МагъчIваялъе рес

Харжал цIикIкIинареян балеб ахIи рагIиладай хIакимзабазда?


Маялъул тIоцебесеб къоялъ МахIачхъалаялъул Родопалъулаб ахикь тIобитIараб митингалде вачIун вукIана азарго гIанасев чи. Гьеб букIана ТIоцебесеб маялъул байрамкъоялда хурхун тIобитIараб тадбир. Гьелъул гIуцIарухъабаз тIалаб гьабулеб букIана пачалихъалъул хъулухъчагIазе харжал цIикIкIинари.

Авар театралъул минаялда цебе тIобитIараб гьеб тадбиралъул аслияб гIуцIарухъанлъун букIана Дагъистаналдаса тIолалго пачалихъиял хъулухъчагIазул профсоюзалъул цолъи. СагIат анцIгоялда Родопалъул ахикье ракIарарал гIадамазул азаридаса цикIкIарав чи гIун вукIана.

Гьенир рукIана МухIамад ХIажиевасул цIаралда бугеб ва «Авиагрегат» заводалдаса вакилзабиги, батIи-батIиял партиялъул байрахъал кодор ккурал гIадамалги, тIадегIанал цIалул идарабаздаса студенталги. Амма Коммунист партиялъул вакилзабазул байрахъ кодоб ккурал чагIи гьеб горсверуда рукIинчIо.

Бищунго гIемерал рукIан «Цогояб Россия» партиялъул байрахъал рукIана халкъалда гьоркьор парпадилел.

Дандеруссин рагьана Дагъситаналъул тIолалаго профсоюзазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамадов ГIабдулагьица. Исанасеб ТIоцебесеб маялъул дандеруссин къиматаб кколин, кIудияб бергьенлъиялъ 70 сон тIубараб сон букIиналда банилан абуна гьес.

Гьелъул хIурматалда, улкаялъул лъиданиги бачIеб профсоюзалъул федерациялъ лъазабун рагIула Москваялдаса Магаданалде щвезегIан автопробег. Гьеб автопробегалъул маршрут букIине рагIула улкаялъул кIикъого субъекталда жанисан, гьединго Дагъситаналдасаги.

Аслияб кIалъай гьесул букIана пачалихъиял хъулухъчагIазда дандчIвалел ругел захIмалъабазул. ГIемерисел мухъазда цо-цо хIалтIухъабазул харжал дагь гьарун ругин, багьаби эхеде рахун ругин. ТIубараб 2014 соналъ гьел ичIго проценталъ хиралъун рукIун ратани, 2015 соналъул цохIо лъабго моцIида жаниб гьел 7,5 проценталъ хиралъун ругилан абуна гьес.

Статистикаялъ кьурал баяназда божани Дагъистаналда лъай кьеялъул хIалтIухъанасе гьоркьохъеб куцалъ щолеб бугин 19 азарго гъурущ, амма гьеб жо рагIани бокьарав чиясл ракI релъулин жакъа. Гьеб жоялда божулел гьечIин гьединго республикаялъул хIукумалда ругел чагIиги.

МухIамадов ГIабдула: «Кризисалъул заманалда профсоюзазул гIуцIиялъ тIалаб гьабулеб буго хIукуматалдаса экономика гIарцудалун хьезабеян, халкъалъул рукIа-рхъин лъикIлъиязабелъе ресал ратеянги. Россиялъул хIукуматалда ракIалда рагIула хIалтIулел пенсионеразе пенсия къотIизабизе, пенсиялъул ригьги жеги кIодо гьабизе.

Ниж гьелда дандечIарал руго, гьеб жо букIине бегьулеб жоцин гуро. Пенсионералиш ратарал гьазда бищун къурал чагIи? Советияб заманалда пенсионерасе щолеб букIана гьоркьохъеб куцалъ 120 гъурщида бащадаб пенсия. Жакъа бугеб ахIвал-хIал киназего хас гьабун баян гьабизе ккелароха.

Пенсиядул ригь борхизабизе хIукуматалъ гьабизехъин бугеб хIукмуялда дандечIун руго Россиялда гIумру гьабун ругезул 75 процентги».

Бюджеталде цIикIкIун гIарац бачIинабизе кIолин киналго идарабаз букIине кколеб магъалодул къадар пачалихъалъе кьолеб бугони. Амма Дагъистаналдайин абуни автомобилалъул цIатари бичулел бакIазулги, квана-гьекъезе гIадамал рачIунеб бакIалги чан ругелали рикIкIун бажарулеб хIал гьечIин, цогидаб жоялъул бицинчIониги.

ХIасил- калам кризисалъулаб заманалда экономикаялда рухI речIчIизабизе республикаялъул хIукуматалъ гьарулел тадбиразда махIниги ракI рекъон гьечIоан гьезул.

Пачалихъиял хъулухъчагIазе гIарац цIикIкIинабизе кколеб бакIалда, гьез гIаксалда тIаса гIарацги къунцIун къварид гьарулел ругин гIадамал. Топ-менеджералин ва гьезда релъараб цогидаб къапилаялъе абуни гIунги тIокIаб гIарац щолеб бугин моцIалъе.

ТIоцебесеб маялъулаб митингалде рачIун ругоан гIемерал гIолохъанаб кьерги. ЦохIо Дагъистаналъул пачалихъалъул университеталдаса 250 гIанасев чи вукIана гьениве. Гьединго цогидал тIадегIанал цIалул идарабздасаги рукIана гIолилал васалги, ясалги. Жал киналго нижеего бокьун рачIанилан, рази-ракияб букIана гьезул кьолеб жавабги.

ЗахIматалъул ва тылалъул ветеран, Сергъохъала мухъалъул Гулебки росулъа ГIумаров ГIумарасхIабги вукIана гьениве вачIун. КIудияб ватIанияб рагъ байбихьун хадуб гьезул росу чачаналде гочинабун буго хIал гьабун.

ТIилацаги рухун окопал рухъизе тIамунин бихьинавги цIуявги чиян ракIалде щвезабуна гьес доб кьогIаб заман. Доб мехалъ ГIумарасхIабил букIун буго ичIго сон. Чанги къо бихьун буго гьесда чияр ракьалдаги, I957 соналъ гьениса нхъруссун хадубги.

Жакъа гьаниб бугеб дандеруссиналдаса разиго хутIанищин мунилан гьикъидал, гьаз бицунеб хабарги, цере лъолел сулалаги ритIарал ругин, амма гьелъул пайда щибинха бугеб тIалъиялъул хIакимзабаз гьел гIадахъ росулел гьечIеб мехалъилан абуна гьес.

ГIумаров ГIумарасхIаб: «Цониги иман-яхI бугев чи гьечIо гьел хIакизабазда гьоркьов. БатIи-батIиял данделъабазда гьелгун дандчIвараб мехалъ дица гьезул квер босизе инкар гьабуна кидаго. Босилароха. Чорокал, мунагьалъул цIурал кверал руго гьезул, дурги дирги гIарац бикъарал. Цо течIого руго гьел хIалихьатал, гьездаса нилъее щвезе жоги гьечIо щибниги».

Данделъиялъул ахиралда гьелъул гIахьалчагIаз къабул гьабураб резолюциялдаги абулеб букIана пачалихъиял хъулухъчагIазе харжал цIикIкIинареян. Багьаби рахиналда цадахъ рахинаризе кколин харжалгиян абураб ахIи букIана гьез девизалъе босун. Тадбиралъе ахир лъуна батIи-батIияб миллаталъул кочIохъабазул церерахъиналдалъун.

XS
SM
MD
LG