МагъчIваялъе рес

Гьарунцин тIамизе кколев министр


Сайгидпаша ГIумаханов
Сайгидпаша ГIумаханов

30 ноябралъул бакъанида Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас хехаб куцалда ракIарана энергетикаялъулги, транспорталъулги, бухьеналъулги ишкодосел хIакимзаби, гьеб лъабабго рахъ гъорлъе бачун цIигIуцIараб министерлъиялъул нухмалъиялда тарав Хасавюрт шагьаралъул экс-мэр Сайгидпаша ГIумахановги.

Энергетикаялъулги, транспорталъулги, бухьеналъулги министерлъабазулгун Агентлъиялъулги хIалтIудаса жив рази гьечIолъи бичIчIизабуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Гьеб идараялда экс-мэр Сайгидпаша ГIумаханов теялда банги батIи-батIиял харбал тIиритIизарулел руго интернеталдасан хъвадарулел дагъистанияз.

Амма Сайгидпаша ГIумаханов гьеб бакIалда министрлъун гьарунгицин тезе кколев чи вугин абуна ЭР-ялъе республикаялъул бетIерасул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевас.

ГIалибег ГIалиев: «Гьарун вачине ккараб хIал букIана Сайгидпаша гъове. Республикаялда киназдаго лъала гьев жиндир рагIи ккурав, кьучIав чи вукIинги. Гьеб гуребги, лъидаса къурав гьев вугев гьенив министрлъун тезе бегьунгьутIиялъе? I999 соналда Сайгидпашаца бихьизабуна жив магIаруллъиги, Дагъистанги, Россияги цIунулев чи вукIинги? Доб мехалда, республикаялде тIаде хъачагъал кIанцIулеб мехалда кир гьел рукIарал, Сайгидпаша ГIумаханов гьеб хъулухъалда щай толев вугевин гьабсагIаталда харбал рицунел чагIи? Гьел рукIана жалгоги хъизаналги рачун, республика тун къватIире роржун ине аэропланазда бакIал щоларого. Доб кIочана гьанже, гурищха? Гьанже цIидасан республикаялде тIадруссунги рачIун, тахбакIалги щун, къватIул харбал риччазе лъугьун руго гьел. ГIадатиял гIадамазул харбал гуро гьел, гьел руго халкъалъул гъинги цIулел, республикаялъул бетIерасда берцин рихьизелъун хьвадун, цадахъго жидерго ишалги гьарулел чагIазул харбал. Гьел харбазухъ балагьун Дагъистан толеб бугони, жеги чангоги соналъ хутIизе буго гьеб гьабсагIаталда бугеб хIалалъ.

Цебего гIуцIизе кколеб букIараб министерлъи буго гьеб – транспорталъулги, энергетикаялъулги, бухьеналъулги. Балагье нуж, жакъа гIезегIан хIакимзаби руго республикаялда транспорталъул жаваб кьезе кколел. Тахшагьаралъул батаниги, тIубараб республикаялъул даражаялда батаниги, цониги вихьизаве жинца гIадлу гьабилин транспорталъулъин цеве вахъарав. Дица лъабго-ункъо моцI буго гьеб суалалде кIвар кьолеб бугелдаса. ЦIияб соналдаса хадуб республикаялълу бетIер гьанив гьчеIебгIадинаб мехги тIаса бищун тахшагьаралда багьа цIикIкIинабуна маршртуалъул таксиялъухъ. Чан дица бичIчIизабураб жалго тахшагьаралъул администрациялдаги, транспорталъул министерлъиялдаги гьединаб жо гьабизе бегьуларилан!».

Гьединабго гIадлу гьечIолъи магIарухъе хьвадулел маршруткабазулги бугин бицана ГIалибег ГIалиевас.

Хадубго гьес рехсана энергетикаялъулъ ругел гIунгутIабиги. Бокьараб мехалда ссвинабулила бокьараб шагьаралда яги росулъ канлъи. Амма гьелъул жаваб лъицаниги кьоларила.

ГIалибег ГIалиев: «Чан хIужа букIараб гъоркьисала анкьаца токги къотIун – магIарул росабалъан байбихьун. Амма жаваб кьолев чи вахъинчIо. Гьедин букIине кколин абураб пикру бижизабулеб буго гIадамазулъ гьал хIаикмзабаз – щибго нечечIого жидеего премиялги рихьизарулел руго, пачалихъалдаса щолеб жоги тIезабулеб буго. Канлъи ссвинабуниги щибха, гIадамазда гъов ГьитIиновги (энергетикаялъул Агентлъиялъул экс—нухмалъулев), цогидалги хIакимзаби лъаларелъул. Гъозда лъала гIицIго ГIабдулатIипов. Гьа, ГIабдулатIиповасда бихьуларогойищ бугебин гъобилан лъугьуна гьел. КидалъагIан хIехьезе кколеб гьеб иш тIаде кколел хIакимзабазул тIаса-масагояб бербалагьи?»

Я транспорталъулъ, яги энергетикаялъулъ, ялъуни бухьеналъулъ чIванкъотIун жавабчилъи тIаде босулевги, чIванкъотIун чиясда мун гIайибияв вугилан абулев чи вукIинчIин республикаялда. Гьединав чилъун тIалъиялда Сайгидпаша ГIумаханов вихьулев вугин тIадежубана ГIалибег ГIалиевас.

XS
SM
MD
LG