МагъчIваялъе рес

В.Чубарова: «Дида ккола Путин живго гIодове ккезе вугин кватIичIого»


Валентина Чубарова
Валентина Чубарова

Ахирисел соназ гIемерал гIадамаз Россия тун, къватIирехун ана. ГIадатиял гIадамал гурелги – демократикиял багъа-бачариязул хIаракатчагIиги. Масала «Династия» фондалъе кьучI лъурав Дмитрий Зимин, эколог ва жамгIияв хIаракатчIужу Евгения Чурикова, Краснодар икълималдаса Леонид Мартынюк ва Сурен Газарян, чIварав оппозиционер Борис Немцовасул яс Жанна, гражданиял активистал Владимир Ионов ва Ирина Калмыкова. Гьел киналго жанире тIамизе рес букIун буго. Гьезде гIунтIизабураб гIайиб – изну гьечIого пикетал тIоритIи. Гьезда гъорлъ- жамгIияй хIаракатчIужу Валентина Чубароваги.

ЖамгIияй хIаракатчIужу, антрополог Валентина Чубарова 2014 соналда Польшаялде гочана. Доба гьелъ цогидал хIаракатчагIазулгун цадахъ гIуцIана «Эркенаб Россиялъе гIоло» абулеб жамгIияб багъа-бачари. Гьезул хIисабалда Россиялда бугеб ахIвал-хIалалъе къватIисанги асар гьабизе бегьула.

Жиндирго эмиграциялъул хIалбихьиялъул бицен гьабулаго, Валентина Чубаровалъ абулеб буго, жидер хиял бугин Путин Россиялъул тушман хIисабалда вихьизавизе, щайин абуни гьесул политикаялъ кIудияб зарал гьабунин халкъалъе ва гьелъ жибго Россиялъул къадру хвезабунин.

Валентина Чубарова: «Дун гьеб багъа-бачариялда аслияй гIахьалчIужу гуро. Аслияб къагIидаялда кIвар кIудияб хIалтIи дир коллегабаз гьабулеб буго. ГьабсагIат нижер рес гьечIо Россиялдаса гьанире гьалбал ахIизе.

Амма мех-мехалъ цо-цо жигарал хIараткатчагIи рачулаан гьенире. Нижеца гIуцIулел руго батIи-батIиял данделъаби, Польшаялъул жамагIаталъул гIахьалчагIазул лъай-хъвай гьабулеб буго Россиялъул журналистазулгун, политиказулгун, жамгIиял хIаракатчагIазулгун.

Нижеда кIолеб ищ – Россиялъул вакиллиялъул минаялда цере протесталъул акциял тIоритIи. Масала Борис Немцов чIван хадуб нижеца гIуцIана гьадинаб пикет. Гьединго тIобитIана Савченкое хIалае цо акция.

Нижеца поляказде абулеб буго гьеб кинабго кколин гIаммаб балагь, гIаммаб проблема. Полякал ругьунлъана «Россия - нилъер гIаммаб тушманилан» абулеб игIлан ахIизе. Геополитикаялъул рахъалъан гьеб битIараб буго. Амма нижеца къасд гьабуна гьадинаб бербалагьи далъалъниги хисизе. Россия гурин, гьелъул гьанжесев президент Владимир Путин нилъер гIаммаб тушман вугин абулаго.

Гьеб гуребги - жибго Россиялъе Владимир Путин тушманлъун кколин. Нижеца гьединго гIаммал гьабулеб буго тIолго Европаялдаги ругел россиялъулал цолъизаризе, гьездаса щулияб ва асар бугеб диаспора гIуцIизе. ГIезегIанго гIадамазда кIола жиднрго рагIи абизе. Нижеца къасд гьабулеб гьечIо Путин тIаса рехизе. Дида ккола Путин живго гIодове ккезе вугин кватIичIого. Нижер аслияб мурад – цIияб Россия бай ва бухенал щулалъизари. Гьалеха, нижее бокьилаан гьадинал инсаниятлъиялъул кьоял разе гьабсагIат».

ЭР: Кин дуда кколеб, ватIаналда хутIарал дур гIага-божаразе хIинкъи щвезе бегьулищ?

Валентина Чубарова: «Буго гьадинаб хIинкъи доба хасаб ахIвал-хIал букIиндал. Ва гьадинал хIинкъаби гIицIго жамгIияб ялъуни политикияб хIаракатчилъиялда гурел, гьел хурхарал руго батIи-батIиял хIужабазда. Масала азарханаялда тохтурзабаз унтарав инсан сан гьавичIого тезе бегьулеблъиялда, ялъуни борхатаб минаялда лифт гIодобе ккезе бегьулеблъиялда. Полициялъул бутIаялде гIакъуба кьезе бегьулеблъиялда. Гьединал хIужабазул гIемер бицулаан жибго Россиялъул прессалъ».​

XS
SM
MD
LG