МагъчIваялъе рес

Хасавюрталда вищана цIияв мэр


22 октябралда Хасавюрт шагьаралъул депутатаз вищана цIияв мэр – Зайнудин Окмазов. Гьанжеялдаса моцIалъ цебеккунго лъалеб букIана гьеб хъулухъалде аслияв кандидат гьев вукIине вугеблъи.

Окмазовасда данде кандидатура лъун букIана гьесулго Буртунай росулъа Ризван Гъолоевасги. Гьев ккола Хасавюрталъул 3 школалъул директор.

Официалиял гурел баяназда рекъон, Зайнудин Окмазовасул кандидатура цин экс-мэр Сайгидпаша ГIумахановас тIаса бищун буго. Гьединго гьев данде кколев вуго республикаялъул тIалъиялъеги. Живго

Зайнудин Окмазов, Хасавюрталъул цIияв мэр
Зайнудин Окмазов, Хасавюрталъул цIияв мэр

Окмазов Зайнудинил хIакъалъулъ лъалеб буго гьев советиябги заманалдаги гьанже ахиралдаги Казбек мухъалъул нухмалъиялда батIи-батIиял хъулухъазда вукIараблъи. Гьединго бакIал раялдагун газалда хурхараб бизнесги рагIула гьесул.

Гьадин бицунеб буго гьесул рахъалъ ЭР-ялъе Хасавюрт шагьаралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев НурмухIамад НурмухIамадовас.

НурмухIамад НурмухIамадов: «Окмазовасул бищун лъикIаб жо буго кинабгIаги гIала-гъважаялда яги политикиял хIаязда гъорлъ гьев вукIинчIолъи».

Чачаназулгун гIорхъода букIиналъ, Хасавюрт рикIкIуна нухмалъи гьабизе захIматаб шагьарлъун. Масала, гьенир камуларо кIиябго республикаялъул рахъалдаса бечедал яги политикаялда цIар бугел гIадамазда гьоркьор кколел дагIба-рагIиял. Гьединго 90 абилел соназул ахиралда Хасавюрт шагьарги гьелъул экес-мэр Сайгидпаша ГIумахановги рикIкIунаан республикаялъул тIалъиялъе оппозициялъун. Гьедин гьеб мехалда шагьар экономикияб блокаялда лъун бугилангицин абулаан.

Сайгидпаша ГIумаханов мэрлъиялдаса гIодов чIана исана 23 сентябралда. ГьабсагIаталда гьев ккола Хасавюрт шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъулев. Хасавюрт шагьаралде цIидасан Сайгидпаша ГIумаханов тIадвуссинавизе кколилан ахIи бан исана 6 октябралда митингалде рахинехъин рукIана шагьаралъул гIадамал. Амма хадур гьел гьелдаса руссана. Щаяли бицунеб буго цевехун рехсарав НурмухIамад НурмухIамадовас.

НурмухIамад НурмухIамадов: «КъватIибе бахъинехъин букIараб халкъгун дандчIвана Сайгидпаша ГIумаханов. Гьес гьел гIодориччазаруна. Кив вукIаниги жинца Хасавюрт рехун теларин абуна гьес. Республикаялъул бетIерасулгун кIалъай ккараб къагIида гьесул».

Гьедин республикаялда бицен буго Хасавюрталъул экс-мэр Сайгидпаша ГIумахановасе захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министрасул хъулухъ кьолеб бугилан, гьенив гьабсагIаталда вугев министр Малик Баглиев Дербенталде мэрлъун унев вугиланги. Официалиял баяназда рекъон, Баглиевас Дербенталъул администрациялде документал кьун руго 21 октябралда.

XS
SM
MD
LG