МагъчIваялъе рес

Берцинлъиялда ва сурукълъиялда гьоркьоб


«Ираналъул руччабазул балъгояб эркенлъи» абулеб гьумер рагьун буго Fasebookaлда. Гьелде жидерго хIижабалги ретIичIого балъго рахъарал суратал рачIунел руго тIолабго улкаялдаса. Гьедин бицунеб буго сайталъул администратораз. Ираналъул руччабаз гьедин лъазабулеб буго жидее ругел гIурхъабазе протест. Дагъистаналда абуни руччабазда ва ясазда гьоркьоб къо бахъанагIан машгьурлъулеб буго пластикияб хирургия. Кинал ругел гьелъул лъикIалги квешалги рахъал?

«Яцал, ретIе хIижабал!» абун хъван буго ботIрода гIицIго сурат бахъарай гIолохъанай ясалъул сураталда гъоркь, цоги-тIогьилаб рас бугей яс йиго басрияб хъалаялъул чIвадазда гIодой чIун, цоги кIигояй хIижабалги ретIинчIого кьурдулел руго Каспий ралъдал рагIалда.

Жидерго гьединал суратал лъолел руго Ираналъул анцI-анцI руччабаз Fasebookaлда дагьаб цебегIан рагьараб гьумералда.
«Ираналъул руччабазул балъгояб эркенлъи» абулеб гьеб гьумер кинаб букIаниги политикияб багъа-башариялъул гьумер кколарин абулеб буго гьелъул администратораз. Гьелда гIицIго рихьизарулел ругин Ираналъул руччабазе чIезарун ругел ихтияразул ва жамгIияб рахъалъ гIурхъабийин.
Администратораз бицухъе, гьеб гьумералда лъун рушелщинал суратал руго Ираналъул киналго бутIабаздаса ва рахъаздаса руччабаз жидецаго ритIун рачIенел суратал. 3 маялда хIалтIизе байбихьараб гьеб гьумер «лайкал» лъун жидее рекIее гIолеб букIиналъул гьанжеялде лъазабун буго 30 азаргогIан чияс.

http://tinyurl.com/kotglum

Масала, Тебриз шагьаралдаса гIаданалъ сурат бахъун буго магIарда тIадги чIун гьорое расги гьурщун. Гьелъ хъвалеб буго гьури ботIрода хъвараб мехалда букIунеб лазаталъул.

Ираналъул руччабаз хIижабалде данде жидерго протест гьадин лъазабулеб батани, исламалъул рихьизариял Ираналда гIадин пачалихъияб даражаялда цIунун гьечIеб Дагъистаналда цIикIкIунел руго, гьезул пикруялда, жал берцинлъизелъун пластикиял операциял гьарулел руччабазул къадар.
Дагъистаналда ахирисел анцI-анцI соназда жаниб лъикIго цIикIкIун буго мугIурузе операциял гьарулел гIадамазул къадар. Гьел цо берцинлъиялда хадур лъугьун гурониги медицинаялъул бихьизабиялда рекъонги гьарула гIадамаз ва гьеб гIадатияб иш буго республикаялда.
Дагъистаналда дуе жакъа лъикIав тохтурасухъеги ун пластикияб операция гьабизе, ай рукIкIалаби нахъе гьаризе яги даларал кIаркьаби дагьалго рорхизе яги гьелда релъараб цоги жо гьурмае гьабизе къваригIани дуде тохтурасул ирга кIиго лъагIалидасан гурони щоларин бицана тохтур ГIалиева Анжелаца.

ГIалиева Анжела: «Пластикияб хирургиялда хIалтIулел руго дида цадахъ цIалулел рукIарал цо-цоял. Гьезухъе абуни, кIиго лъагIел цебе гьабураб сияхIалда рекъон гурони ине рес щоларо. Пластикияб операция гьабизе бокьун батани лъикIав тохтурасухъ, кIиго лъагIалица чIезе ккола. Гьедин машгьурлъун ва цебетIун буго гьаниб гьеб кинабго».

Анжелаца гьарулел гьечIо пластикиял операциял, амма гьелъ гьурмада гьарула ботоксалъул инъекциял ва батIи-батIиял маскаби.

ГIалиева Анжела: «Цо нухалда операция гьабурав чи цогиги вачIуна. Нодоялда, беразул рагIалда, кIал сверун раккулел рукIкIалаби лъиеха рокьилел? КIаркьаби далула заман анагIан. Гьеб кинабго кIванагIан букIухъе гьабизе бажарула нижеца гьарулел процедурабазда».

Дагъистаналда машгьурал пластикаялъул клиникаязул сайтазда кьолел руго гьез гьарулел процедурабазул багьаби. Гьоркьохъеб багьа буго 30 азаргоялдаса 50 азаргоялде щвезегIан гъурущ. Сайталда кьурал багьабазда рекъон, бищунго хирияб процедуралъун кколеб буго гьумер сверун ругел рукIкIалаби нахъе гьариялъул операция ва гьеб бахунеб буго 85 азарго гъурщиде. КигIанабха бугеб Анжелал процедурабазул багьа?

