб, мискинаб заман батанила кибго гIадин гьенибги. МоцI рокъобги бан, Гьиматов уна лъай кьеялъул идараялде, гьелдаса нахъе гьев хIалтIана мухъалъул лъай кьей цебетIезабялъе. Мухъалъул батIи-батIиял росабалъ кьуна гьес дарсал. ХIалтIана мухъалъул газетаялдаги. Жакъа къоялдаги МухIамадрасулида ракIалда вуго жиндир щибав цIалдохъан, щибав гьудул-гьалмагъ, рагъул захIмат цадахъ хIехьарав.

Жакъа абулила патриотизм гьечIин, амма кканани, жакъаги тIаде ккараб къо магIарулас борхиялда жив божулин абулеб буго гьес.

МухIамадрасул Гьиматов: «ТIаде къо ккараб мехалъ, нилъер магIарулазул гIадат хвезабиларин ккола дида. Гьединаб къо тIаде ккогеги, амма кканани, гьеб къо борхила гьанже бугеб гIелалъги».

Жакъа раккулел ругила цо-цо чагIи, къезе щайин нилъ чIечIел, жакъа баваразул пиво гьекъолел рукIинаанин абулел, гьел ругила жакъа бугеб лъай кьеялъул даража гIодобе ккун букIиналъул гIаламат, гурого гьезда лъазе рукIанила Гитлерил рукIарал планазул ва анищазул. Гьединал рагIаби рагIизегIан доб, 43 соналъго, кьалул авлахъалда хун вукIараванищин кколила жинда ракIалде.

XS
SM
MD
LG