МагъчIваялъе рес

Украиналъе газ хиралъизабун буго


Киевалда гъоркьехун бугеб газил станция, Март 4, 2014
Киевалда гъоркьехун бугеб газил станция, Март 4, 2014

Гьанже Крымалде ва Севастополалде ине бокьарал къватIисел улкабазул гIадамаз гьаризе ккола Россиялъул виза. Гьедин лъазабуна Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ. Гьедин Украиналъул къануназда рекъон, Крымалда букIараб виза хIажалъулареб низам нахъе бахъулеб буго Россиялъ. Москваялъ гьединго цIикIкIинабун буго Украиналъе бичулеб газил багьаги.

Россиялъ къотIизабулеб буго Украиналъе бичулеб газ учуз гьабиялда хурхун араб соналъул декабралда гьабун букIараб къотIи. Гьедин кIиабилеб кварталалда Украиналъе Россиялъул газил багьа букIине буго азарго кубометралъухъ 385 доллар. Гьедин лъазабуна талат къоялда журналистазе «Газпромалъул» бетIер Алексей Миллерица.
Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб хурхараб буго Украиналъ 2013 соналда босараб газалъухъ налъи бецIиялда сверун гьарун рукIарал тIадеросиял тIуразаричIолъиялда ва гьанже босулеб газалъухъги тIубанго гIарац кьолеб гьечIолъиялда. Гьедин цIикIкIунеб буго Украиналъул Россиялда цебе налъи. Жакъа къоялде гьеб бащалъулеб буго цо миллиардгун 711 млн.долларалда. Гьедин лъазабуна «Газпромалъул» бетIерас.

Араб соналъул декабралда Россиялъ ва Украиналъ гьабун букIараб къотIиялда рекъон, 2014 соналда газил багьа букIине кколеб букIана азарго кубометралъухъ 268 долларгун 50 цент.

Цебе газалда сверун Россиягун Украиналда гьоркьор гьарурал ва 2009 соналда гъулбасарал контрактазда рекъон, Киевалъе газ бичулеб букIана 100 долларалъ учузго. Гьеб хурхараб букIана Крымалда ЧIегIер-ралъдалъ россиялъул флот букIиналда сверун гьарурал къотIиязда.

Крымалъе аннексия гьабун хадуб Россиялъ лъазабуна Украиналда Россиялъул ЧIегIер-ралъдал флоталда сверун киналго къотIиял хвезарулел ругин. Украиналъул цIияб хIукуматалъ абуни 2014 соналъул апрелалдаса нахъе Россиялъухъ босулеб газалъул азарго кубометралъухъ 480-де щвезегIан доллар бихьизабун буго бюджеталда.

Гьебго заманаялда хиса-басиял кколел руго жибго Украиналъул политикияб гIумруялдаги. Итни къоялъул къаси ярагъги нахъе кьун «Днепр» петер тун буго «Кваранисеб секторалъул» активистаз. Гьедин хъван букIана Facebookалда жиндирго гьумералда Украиналъул улка цIуниялъул министрасул ишал тIуразарулев Арсен Аваковас.

Гьел активистал хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватазул нухмалъиялдалда гъоркь автобусаздаги рекIунун ун руго шагьар бахун ругел жидерго базаязул цоялде. Гьедин лъазабулеб буго УНИАНалъ Аваковасда мугъчIвайги гьабулаго.
Итни къоялдаса талат къоялъул сардилъ Майдан цIуниялъул къуватаз сверун ккун букIана «Кваранисеб секторалъул» аслияб офис букIараб петер. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана гьеб секторалъул цо активистас Киев бакьулъ кьвагьизе байбихьи ва лъабго чи лъукъи. Лъукъаразул цояв вуго захIматаб хIалалда. Кьвагьдарав ккун вуго ва унеб буго цIех-рех.
«Кваранаб секторалъ» лъазабулеб букIана гьеб кьвагьи рукIа-рахъиналъул конфликталдасан ккараб бугин ва рагIи кьолеб букIана цIех-рех унеб куцалда хадуб хал кквезе. Гьедин лъазабулеб буго «Украинская правдаялъ».
Талат къоялда Украиналъул парламенталде хал гьабизе босун букIана киналго пачалихъиял гурел яргъидгIуцIарал къукъабазухъа ярагъ нахъе босиялъул суал.
XS
SM
MD
LG