МагъчIваялъе рес

СалтIаса солдатасул къисмат


Гъуниб мухъалъул СалтIа росулъа кIудияв ватIанияб рагъде арал чагIазул гIемерал чи нахъуссинчIо. Гьезул бащадалниги рикIкIунел рукIана араб бакI лъачIого тIагIаралъун. Гьал къоязда гьезул къадар цо чиясдалъун дагьлъана. 70 соналдасан Украинаялъул ракьалда ватана рагъда тIагIанилан ругьел бачIун чанго соналъ валагьулев вукIарав Къураев Сайпудин.

Араб рузман къоялъ жиндирго гIагараб СалтIа росулъ вукъана гьев. Сайпудин ватIаналде нахъвуссиналъул хIурматалда гьеб къоялъ СалтIа гIуцIун букIана кIудияб данделъи.

Эбел дун ине кколаха гьанже рагъде, ватIаналде тIаде къо ккун буго. Щай дир вас, Сайпудин, мун хIалакунев, ахIизегIан щай чIоларев? Эбел дун гIадал гIолохъаби ахIи тIаде щвезегIан чIечIого гьанжеялдего дора рукIине ккола - кьалул майданалда, ватIаналде тIаде къо ккун буго, эбел, дуе къо-мех лъикI. Аллагьас хъван батани дун вуссина духъе. Мунго цIуне, эбел.

Гьанжелдаса лъабкъоялдаса анцIила кIиго соналъ цебе Гитлерил вахIшияб армиялъ Совет союзалъулгун гурхIел гьечIеб рагъ байбихьараб 1941 соналъул риидал рагъде ана Гъуниб мухъалъул СалтIаса Къураев Сайпудин. Ана чотIаги рекIун, ахIулаго кечIгун, ана гьадаб хитIабги гIагарай эбелалдехун гьабун. Росдал жамагIаталъ тIовитIана гьев росурагIалда. Гьединан бицана рузманкъоялъ СалтIа букIараб данделъиялда Сайпудинил яцалъул яс Хадижатица. СалтIа данделъиялъе букIана кIудияб гIилла. Рохалилабги пашмнабги къо букIана гьеб Сайпудинил нахъе бугеб гIагарлъиялъе, солдерил жамагIаталъе. Рагъулал тIоцересел моцIаз чанго кагъатги бачIун 41-б соналъул ахиралда къотIун буго Сайпудинил хабар.

1943 соналъ бачIун буго гьесул эбелалъухъе ругьел дур вас араб бакI лъачIого тIагIанилан. Гьелдса нахъе гьев вукъараб бакI батиялдаса хьул къотIуларого гьез тIатIалого битIулеб букIана бакI-бакIалде лъазаби гьесул рухI босараб бакI батилародаян . Ва лъабкъоялда анцIго гIанасеб соналъ улка цIуниялъул министерлъиялдасан гьезухъе бачIунеб букIана цохIого жаваб: араб бакI лъачIого тIагIун вуго, батичIо гьев вукъараб бакI абун. Ва гьале ахирги бачIана гьезул кагътие рохалилаб жаваб. Украинаялда бугеб Одесса шагьаралъул Холодная Балка абулеб росдада аскIоб батун буго Сайпудинилги ва гьесда цадахъ хварал 15 рагъухъанасулги хутIелал. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Сайпудинил цIар лъурав гьесул кIудияв вацасул вас Сайпудиница. Ункъабилеб апрелалда гьевги, гьесул кIудияв вац КъурамухIамадги, гьезул яцалъул васги лъабалго ун рукIун руго Одессаялде. ИмгIал хвараб куцацлъулги, гьесул рухI босараб бакI батизе кин кIварабалиги гьезие баян гьааураб хIакъикъат рагIа-ракьанде щун бицана гьес нижер программаялъеги.

