МагъчIваялъе рес

Сириялъул рагъулъ дагъистаниял


Ахираб заманалда батIи-батIиял информалатаз бицунеб буго Сириялда унеб рагъулъ Шималияб Кавказалдаса гIолилал гIахьаллъулел ругин. Гьедин лъазабулеб буго Россиялъул федералияб хIинкъи гьечIолъиялъул идараялъул нухмалъулев Александр Бортниковасги. Гьесул баяназда рекъон, гьаб соналъул май моцIалда Башар Асадида данде рагъулезул кьеразулъ вуго Россиялдаса 200 чи.

ГIемерисел руго Татарстаналдаса ва Шималияб Кавказалдаса. ГьабсагIаталда гьенир ругезул къадар жеги цIикIкIун буго. Дагьалъ цебе Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна Россиялдаса ва Европаялдаса гьенир рагъулел ругин 600-гогIан чи. Амма хIакъикъаталда гьезул къадар жеги гIемераб бугилан рикIкIунеб буго цоги экспертаз.

Регоналиял ва диниял цIех-рехазул институталъул нухмалъулев Раис Сулеймановас «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон, гьабсагIаталда гIага-шагарго Шамалда вуго 800 гоялде гIагарун Россиялдаса чи. Гьезда жаниса цохIо Дагъистаналдаса вуго 150-180 чи, Чачаналдаса 460-480 чи. Аслияб къагIидаялъ доре унел руго Туркиялдасан. Доре официалияб тIалъиялда данде рагъизе унел чагIи эркенго риччалел руго Туркиялъул гIорхъодасан. Дагьалъ цебе Египеталда тIобитIараб исламиял гIалимзабазул конференциялда лъазабуна Шамалда жигьад бугин. Гьелдаса хадур жеги гIемер чагIи рагъде ине ругилан рикIкIунеб буго гIелмияв хIаракатчи Къебедов ГIабасица. Гьесул пикруялда рекъон, тIолабго дунялалдаса чагIи ине руго Шамалде. ЦохIо Индонезиялдаса Шамалда рагъизе ине бокьаразул къадар бахулеб буго 1 млн. чиясдеян бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Къебедов ГIабас: «ЦIакъ лъикIаб гуреб ахIвал-хIал буго Шамалда. ТIалъиялъ кутакалда гIакъуба кьолеб буго жидерго халкъалъе. Дагьалъ цебе Мисралда ракIана дунаялалъулго кIуди-кIудиял гIалимзаби. Гьез чIванкъотIараб хIукму гьабунаСириялда жигьад бугин ва щивав бусурбанчияс жиндаса бажарараб гьабизе кколин гьенир зулмучагIазда данде рагъулезе. Гьединлъидал Россиялдаса гIемер гIолохъаби ратила гьенир, гьечIилан дида абизе кIоларо. ГьабсагIаталда цохIо Дагъистаналдаса 20 гIаги чи чIванилан мухIканго лъалеб буго. Гьанжеялдаса нахъе гьенире ине ругезул къадар цIикIкIун гуреб, дагьлъизе гьечIо дир хIисабалда».

Чанго соналъ Сириялда цIаларав МухIамадгIалиев МухIамадил пикруялда рекъон, цIакъго кIудиял гIиллаби ругони гурони гIалимзабаз жигьад гьабизе фатва кьоларо, гьезда ралагьун чIун рукIинчIо рагъде ине бокьарал гIадамал.

МухIамадгIалиев МухIамад: «БитIараб бицани, дида кколаро гьеб фатваялъухъ ралагьун чIун рукIанин Сириялде ине бокьарал гIадамал. Дунялалдаго ругел бусурбабазул гIалимзаби сундуе бугониги фатва кьезе хIинкъулел руго. Гьанже доба жигьад букIиналда ракIчIарал гIолилал гIалимзабазул фатваялда ралагьун чIоларо, гьелдалъун жидее хвасарлъи букIиналда божуларо гьел. Фатваялъул хIасилалда рагъде унезул къадар цIикIкIиниланги кколаро».

Гьединго МухIамадица бицана Шималияб Кавказалдаса гIолилал рагъулъ гIахьаллъун гурел, дора ругел рагъулал къокъабазул нухмалъулеллъунги ругилан. Мисалалъе, Чачаналдаса Абу ГIумар Шишани абурав чи ва Дагъистаналдаса ГъизимухIамад ЦIунтIави абурав чи ккола «Джабгьат ан-Нусра» абураб рагъулаб къокъаялъул нухмалъулел. Гьединго Сириялда машгьурлъун вукIана гIемер мехалъ гьенив вукIарав, моцIалъ цеве шагьидлъарав ТIелекьа ГIабдурахIман.

Дагъистаналдаса цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, Сириялде рагъде унезул къадар цIикIкIиналъ жибго Дагъистаналда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялде унел дагьлъун руго. Гьедин бицана ЦIумада мухъалдаса Сажидов Шигьабудиница. Гьединго бицунеб буго ЦIунтIа мухъалдаса яргъид гIуцIаразул тIубараб къокъа Сириялде ун бугилан. Исламиял суалазул эксперт, гIалимчи Руслан Къурбановас жиндирго макъалаялда хъвалеб буго гIолилал Сириялде рагъде ине бокьаразул къадар гьанжеялдаса нахъе цIикIкIине бугин хасго Шималияб Кавказалдаса. Амма гьениб бергьенлъиги босун хадуб гьел Россиялде тIадруссани гьаниб ахIвал-хIал кутакалда хIалуцине бугин.

Чачаназул пачалихъияб университеталъул профессор, вагьабизмалъул рахъалъ специалист Акаев Вахитил пикруялда рекъон, Россиялда унеб буго хIалуцараб рагъде цIаялъулаб пропаганда. Аслияб къагIидаялъ рагъде рачуна интернеталдаса, социалиял сайтаздаса бухьенги гьабун. Гьелъие гIорхъичIвай гьабичIони, пачалихъалъ жанисеб политикаялде цIикIкIун кIвар кьечIони аза-азар нилъер гIолилал рагъде ине руго ва гьенисар рагъулаб махщелги щун тIадруссине руго.


XS
SM
MD
LG