МагъчIваялъе рес

Рагъ бугелъуса  тIурарал тIадруссун цIидасан рагъде ритIизе бегьуларо


Сириялдаса лъутарал нахъе ритIиялдаса рорчIизаризе бажарун буго инсанасул ихтиярал цIунулезда.

Сириялдаса Россиялде лъутун рачIун Дагъистаналда хIалтIилел рукIарал Садах Эддин, Закария Барри и ХIайсам Друби миграциялъул низам хвезабиялъухъ тIад руссун Сириялде ритIизехъин рукIана Россиялъул миграциялъул хъулухъалъ. 24 февралалда Дамаскалде ритIизе рукIине гьел МахIачхъалаялдаса Москваялде рачунцин рукIана, амма инсанасул ихтиярал цIунулезул хIаракаталдалъун гьел сириялъулал 26 февралалда тIадруссун МахIачхъалаялдего рачIана.

Гьел сириялдаса лъутун рачIаразул цояв Закария Баррица 24 февралалда Европаялъул халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб диваналде гIарза хъвана жал Россиялдаса Сириялде ритIулел ругин абун. Гьеб диваналъ лъазабуна халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб къануналда рекъон рагъ унеб бугеб бакIалде тIадруссун гIадамал ритIизе бегьуларин, гьединлъидал гьел сириялъулал Россиялдаго тейилан. Гьеб ишалъе аслияб квербакъи гьабуна лъутун рачIаразул ихтиярал цIунулеб халкъазда гьоркьосеб «Гражданское Содействие» абураб гIуцIиялъул вакилзабаз. Гьеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана Ганнушкиналъ лъазабулеб буго Россиялъул миграциялъул хъулухъалъ гьел цебехун бицен гьабурал сириялъулал Россиялдаса нахъе къотIиялъе гIилла щибали чIван къотIун бицунеб гьечIилан. Дагъисталъул миграциялъул хъулухъалъ лъазабун буго гьел сириялъулаз миграциялъул къанун хвезабунилан, гьединлъидал гьезда улка тезабизе диваналъ къотIараб хIукмуги бугилан, амма кин ва киб гьеб къанун хвезабурабали баян гьабулеб гьечIо гьез.

МахIачхъалаялде тIадруссун рачIарал гьел сириялъулал миграциялъул низам хвезабурал жанир тIамулеб хасаб туснахъалъуре тIадруссинаризе ругин, гIагараб заманалда эркенго гIумру гьезие рес щвей щакаб жо бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе адвокат МухIамадов Шамилица. Гьев ккола халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул дагъистаналда бугеб бутIаялъул тIурун рачIаразул ишал тIуралев адвокат. Гьединго адвокатас бицана чан чи гьаб сагIаталда сириялдаса тIурун вачIаразул Дагъистаналда вугевали мухIканго жинда лъаларила. Гьел лъабалгоги цойги цебехун «Эркенлъи» радиоялъ жиндир хIакъалъулъ бицун букIарав сириялдаса лъутун вачIарав Сабри Куроги, цойги гьесулго ракьцояв ХIасан Рибарги гурони сириялдаса рачIаразул тIокIав чи гьечIила гьеб хасаб туснахъалдайилан. Гьеб Сабри Курол ишги жеги рагIалде бахъун гьечIила, Россиялъул диваналъ гьев тIадвуссун Сириялде витIизе кколин абураб хIукму къотIанила, гьелда тIасан хъвараб гIарзалъул халгьаби жеги тIобитIичIилан. Гьединго гьесул ишалъул Европаялъул халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб диваналъ халгьбизе бугилан баян гьабуна адвокатас.

Сабри Куро миграциялъул низам хвезабуниланги абун жанив тIамуралдаса I3 февралалда лъагIел сверана. Россиялде вачIун вуго 2011 соналда. Гьелдаса нахъе МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Параул росулъ рукъарулеб цехалда хIалтIилев вукIун вуго гьев. Гьениб лъай-хъвай ккун буго гьесул цадахъ хIалтIилей йикIарай Камилла абулей дагъистанияйгун. Ясги гьаюн йиго гьезие. Сабрида рачIел гIиллабазе гIоло заманалда паспортги босун миграциялъул хъулухъалде ун бажарун гьечIо гьев. Гьениве араб мехалдаги виза лъугIун бугин абун нахъчIван вуго гьев. Ясги хъизанги букIаниги гьесул, ригьин гьабиядъул хъвай-хъвагIай гьабураб документ бихьизабуниги миграциялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз гьесухъ гIинтIамун гьечIо. Гьез Сабри Россиялдаса Сириялде витIичIого вукIине ришват тIалаб гьабулеб букIун буго. Гьез абулеб щуазарго доллар кьезе рес гьечIин жиндирилан Куроца лъазабидал гьев туснахъ гьавун вуго.

МухIамадов Шамиль:«Гьеб хасаб туснахъалъул нухмалъиялъулгун гьанже дандеккунгутIи гьечIо Сабрил, цебегIадин тунка-гIусиялги гьесде гьабулеб тIадецуйги лъугIана. Гьесдаса ришват тIалаб гьабунги тIокIав щивниги вачIун вукIинчIо. Берцинго гьев вихьизе дунги виччала гьесул лъадиги лъимерги щола гьесухъе. Цебе гьелги дунги жанире риччаларого гIемер проблемаби рукIана. Сабриги гьевго гIадин МахIачхъалаялда хIалтIилев вукIарав гьесулго ракьцояв ХIасан Рибарги рагъ унеб бугеб Сириялде тIадруссун ритIизе бегьуларин абураб хIукму къотIун буго Евпропаялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб диваналъ. Рибарил иш жеги гьеб диваналде щун гьечIо, Сабрил ишалъул халгьабизе хIадурун буго. Гьенире арал ишазул халгьаби хехго-хехго байбихьуларелъул, гIураб заман бала гьез. Гьединлъидал жеги кида гьеб иш тIубалебали лъаларо. Россиялъул диваналъги цо-кIиго моцIида жаниб хIукму къотIизе ккола гьелда хурхун. Ниж разияб хIасил гьеб диваналъул ккечIони гьелда тIасанги гIарза хъвазе буго дица, ккани цойги нухалда гьебго Европаялъул диваналде битIила гIарз, гьединаб ихтияр букIине ккола щивасул».

«Гражданское Содействие» гIуцIиялъул ахирисел баяназда рекъон гьаб сагIат Россиялде Сириялдаса тIурун рачIаразул анкьазаргогIан чиясде бахунеб буго.


XS
SM
MD
LG