КъурамухIамадов Сайпудин: «Великий Дальник абулеб бакI буго Холодная Балка росдада аскIоб (Одесса шагьаралъул рагIалд бугеб росу ккола гьеб) Нижер имгIал ватараб бакIалъул чIванкъотIарал координатал рихьизаруна нижеда гьев валагьарал чагIаз. Гьев ватизе кIун вуго махх-кIачалде тIаде ккараб мехалъ хасаб гьаракь бахъинабулеб алаталъул кумекалдалъун. Ракь бухъун жанире раккидал хандакъалда жанив эхетаралъувго ватун вуго нижер имгIал. Гьединго кодоб кковухъе батун буго гьесухъ букIараб автоматги, маххул тIагъурги, рагъулал сурсатал жанир лъолеб гьитIинаб таргьаги, хутIараб жо турун букIинаришха. Дагьабги гIатIидго сверухъе бакI бухъидал гьесдаса дорегIан ратун руго кIиго румынавги. Дагьав довегIан ватарав чиясул квен жаниб лъун цадахъ босулеб рагъухъансухъ букIунеб гьитIинабго хьагида хъван батун Убидов ГIабдулвахIид абун. Узбекистаналдаса ватизе бегьулин гьевилан ракIалде ккун гурони чIван-къоIтун гьесул росу ракь чIезабизе кIун гьечIо, гьединго лъазе кIун гьечIо имгIаласда цадахъ хварал жеги 15 чи киса кколевалиги»

Гьеб кагътида тIад жиндирго росдалги эбелалъулги ва цогидаги жиндирго хIакъалъул киналго баянал мухIкангохъван рати сабаблъун ккун буго Сайпудин ватиялъе. Сайпудинил хутIелал ратиялъе квербакъи гьабурал чагIи ккола Одессаялдаса Удалов Сергей ва Инченко Василий абулев кIиго чияс нухмалъи гьабулеб «Воинская доблесть» абураб къукъа. Рагъда араб бакI лъачIого тIагIарал гIадамал ралагьулеб гьеб къукъаялъ гIемераб хIалтIи гьабулеб бугин, нижго гIадал жидерго гIагарал ралагьулел чагIазейилан кIудияб баркалагун рехсана гьезул цIар КъурамухIамадов Сайпудиница. Гьединго кIудияб хIурматалда рехсана гьес парламенталъул депутат Труханов Алекснадрил Жанисел ишазул министрасул нухмалъулев хисулесул, Одесса шагьаралъул рагъулав коммисарасул ва цогидазулги цIарал, гьез кудияб дандчIвай гьабунин жидедаян разиго вугоан гьев. Хасаб баркалагун гьес гьединго ракIалде щвезавуна Хасавюрталдаса Одессаялда чIарав Хасев ХIасанги гьединго цогидаги гьенир ругел ракьцоял гьез кIудияб гьоболлъи гьабунилан разиго вугоан гьездасаги.

Къураев Сайпудин 1938 соналъ финазулгун букIараб рагъдаги гIахьалъун I940 соналъул ахиралда вуссун вукIун вуго армиялдаса росулъе. ВачIун вахъиналдего жеги 23 сон гIумруялъул тIубачIев гьев тIамула школалда рагъул гIелму малъулев чилъун. I941 соналъ рагъ байбихьидал тIоцересел къоязго мухъалъул военкоматалде гIарзаги хъван ун вуго гьев рагъде. Гьесул кIудияв вацги рагъда вукIиндал, школалда хъулухъги кьун букIиндал заманаялъ витIичIого толев вукIун вуго гьев. Гьединлъидал абун буго эбелалъ гьесда витIизегIан щайин чоларев, амма жив рагъги бихьарав гIолилав ахIи щвезегIан чIезе бегьуларилан жиндего бокьун ун вуго гьев рагъде. Сайпудинил кIудияв вац МухIамадшапигI 1937 соналъ армиялде ахIарав чи Севостополалда аскIов ралъдал флоталда вукIун вуго хъулухъ гьабулев, Сайпудин вуусун вугилан рагIидал гьевгун дандчIвазе отпускаялъ вачIине къачIалевги вукIун вуго, амма рагъалъ квал-квал гьабуна гьелъие. Гьедин цоцада рихьизе хвъан букIун гьечIо вацазе. Гьеб киналъулго бицана СалтIа рузман къоялъ букIараб данделъиялда Сайпудинил яцалъул яс, захIматалъул ветеран Хадижатица.

