МагъчIваялъе рес

ГI. ГъазимахIамадов: "20 соналъ цебе Дагъистаналъул парламент жакъаялдаса эркенаб букIана"


23 апрелалда къого сон тIубана Дагъистаналда парламент гIуцIаралдаса. Гьеб заманалда жанив гьенив хисана щуго спикер. Парламентги букIана чанго батIияб – миллияб гIаламаталдалъун гIуцIарабги, бихьиназулгун руччабазул мухъаздасан данде гьабурабги, хъачагъазул рахъккурабги, бичун босизе бегьулебги.

20 соналъ цебе гIуцIараб республикаялъул парламент эркенаб букIанин, щайин абуни советияб заманалъул тIадецуй тIаса араб заман букIиндалин ракIалде щвезабуна ЭР-ялъе журналист ва жамгIияв хIаракатчи ГIалисултан ГъазимухIамадовас. Кинаб бугониги цIилъиялде хьулги бижун, бищун букIанила гьеб. Амма цо-цо хIалихьатал, гъалмагъир бугел чагIи камулел рукIинчIила. БукIаниги, дол рукIанила эркенал чагIи. Гьанже ахиралда гьенире ккарал чагIийин абуни ругила тIасахун, масала, республикаялъул бетIерлъиялда ругел чагIазул разилъиялдалъун рачIарал чагIи.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «Ахиралда данделъараб парламенталъул къиматги, къуватги, принципги гьечIолъи бихьизабула гьадинаб хIужаялъ. МухIу ГIалиев президентлъун вугеб мехалда спикерлъун вищун вукIана МухIамадсалам МухIамадов. Гьес квалквал гьабулеб букIана президентасул хIалтIуе. Гьедин МухIу ГIалиевасда кIвана гьав чи нахъе вачине кколин абураб пикру федералияб централда бичIчIизабизе. Парламенталъ МухIамадсалам ишалдаса гIодов чIезавуна. Цинги гIезегIан гIадамаз хIалбихьана МухIамадсаламие пайдаялъе хIалтIизе, гьев хъулухъалде вачIинавизе. Гьезие бокьухъе ккезеги ккана. Жакъасеб парламенталъул абулеб бугони, гьел депутатал хIадур рукIуна Москваялдасан бокьараб команда бачIани, хасав чиясул кандидатураялда цIар чIваян лъазабуни, гьез нахъруссинчIого тIубазабула гьеб. Гьединлъидал гьеб парламенталъул кинабгIаги къуват гьечIо».

Байбихьуда Дагъистаналъул парламент гIуцIун букIана батIи-батIиял гIаламатазухъ балагьун. Масала, миллатазухъ балагьун. Гьедин рукIунаан даргиязул, магIарулазул, лъарагIазул, лезгиязул округал. Хадуб байбихьана руччабазулгун бихьиназул округал гIуцIизеги. Жидеего къабулав гурев чи парламенталде ворчIиларедухъ тIалъиялъ ургъулел хIиллабиги рукIунаан. Масала, МахIачхъалаялъул Сепараторазул мухъ рикIкIуна аслияб куцалда магIарулаз гIумру гьабулеб мухълъун. Гьенибин абуни цо заманалда гIурус округ «гьабун» букIана.

Амма жакъасеб парламент тIубан батIияб бугин рикIкIунеб бугоан республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас 23 апрелалда Халкъияб Мажлисалда букIараб данделъиялда. Асала, кIиго соналъ цебегицин гьеб тIубан батIияб букIанила. Семендералда хасаб операция тIобитIулеб заманалда парламенталдаса депутатал рекеранила Семендералда сверун ккурал хъачагъал эркен гьаризе. Гьанже гьедин гьечIила.

Амма къого соналъ цебего гIадин жакъаги республикаялъул тIалъиялъ бицуна парламенталде цо тохал чагIи ккезе гурилан абураб хIинкъи бугин жидер.

Дагъистаналда вуго гьаркьал кьезе ихтияр бугев 1 млн-гун 600 чи. Гьединлъидал гьанжего хIадуризе кколин гьел исана республикаялда тIоритIизесел батIи-батIияб даражаялъул рищияздеян абураб хабар ккун букIана гьал къоязда МахIачхъалаялда бегавулзабазул данделъиялда. Масала, республикаялъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас абуна Бищун хIажатаб жо бугила гьел рищиязда гIахьаллъулел кандидатазда гьоркьоре унголъунги халкъалъ къадру гьабулел чагIи ккей.

Гьеб мехалда рачIине руго гIадамалги гьаркьал кьезеян абуна Хизри ШихсагIидовас. Гьеб мехалда букIунила гъоб рищиязда гIахьаллъаразул рогьояб II процент гуреб, 50-60 гIаги процент. Пуланав бакIалъул нухмалъулес байбихьулила кандидатазул сияхI жиндиего недегьал чагIаздасан гIуцIизе. Гьеб мехалда хьвадуларила халкъги рищиязде. Халкъалъ къимат гьабулел чагIи гьенире ккананийин абуни, къимат букIунила депутатазул гIуцIиязул.

1990 абилел соназда Дагъистаналъул парламенталде тIоритIулел рищиял рукIунаан бищунго багьаял – чара гьечIого я чIвай-хъвей кколаан, яги гIарцул хъапал рикьулаан гьаркьал кьолел чагIазе. Масала, цо чанго соналъ цебегицин магIарул цо мухъалда нухмалъулев вищизе цояв кандидатас 52 млн гъурущ харж гьабиялъул бицен букIана.

Амма гьал рищиял цо кепек гIарацги харж гьабичIого тIоритIизе кколин лъазабуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Рищиязда цере рукIунел харбазул хIакъалъулъги гьадин бицана гьсе.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьанир нижеца кандитатазул сияхIал гIуцIулел руго. Нужергоязухъги-нижеразухъги балагьиларищ цоян рачIуна кIалъан. Дир гьечIо гьел «нужералги-нижералги». Дир руго «пайдаялда хIалтIулел» чагIи. Руго гьединго гьанжелъагIанги гьалдаса хадурги гьерсал рицун, халкъ махсароде кколел чагIи».

20 соналда жаниб Дагъистаналъул парламенталъе нухмалъи гьабуна щуго батIияв чияс. Гьезул кIигоял – МухIу ГIалиевгун МухIамадсалам МухIамадов – рукIана республикаялъул президенталлъунги.

XS
SM
MD
LG