МагъчIваялъе рес

Сундуе гlоло чи чияр рагъде унев?


Сирия, яргъидгlуцlарал, 21 август 2014
Сирия, яргъидгlуцlарал, 21 август 2014

Августалъул ахиралда Австриялъул полициялъ ккун вукIана кIиго автомашинаялда рекIун Сириялда рагъизейин унев вукIарав 10 чи. Гьезулги ичIгоял рукIун руго чачанал, гьезда гьоркьов цо балугълъиялде вахинчIев васги цо чIужугIаданги рукIунги руго, 10-билев чи вукIун вуго туркав.

Эркенлъи Радиоялъул Австриялда йигей мухбиралъул баяназда рекъон, гьезул щугоял полициялъ нахъе ричIчIан руго улка бахунгеянги лъазабун, ункъгояв жанив ккун вуго.

Ахирал къоязда интернеталда тIиритIун рукIана Сириялде рагъизе унел рукIарал чачанал Австриялъул полициялъ кквеялда бан, Австриялда ва тIубараб Европаялдаго Россиялдаса рачIунел мигрантаздехун бербалагьи квешлъун бугин абурал баянал.

Венаялда йигей Эркенлъи Радиоялъул мухбир Азимова Силахал баяназда рекъон, гьениб халлъулеб гьечIо мигрантаздехун яги бусурбабаздехун кинабниги квешаб бербалагьи. Ратанигицин гьел руго цо-цо къанагIат дандчIвалел хIужаби.

Гьелъго бицана Австриялъул диванханабаз щибав чиясда хурхун ва гьес гьабураб кинаб букIаниги къануналде данде кколареб хIужаялъул батIа-батIаго хал гьабулин ва къануналда цебе щибав чиясул жавабчилъиги батIа-батIаго чIезабулин. Гьединлъидал гьел чагIи Сириялде рагъизе унел рукIанин абизе бегьуларин гьеб хIужа диванханаялъ чIезабичIогойин.

Гьелде тIадеги Силахаца абуна информалатаз низам цIунулезда мугъчIвайгун кьурал баяназда рекъон, гьев ичIгоясда хадуб хасал хъулухъаз халккун букIун бугин ва гьединго тохаллъиялда гъоркь букIун бугин гьез интернеталдасан хъвалел кагъталги гьабулеб цоги хIалтIи-пишагийин.

Гьединго Европаялда ва хасго Австриялда хIижабал ретIарал руччабазде тIадекIанциял гьарулел ругин интернеталда ракIкIарал лъазабиялда хурхун Силахаца абуна хIижаб Европаялъул къватIазда гIадатияб ретIеллъун лъугьун бугин ва гьелдехун кинаб букIаниги рокьукълъи загьир гьабиялъул хIужа жинда рагIичIин.

Азимова Силаха: «Дун цIалулей йиго Венаялда университеталда исламияб факультеталда. Дида цадахъ гIемерал руго хIижабал ретIаралги ретIинчIелги ясалги руччабиги. Щибаб къойил дида дандчIвала хIижаб ретIарал нус-нус руччаби. Гьезда гьел рахъизариялъул яги цоги кинаб букIаниги батIияб тIадецуй гьезде гьабиялъул хIужаби дида рагIичIо ва рихьичIо. Исламияб ретIел Венаялдаги, Берлиналдаги, Лондоналдаги ай европаялъул чIахIиял шагьаразда цебегоялдаса гIадатияб ретIеллъун лъугьун буго ва дида кIоларо исламалде данде гьаниб кинабалиго истерия бугин абизе».

Сириялдаса кьалбал ругев Австриял гIумру гьабулев имам Тарфа Багъжаятица кIвар кьун лъаазарула иммиграциялда, расизмалда ва инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун суалал. Сириялде рагъизе унел рукIарал чачанал Австриялда ккунин лъазабиял раккаралдаса хадуб гьес жавабал кьолел руго Эркенлъи Радиоялъул ГIиракъалъул хъулухъалъул мухбир Самира ГIали Мандил суалазе. Гьел аслияб куцалда хурхарал рукIана жинда «Исламияб пачалихъин» абулеб къукъаялъ Европаялдаса бусурбаби жидерго кьеразелъе ахIиялда.

RFE/RL: Жидеда «Исламияб пачалихъин» абулеб къукъаялде вагъизе ине ккани Европаялда гIурму гьабулев бусурманчиясе щиб камун букIине кколеб, кинал гIиллаби рукIине кколел гьев гьениве ине ккани?