Гьединго гьеб данделъиялде рачIун рукIана Гъуниб мухъалъул нухмалъулев Пахрудин МухIамадовги, КIогьориса Россиялъул бахIарчи Загьидов Загьидги, Гъуниб мухъалъул имам МухIамадов Каримуллаги, СалтIа росдал херазул шураялъул нухмалъулев МухIамадрасулги ва цогидалги. Школлъималаз цIалана рагъда тIагIарал ракьцоязде гьарурал кучIдул. Данделъи бачунеб букIана Шамилил фондалъул нухмалъулев ХIусенов ГIумарица.

Республикаялда цебегоялдаса нахъе хIалтIулеб буго рагъда хварал ракьцоязул тарих лъазабизелъун лъималаздаса гIуцIараб ТОКС абураб къукъа. Гьединабго къукъа гIуцIун буго СалтIа рсоулъги. Апрелалъул ахиралда МахIачхъалялда тIобитIизе бугеб иргадулаб токсалъул данделъиялде ахIизе ругин гьелги ва гьениб ТОКС къукъаялъул нухмалъулев ГIумар МуртазагIаливас гьезие кьезе бугин Къураев Сайпудин 70 соналдаса жиндиргго ватIаналда вукъизе щвеялъул хIурматалда хIадур гьабураб дипломгиян бицана гьениб ХIусенов ГIумарица.

70 соналъ араб бакI лъачIого тIагIанилан рикIкIунев вукIарав чи вати ва гьев жиндирго гIагарабросулъ вукъизе щвей гьеб тIоцебсеб лъугьа бахъин бугин цохIо Гъуниб мухъалда гуребги тIолабго Дагъистаналъегиян бицана гьединго «Эркенлъи» радиоялъе Гъуниб мухалъул гIолилазда гьоркьоб хIалтIи гьабиялъул гIуцIарухъан МухIамадов МуртазагIалица. Данедлъиялда кIалъаго гьес бицана жидер гIагарлъиялъги валагьулев вугин гьединго 1942 соналъ Сайпудинго гIадин араб бакI лъачIого тIагIанилан хабар бачIарав Гъуниб мухъалъул Гьонодаса МухIамадов ГIабдулжалил ва жидерги кIудияб хьул бугин кида къадги гьев ватилилан.

Солдерил хабалалъ рузман какдаса хадув жиндирго кIудияв вацасдаги эбелалдаги аскIов вукъана Сайпудин. Гьесул хабада вагIзаялда релълъараб калам гьабулаго СалтIа росдал имам ГIалиасхIабица абуна Къуръаналда абун бугин жиндир цебесеб гIагарлъиги, росу ракьги, жиндирго улкаги тушманасдаса цIунулаго хварав чи гьев чи шагьид кколилан.

СалтIа росдал имам ГIалиасхIаб: «Аллагьас гьел киназулго черхалда гулла щвейгун ракьалде тIинкIараб тIоцебесеб бидул къатIраялдасан байбихьун мунагьал чураги. Аллагьас нилъееги тавпикъги къуватги кьеги къо краб мехалъ Аллагьасе гIололъун гъазаваталде рахъине, гьеб къо щун гьечIо жеги, амма жакъа цо къосараб агьлу буго жигьад, гъазаватилан ахIи-хIурги гьабун гIанкIаби гIадин къвакъадилел. Амма гьеб къо бачIараб мехалъ балагьила нилъ гьезухъ кигIансеб иман гьезулъ бугебали. Нилъее киназего тавпикъ кьеги диналъул вацал нагагь гьединаб къо бачIани Аллагьасул нухда къватIире рахъине. Аллагьума Амин»

Сайпудин вукъун хадуб гьениб гIахьаллъи гьабурал гIадамал гьев жанив гIурав минаялде ахIана гьесул гIагарлъиялъ, гьесул рухIалдасан киназго зикру бачана гьениб.
КIудияб ватIанияб рагъде СалтIаса ун вукIана кинавниги 146 чи. Нахъруссун гьечIо 96, гьезда гьоркьоса араб бакI лъачIого тIагIарал ккола 34 чи, гьанже гьезул къадар цо чисдалъун гьитIинлъанин абизе бегьула.
XS
SM
MD
LG