ГIалиева Анжела: «Багьа бараб буго даруялъул хиралъиялда. Масала, мезатерапиялъухъ кьола азарго гъурущ. Буго 7000 гъурщиде бахунебги дару. Хиралъиялда бараб букIуна процедураялъул эфектги. Москваялда, узухъда, гьеб кинабго гIемерго хираго буго Дагъистаналде дандеккун».

Социалиял сайтазда гIемер рихьула дагъистаналдаса ясаз лъурал жидерго суратал. Ахираб заманаялда гьезда гьоркьор лъалаго гIемерлъун руго понцIарал кIутIбиги, къалмица хъварал кьунсрулги, тIадеги рекIинарурал тIелхалги малъалги ругел ясазул суратал. Дагъистаниялъе хасиятаб гуреб гьеб сипат республикаялъул ясазда берцин бихьиялъе гIиллалъун тохтур Анжелаца рехсолеб буго жакъа информация дунялалдаго хехго тIибитIулеб букIинги къватIисел улкабазул даптаразда кьолел ва гьениб берцинаблъун рикIкIунеб сипат Дагъистаналдаги модаялде бачIунеб букIин.

ГIалиева Анжела: «Жакъа берцинлъиялъул эталонлъун рикIкIуна Голливудалъул актриса Анжелина Джоли. Гьединлъидал киназего бокьун буго гьелда релъараллъун рукIине. Дица рикIкIуна бихьиназдаги берцин рихьулин гьединал кIутIбийин. Дица бицунеб гьечIо гIурхъи тун понцIезарурал кIутIбузул. Комиксазда гIадин гуребха, цодагьалго жанир цIезаризе бегьула кIутIби, гьел гьадин гьарун рукIараблъи лъаларедухъ. Кинабго бараб букIуна дозаялда. Цо-цоязда бихьуларо гьеб берцинлъиялда ва сурукълъиялда гьоркьоб бугеб гIурхъи».

Анжелаца бицана модаялъе улкабазул гIурхъаби гуребги ясазул ригьгицин мукIурлъулеб бугин.

ГIалиева Анжела: «15-16 сон барал гIисинал ясалцин рачIуна дихъе кIутIби гьаризейин абун. Узухъда, дица гьабилищха. Гьезул эбел-эмен разилъун рачIунел чагIи ратуларо гьел дихъе».

ГIемерищха рачIунел Анжелахъе руччаби?

ГIалиева Анжела: «Цо-цо мехалда тIубараб къоялъ гIодой чIезе щоларо дие гIадамазул гIемерлъиялъ. Дихъе рачIунел чагIазул къадар азариде бахунебги батула, бахинчIого букIинеги рес буго, щайгурелъул цого чагIи тIад-тIадруссун рачIунелъул».

Дагъистаналда гIолохъанаб гIелалда гьоркьоб цоги гIатIидго тIибитIараблъун кколеб буго «бомбитаби» абураб рагIи.
Гьел къватIир чIвазабураб магIнаялъул скетч бахъун букIана «Горцы от ума» абун лъалеб проекталдаги.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:39 0:00
Интернет-мухъ


https://www.youtube.com/watch?v=orhWjUmpz2A&list=RDorhWjUmpz2A

Гьений аслияб роль хIарай авар театралъул актриса Халидова Рукъиятица бицана хас гьабун гьеб скетч бахъиялъе букIараб гIиллаялъул.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:10 0:00
Интернет-мухъ

Дагъистаналъул Пачалихъияб Университеталъул мугIалим МухIамадова Разиятидаги щибго квешаб жо бихьулеб гьечIо чIужугIаданалъ жийго берцинайлъун ва гIолохъанайлъун йикIине жиндиего хъулухъ гьабиялъулъ, амма гьелдаги бичIчIулеб гьечIо гIурхъаби тун, киналалиго сипатазда хадур лъугьун, ясаз ва руччабаз жидерго гьумер ва черх хисизабиялъе гIилла.

please wait

No media source currently available

0:00 0:03:36 0:00
Интернет-мухъ


Берцинлъи буго щибав чиясда жиндирго къагIидаялда бичIчIулеб жо. Гьелдаго цадахъ тарихалда букIуна щибаб гIелалъе берцинлъиялъул эталонгиян бицана нахъеги Разиятица. Цересел художниказ жанирцIурал руччабазул суратал рахъулел рукIун ратани, гьанже берцинлъиялъул эталоналда хIалакъал ругин ва жакъа модаялда бугеб метер сурун бихьулеб къагIида бугин, гьединлъидал метер тIадбуссунареб берцинлъи жакъа хвезаби битIараблъун бихьулеб гьечIо мугIалималда.

XS
SM
MD
LG