Тарфа Багъжаяти: «Буго гьелъие чанго гIилла. ТIоцебесеб ва бищунго кIвар кIудияб буго гьенире рагъизе унел гIолилазул исламалъулгун ва бусурбабазулгун цебеккун лъикIаб бухьен букIинчIолъи. Гьезул цо-цоял киданиги рукIинчIо мажгитазда ва цо-цоязда как кин балебицин лъаларо. Гьеле гьелъ буго гьезул пикруялъе асар гьабизе бигьалъулеб ва гьел эмоцияз кверде росулел. Гьез динияб рахъ кколаро гьеб суалалъулъ. Гьезде абулеб буго «Нижеца бихьизабила нужеда хIикъикъат, нижеца бихьизабила нужеда ритIухълъи ва алжаналде нух,-ян.

КIиабилеб гIилла буго гьел гIолилаз жалго гьаб Магърибалъул дунялалъул бутIалъун рикIкIунгутIи. ЛъикIаб рахъалдехун церетIеялъе тарбия щун гьечIо гьезие. Дискриминация ва Ислам бокьунгутIиялъул ва бусурбаби рокьунгутIиялъул гIаламаталги камулел гьечIо гьанир. Гьезги гьеб «исламофобиялъул» къабул гьабулеб буго».

RFE/RL: Магърибалъул гIумру гьел гIолилаз къабул гьабунгутIиялдаса пайдайищха босулеб экстремистиял идарабаз?

Тарфа Багъжаяти: «Гьеб суалалъулъ Магърибалда гIайиб гьабизе нилъеца кинго бегьуларо. Нилъеца нилъедаго гьикъизе ккола гьединаб пикру нилъер жамгIияталде кин бачIарабин. Гьеб буго ахирисеб 20-гIан соналда жаниб нилъер ургьибе лъугьараб пикру. Гьеб пикруялъ асар гьабулеб буго нилъер гIолеб гIелалъе ва гьелъ рачана гьез жидерго жамгIиятал магърибалъул жамгIиятаздасаги рикIкIад гьариялде. Гьелъ гьел рикIкIад гьарулел руго ГIиракъалда ва Сириялда бугеб гIадатияб исламалдаса. Гьелъ гьел гъолел руго фанатизмалъул нухде. Къуръаналдаса гьез босулеб буго жидеего данде кколеб интерпретация ай таржама.

Къуръан буго кверал яги бутIрул къотIизе яги зина гьабуралъухъ чи чIвазе гуреб- ракьалда ритIухълъи чIезабизе рещтIараб тIехь».

RFE/RL: Магърибалда мажгитазда тIад лъолеб буго ГIиракъгун Сириялде гIолилал рагъизе ахIиялъул жавабчилъи.

Тарфа Багъжаяти: «Моралияб жавабчилъи гьезда тIад бугин рикIкIуна дицаги. Нилъеда киназдаго тIад буго гьеб жавабчилъи.

Гьеле гьелъин нижеца австриялъул исламияб комиссиялда ва улкаялъул гIемерал мажгитазда хIаракат абахъулеб гьеб суал цогиязде тIаде рехичIого тезе. Гьелъул бицине ккола рузман къояз вагIза гьабулаго. КIвар буго бакIалъул мацIалда нилъ кIалъаялъул. Проблема буго гьел гIолилазе информация кьолеб аслияб магIданлъун интернет букIин, диналъул суалазулъцин. ГIагалигун абизе ккола гьеб бугин You Tube цIун щибаб мацIалда Интернет цIезабун бугеб экстремистияб тенденцияйин.

Гьел гIунгутIаби нижеда рихьулел ва ричIчIулел руго».

Сириялде рагъизе дагъистаниялги унел ругин ва гьенив чанго чи чIванцин вукIанин лъазабиял рукIана. Гьединго Мавлет Батировасул цIар лъураб Хасавюрталъул спортивияб школалъул директор Абакаровас бицунеб букIана батIи-батIияб даражаялда чемпионаллъун рахъарал гIолохъабазул 14-явцин ун вугин Сириялдейин.

Сириялде рагъизе ун вукIаравин абун Дагъистаналда жакъаялде жанив тIамун вуго цо чи- НурмухIамадов Шамиль ва чанго чиясда сверун унеб буго диваналъул процесс. НурмухIамадовасул адвокат МухIамадова Сапиятица бицухъе, гьев вуго гIайибго гьечIого цоги жиндиргун цIаргIахьаласул бакIалда жанив тIамурав ва жидер гъалатI тIатаниги низам цIунулез эркен гьавичIев чи.

XS
SM
MD
LG