МагъчIваялъе рес

Донецкалда "рагIун" гьечIо Путинил ахIи


Федерализация тIалаб гьабулезул лидераз хIукму гьабуна II маялде цIан бугеб Украиналъул машрикъалъул областазул лъиданиги бачIоголъиялда хурхараб референдумалъул болжал нахъе цIачIого тезе. Гьединаб ахIи гьабун букIана Россиялъул президент Владимир Путиница.

«Донецкалъул халкъияб республикаялъул» лидеразул цояв Денис Пушилиница лъазабуна жидер данделъиялда батIияб хIукму гьабунин.

Денис Пушилин: «Гьаркьал кьуна, гьелъул хIасилазда рекъон, нусго проценталъулаб хIукму гьабуна референдумалъул къо нахъе цIангутIиялъул. Гьеб тIобитIизе буго 11 маялда».

АрбагI къоялда ОБСЕялъул бетIер, Швейцариялъул президент Дидье Буркхальтерилгун рукIарал кIалъа-басаязда хадуб Россиялъул президент Владимир Путиница Украиналъул федерализациялъул рахъ ккурал ахIун рукIана рехсараб референдумалъул болжал нахъе цIаялде? Кинаб магIна букIараб Россиялъул президентасул ахIиялда?

Владимир Путин: «Нижеца рикIкIуна, бищунго аслияб жо кколин Киевалъул нухмалъиялдаги Украиналъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалъул вакильзабаздаги гьоркьоб битIахъеб диалог гIуцIийин. Гьеб тIобитIулеб мехалда Украиналъул жанбиябгун машрикъалъул рахъалъул вакильзаби божизе ккола Украиналда гьезул къануниял ихтияразул гарантияби чIезарулел рукIиналда. Гьелда бан Украиналъул жанубиябгун машрикъал рахъалъул вакильзабазда, федерализациялъул рахъ кколезда ахIула, гьеб диалогалъе къваригIунел шартIал раккиялъул мурадалда, 11 маялда бихьизабураб референдумалъул болжал нахъе цIаялде."

Гьесго лъазабуна, 25 маялда тIобитIизе ракIалда ругел Украиналъул президентасул рищиял «битIараб рахъалдехун гали бугин».

Цолъарал Штатаз ва Евроцолъиялъ лъикIаб къимат кьуна Путинил инициативалъе. Гьелъ хьулал раккизарунин, Путиница жиндирго тактика хисизабизе бегьиялда хурхаралин, хъвалеб буго цо-цо информалатаз. Гьелдаго цадахъ лъазабуна II маялда референдум тIобитIаниги, гьеб легитимияб букIине букIине гьечIин, гьединлъидал гьеб тIубанго нахъ бахъиялъул бицине кколин лъазабулеб буго СШАялъул ва Евроцолъиялъул дипломатаз.

Польшаялъул премьер-министр Дональд Тускица лъазабуна, Магърибалъ цIодорго къабул гьабизе кколин Путинил лъазабиян. Гьеб кколарин кризис рагIалде бахъинин абизе бегьулеб лахIзат. Путинил рагIаби хурхарал рукIине бегьулин оптимистияб сценариялдайин, амма гьанжеги заман щун гьечIин гьедин абизейин.

Киевалъ лъазабуна, референдумалда бараб жо щибниги гьечIин, антитеррористияб операция халат бахъинабизе бугин.

Украиналъул Миллияб хIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул бетIер Андрей Парубий: « Референдумалъул болжал нахъе бахъулеб батаниги, яги гьелъул хIасилал лъазарулел ратиниги, гьелъул кинабгIаги кIвар гьечIо. Антитеррористияб операция халат бахъине буго. Референдум ккола политикияб афера ва авантюра».

Гьелдаго цадахъ Украиналъул президентасул хъулухъ тIубазабулев Александр Турчиновас лъазабуна, Украиналъул нухмалъи хIадураб бугин Донецкалъул ва Луганскалъул жамгIияталгун диалогалдейин. Аммаян, жубана гьес, жидер кверазда би бугел яргъид гIуцIарал такъсирчагIазулгун, цивилизациялъулал пачалихъаз кIалъа-басаял тIоритIуларин.

ИТАР-ТАССалъул лъазабиялда рекъон, ОБСЕялъ Россиялъухъе кьун буго Украиналда ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъул «нухлолаб карта». Данде ккезе бугищ Россиялъе ОБСЕялъул къагIидаби, гьанжеги лъазабулеб гьечIо.
XS
SM
MD
LG