МагъчIваялъе рес

​Даимавищ Путин?


Россиялъул президент Владимир Путин, Сочи,
02 июнь, 2014
Россиялъул президент Владимир Путин, Сочи, 02 июнь, 2014

Украиналда Россиялъул политика бихьун Магърибалъ рикIкIад гьавунагIан жиндирго улкаялда борхулеб буго Россиялъул президент Владимир Путинил рейтинг.

Гьанже Россиялъул президент Владимир Путинил буго цебе цо нухалда гурони букIинчIеб гIадинаб рейтинг.
Социологазул пикруялда гьелъие бугеб цого-цо гIиллаги буго Россиялъ Украиналда сверун билъанхъизабулеб бугеб политика.

Социолог Лев Гудковасул пикруялда Россиялда хIалтIизе биччан буго Украиналде данде гучаб кампания.

Лев Гудков: «Украиналде данде гьабулеб букIана цIакъ кIудияб кампания. ТIалъиялъ бицунеб букIана рагъул мацI. Бицунеб букIана фашизмгун къеркьеялъул ва киналго цолъизе ккеялъул мацI».

Драматикияб куцалда Крымалъе анеексия гьабиялъулъги Украиналъул машрикъалъул рахъалда сепаратистиял бербалагьиял цIикIкIиналъулъги Россиялъул лъалкI бихьулеб буго Магърибалда. Амма Москваялъ гьеб кинабго бихьизабулеб буго Киевалдаса бачIунеб бугеб нео-нацистазул хIинкъиялде данде гьабулеб рагъ хIисабалда.

Левада Централъ араб анкьалда къватIибе загьир гьабураб гьезул цIех-рехазул хIасилалъ бихьизабулеб буго улкаялъул президент хIисабалда Путинил политикаялда халкъалъул 83 процент разияб букIин.

Исана сон байбихьаралдаса гьесул рейтинг борхун буго 18% ва гьанже бугелдаса цIикIкIараб рейтинг 88 % Путинил букIун буго 2008 соналъул сентябралда Шималияб Гьириялда Гуржиялъулгун Россиялъул къокъабго рагъдаса хадуб.

Гьанжеги Путинил рейтинг гIадада борхараб гьечIин рикIкIунеб буго социологаз. Гьезул пикруялда гьеб борхула гьесул каламалъулъ рагъулаб риторика цIикIкIараб мехалда. Путиница Россиялъе нухмалъи гьабулеб бугеб гIанасеб заманаялда гьесул рейтингалъул тIогьал рукIана чачаналъ кIиабилеб рагъ байбихьараб мехалдаги, Гуржиягун рагъ гьабураб мехалдаги, гьанжеги. Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе Лев Гудковас.

Лев Гудков: «Путинил рейтинг цIиккиналъул киналго тIогьал руго патриотикияб риторикаялъул хIасиллъун. Путинидtхен халкъалъул букIараб бербалагьиялъухъ нилъ балагьани, тIоцебе гьесул рейтинг борхун букIана чачаналъ кIиабилеб рагъ байбихьараб ва Москваялда кьвагьиял гьарураб мехалда. Доб мехалда рейтингалъул киналго рихьизариял киго моцIалда жанир гьаваялде рахун рукIана.

Исана апрель моцIалда ВЦИОМалъ кьурал баяназда рекъон, Россиялъул халкъалъул 82% божулеб букIана гьезул улкаялъ дунялалдаго кIвар кIудияб бакI кколеб бугин абуралда. Анлъго сон цебе гьедин рикIкIунезул къадар 58% гурони букIун гьечIо.

Дунялалъул улкабазе Россиялъул «кутакалда кIудияб асар» бугин рикIкIунеб буго гьаркьал кьуразул 25%, «гIуралъ кIудияб асар» бугин рикIкIунеб буго 50%.

Россиялде данде халкъаздагьоркьосел санкциял къабул гьарун ругониги жиндир политикияб хIаракатчилъиялда рухI речIчIинабуралъухъ Украиналъе налъулавлъун вукIине рес буго Путинил, щайгурелъул Киевалда кризис лъугьиналде цебе гьесул рейтинг моцIаз ва соназ чIечIого гIодобе кколеб букIиндал.

2013 соналъул сентябралда Левада Централъул баяназда рекъон, президент хIисабалда гуреб инсан хIисабалда Путин халкъалъул 50 проценталъе гурони рекIее гIолев вукIун гьечIо.

51 миллиард доллар тIад харж гьабураб хасалил Олимпиада Сочиялда тIобитIун хадубги Путинил рейтинг гIодобе ккун букIана 3-4 проценталъ.

Гьелдаса хадуб Путинил рейтинг токIаб киданиги борхизе гьечIин ккун букIанин жиндайин абуна Гудковас.

Узухъда, Евромайдан гIуцIарав ва Украиналда кризис лъугьинабурав чи Путин гуро, амма Россиялда къватIибе бачIунеб «Ведомости» газетаялъул мухбир Максим Трудолюбовас рикIкIунеб буго Путинида Украиналда бугеб ситуация цIакъ лъикI бичIчIанин ва гьелдаса кIвараб пайда босизе гьес хIаракатги бахъанин.

Максим Трудолюбов: «Ахирал моцIазда хIалтIизарулел ругел политикиял процессал руго цIакъ бигьаго хисизаризе кIолел ва гучаб тохаллъиялда гъоркь ругел процессал. Амма Украиналда бугеб конфликт бигьаго хисизабизе кIолеб-бокьараб мехалда багIаризабун бокьичIеб мехалда цIорозабун бажарулеб конфликт бугин абуралда ракI чIун рукIине бегьуларо.
Гьеб букIана жавабчилъи кIудияб ва хIинкъи цIикIкIараб хIукму».

Батlи-батlиял соназ Путинил рейтинг процентаздалъун
Батlи-батlиял соназ Путинил рейтинг процентаздалъун

Украиналъул машрикъалъул рахъалда хаос бекьиялъ ва би гIодобе тIеялъ Путин цIагун васундулев вугин рикIкIунеб буго экспертаз.

Трудолюбовасул пикруялда, Крымалъе гьабураб аннексиялъ ахириги Кремлалде данде реакция бижизабизеги рес буго.
XS
SM
MD
LG