МагъчIваялъе рес

Нахъойги ГIабдулатIиповасул кортежалъул хIакъалъулъ


​Гьал къоязда ютюбалда лъураб видеоялъе гIоло цIидасан байбихьана Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул цIар рехсезе.

Дагъистаналъул нухмалъулесул номералги ругел машинабазул читIиралъе цебехун ине квалквал гьабулеб букIун буго гIадатиял номерал лъураб кIиго машинаялъ. Цинги гьеб читIиралда букIараб Toyota Land Cruiser-лъуса къватIивеги ваккун цо полициялъулас тIил кьабун буго цере чIарал машинабазда. Гьедин рекун руго гьезул хьолбохъ лъурал матIаби.

Ютюбалда лъураб гьеб видеоялъухъ балагьун, цояз абулеб буго тIоцебесеб нух гурин республикаялъул бетIерасул кортежалъ гIадлу хвезабулеб, гъол машинабазул бетIергьабазда бугеб гIайиб щибин кортеж бачIунеб мехалда нухда ратунилан, полициялъулал рукIаниги, гъозул хъулухъ щибин чи гIадамазул буголъи хвезабизе. Амма цогидаз рикIкIунеб буго республикаялъул бетIер ватаниги, улкаялъул президент ватаниги – тIадчи унеб нух эркенго букIине кколин, гьеб хIисабалде босизе кколаанин жидер машинабазул матIаби рекарал гIадамазги. ГIабдулатIиповасда церехун рукIарал нухмалъулездехун щайин гьел гIарзал рукIинчIел. Масала, МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амиров унеб М. ХIажиевасул къватI радалги бакъанидаги къалаанин, гьев цIунун цадахъго шагьаралъул полицияги букIунаанин. Гьебин абуни къануналда рекъон, мекъи букIанин.

ЭР-лъе гьебго пикру такрар гьабуна Дагъистаналъул бетIерасул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевасги. Гьединго гьеб видеоги букIине бегьулила хIакъикъаталда республикаялъул бетIерасул кортеж гуреб, лъица бугониги ургъараб хIилла. Актерал гIемерлъун ругила жакъа.

ГIалибег ГIалиев: «ГIадамазда бичIчIизе ккола жакъа ГIабдулатIиповасе гIадин цогидал нухмалъулезе захIмат букIинчIолъи республика данде бачине. Щай? Щайгурелъул гьев вачIаралдаса нахъе жиндир цIар бахъараб мехалда гIадамал сородулев вукIарав чан хIакимчи нахъе рехарав? Экс-мэр Амировасдаса байбихьун гьел чагIи гьаниса нахъе гъуна. Бищунго амбициял гIемерал нухмалъулелгцн министралцин унел руго. Кидаго живги жиндир лъималги ханлъудал рукIине хьулал рукIарал чагIазда вачIун ГIабдулатIиповас тIил кьабураб мехалда гъоб лъиего бокьулеб гьечIо. Гьедин гьесда дандечIарал чагIи гIемерал руго Дагъистаналда. Гьел чагIаз гьабулебщинаб жоги буго гьев суризавизе къваригIун гьабулеб – гьел машинабазул суал батаниги, цогидаб батаниги. Актерал гIемерлъун руго гьанже. Хъулухъазда рукIаралги гьанже ругелги хIакимзаби – гъоздаса лъикIал актерал кирниги ратиларо нужеда. ГIодизе ккараб бакIала гIодула, къвал базе ккаралъуб къвалги бала, бегьулареб бакIалда мацIги гьабула. Дида киданиги ккелароан чи гьединан вукIунев ватилилан. Гьанже гьел чагIи – «актералги», полициялъулалги - кинго чIелищха гьединаб бакIалда гьоркьор гIахьаллъичIого?».

Кин батаниги, республикаялъул бетIерасул кортеж унеб мехалда нухда букIунеб гIадлуялъул рахъалъ мисал босизе бегьулин Чачан Республикаялдасайин бицунеб буго ЭР-ялъе МахIачхъалаялда гIумру гьабулей йигей Мадинаца. Машина бачунеб чанго сон буго гьелъул.

Мадина: «Рамзан Къадиров вачIунев вуго!» ян гьаракь кIодо гьабулеб алаталдасан лъазабула Чачаналъ. Цинги нухда ругелщинал чагIи ракьандегIан къала, Къадировги берцинги уна. Нилъер гьанибин абуни батIайисан буго. Гьал къоязда къаси мехалъ МахIачхъалаялъул Редукторный поселокалдасан ячIуней йикIана дун. Дагьалъ хутIана ГIабдулатIиповасул кортежалда гъоркье ккезе. Ахираб заманалда дир берзул канлъи дагьлъун буго. Доба рикIкIадасан, паркъезабулаго хъахIилал чирахъалгун бачIунеб кортеж бихьулеб гьечIони, дица щиб гьабизе кколеб? Гьединлъидал дица гIакълу кьелаан киназдаго рагIуледухъ, ахIун лъазабейин республикаялъул бетIерасе нух кьейилан лъазабеян. Гурони гьел паркъолел хъахIилал чирахъазул пайда гьечIони – цо-цо мехалда полициялъулазулги хехаб медицинаялъул кумекалъулги машинаби ратIа рахъизецин лъаларо».

Россиялъул хIукуматалъ 2013 соналда цIи гьабуна улкаялъул регионазул нухмалъулезул машинаби цIунун ГИБДД абулеб хъулухъалъул машинабиги цадахъ иналъул хIукму. Гьеб квеш бугин, щайин абуни хIакимзаби гIадатияб халкъалда релълъун, гьел гIадин цадахъ хъаравуллъиги гьечIого ине кколин, гьездаса рикIкIалъичIого рукIинеян абураб пикру загьир гьабун букIана гьеб хIукму цIи гьабураб заманалда «Синие ведерки» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил Петр Шкуматовас. Гьанже Дагъистаналъул нухмалъулесул кортежалдаса полициялъулас гIадатияб кIиго машинаялъул матIаби рекиялда тIасанги загьир гьабулеб буго Шкуматовас информалатазе гьадинаб пикру. Гьев полициялъулас гьабураб пишаялда рекъон 15 сордо-къоялъ туснахъ гьавизе кколила гьев. Дагъистаналда гьеб хIужа ккун букIаниги, рес бугила, гьеб видео бихьарал чагIи гIемер рукIиналда бан, киназдаго бихьизабун полициялъуласе гIадлу гьабизегицин.

Бицен гьабулеб хIужаялда бан гьадинаб пикру загьир гьабуна Болъихъа адвокат МухIамаднаби МухIамадгIалиевас.

МухIамаднаби МухIамадгIалиев: «Лъилниги ихтияр гьечIо чияр жо пасат гьабизе – тIоцебесеб иргаялда, полициялъуласулги гьечIо, ГIабдулатIиповаслги гьечIо, Чайкалги гьечIо, Путинилги гьечIо. Путинида гьеб бичIчIунгутIиялъ буго нилъехъ киса-кибго гIала-гъважа. Къанун хIалтIулеб гьечIо. Масала, рохьор чIун ругилан гIадамал басра гьаризе бегьуларо, диваналдеги рачун хIукму къотIизе ккола. Гьединго чиясул машина, мина букIа, хIама букIа – щибниги бека-биххизе ихтияр гьечIо. Нагагь гьединаб жо пачалихъалъ гьабун батани, пачалихъалъ бецIизеги ккола гьесие гьеб».

Республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул кортежалда тIасан хабар гIемер рагIизе бегьула. Масала, Каспийскалдаса МахIачхъалаялде гьев щвезегIан бащдаб сагIаталъниги къан букIунин республикаялъул нухмалъиялъул минаялде щвезегIан бугеб нух, гьелъ санагIалъи гьечIолъи ккезабулеб радалги къасиги доре-нахъе унел чагIазе. Гьелда хурхараб суал телевидениялдасан халкъалъулгун чIагояб эфиралда вугеб мехалда ГIабдулатIиповасе кьун букIана цо гIадатияв чиясги. Республикаялъул бетIерас гьесие жаваб кьун букIана Каспийскалдаса жив хIалтIуде щвезе балила анкьго минут. ГьедигIанги сабру гьечIев чи кинавдила вукIунев. Гьединго жиндие цо къор гъезехъин букIиналъул хIакъалъулъ информацияги щун бугила жиндихъе. Гьелда тIад рекъоле гIадамалги руго. Масала, нухда бокьараб хIилла ургъизе рес бугила гьесие. Гьедин абулеб букIана цо-цо чагIаз гъоркьисала Каспийскалдаги МахIачхъалаялдаги гьоркьоб ккараб авариялда хурхунги. Рамазан ГIабдулатIиповасул кортеж бачIунеб мехалда гьеб нухда чIинтIана Саратовалдаса вачIун кирпич къотIулеб заводалда хIалтIулев вукIарав чи. ГIадамазул цо къадаралъ кортежалде гIайиб гьабулеб букIана, цебе бугеб жо бихьизе ккелароанищин республикаялъул бетIерасул хъаравуллъиялдаян. Цогидазин абуни рикIкIунеб букIана тIадбалагьун гьекъолдухъан гIадинав чиги вукIанин гьев, гьединлъидал лъицаниги ургъунго тункун рехун ватулин гьев нухде кортеж тIаде щолеб мехалъ.

XS
SM
MD
LG