МагъчIваялъе рес

«Дунялалда жужахI батани, дун гьенив вугоха» (1 бутIа)


15 соналъ цебе рагIалде бахъана чачаназул кIиабилеб рагъ. Жакъа республикаялда ахIвал-хIал буго Рамзан Къадировасул администрациялъул тIолабго контролалда гъоркь. Рагъ лъугIана, амма Россиялъул туснахъазда хутIулел руго пачалихъиял къуватазде дандечIеялде кинаб гIаги яги битIахъеб хурхен гьечIел нус-нус чачанал. Туснахъазда гьезие чIезарурал шартIал жужахIалда гIадинал ругин, бицунеб буго жиндирго хасаб программаялда Эркенлъи радиоялъул журналист Амина ГIумаровалъ.

"Поможем умереть. ОМОН. УВД ХМАО"

ГIицIго гъваридал цIахIилал бераз бихьизабулеб буго, гIумруялъул интерес хварай Элима цее гIуралъ берцинай ва жигарай чIужугIадан йикIараблъи. ЗахIматго буго божизе гьелъул 42 сон букIиналда. Гьел соназда гъорлъан I4 гьелъ кьуна, Грозныялда зачистка унеб мехалда, рукъуса вачун ун хадуб, туснахъалъул 18 сон жиндие бихьизабурав цого-цо вугев вац Адам хвасар гьавиялъе. Дагьалъ цебе баянлъун буго гьелъул рак унти букIин. Гьелъул гIаданах гьорон буго, операция гьабизе бегьулеб гьечIо. Медиказул къиматалда гьелъул къоял къокъал рагIула.

«МагIуги хутIун гьечIо, ракIги унтун свакана», - ян абуна Элимаца, Прагаялда аскIобеххун бугеб шагьаралъул къватIазда ниж хьвада-чIвадулеб мехалда. Кколеб букIана гьелъ гьединалго къокъал фразабиги загьир гьарун, жиндирго калам чIезабилин. Амма хадуб гьелъул калам жигарлъана.

Элима: «КIиабилеб рагъ байбихьана вахIшияб къагIидаялда. Сверун кколел рукIана рукъзал, кварталал, мухъал, росаби ва кколел рукIана цере ккаралщинал. Зулму ва хвалиде ккезарурал ва хваразул жаназаби гIагаразе ричи гIадатияб жоялде буссана. Гьез гIарац босулеб букIана жал кире ккаралали лъачIого тIагIарал гIагаразул хIакъалъулъ гьересияб информациялъухъцин. Хадуб гьез жидер васал, россал ва вацал рачун аразул гIага-божарал, чурукал рагIаби абулаго, рачахъулел рукIана нахъе».

Рагъалъ чIунтизабураб Грозныялда
Рагъалъ чIунтизабураб Грозныялда

Адам вачун ун вуго Грозныялъул Октябрьский мухъалъул хасал рукъзал ругеб бакIалдаса. 2000 соналъул I6 апрелалда богода гIадин рукъалда цере чIезарун руго УАЗал ва бронетранспортер. Маскаби хурал рагъулаз рукъуре жаниреги кIанцIун, байбихьун буго гьев гIолохъанчи вухизе.

Хасго цин бахъинабун буго гьезул Адамица цIалулеб букIараб Джованни Боккаччол «Декамерона» техьалъ. Гьезул цояз гьеб реххун буго гIодобе ва хъубал рагIабиги абулаго, мерхьун буго гьеб. Цогидавин абуни, киназдаго цебе, гьелде тIаде кIущун вуго. «Нужеца гьабулебго щиб? Нуж гIадаллъунищ?», - абун Адамил эмен вахъараб мехалда, гьев кIотизегIан гъундагъаз вухун вуго. Гьебго заманалда бигьа-гьабун къотIун гIодое ккарай гьесул эбел йихьунцин йикIун гьечIо. Гьеб мехалда гьелъие тIоцебесеб инфаркт щун буго.

Рогьаликь ячIарай эбел-инсул мадугьалалъ Элимада лъазабун буго, сардикь Адам вачун иналъулги эбел-эмен квешаб хIалалда рукIиналъулги хIакъалъулъ. Гьелъ гьелде абун буго гьединго, цадахъ гIураб гIарацги босейин, гьел «Ханты-Мансийскалъул жанаваразе» гIарац кьун вац нахъе вачиналъейин. «Жакъаго нахъе вачинчIони, хадуб гьесул лъалкIал ратуларо», - ян жубан буго гьелъ нахъе унаго.

Элима: « - Дир лъикIаб махшел буго юкъариялъул. Нижер букIана гIарац. Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул оперативияб къокъа доб мехалда букIана цебе Грозныялъул Октябрьский мухъалъул гIинкъазулгун мацI лъаларезул букIараб интернаталъул минаялда жаниб. Россгун цадахъ гьенире щвараб мехалда, нижеда гьенир ратана цебесеб сордоялъ жидерго вацIал ва лъимал рачун аразул гIагарал.

Минаялъул гьумералда гордул рамабазул цоялда хъубал рагIабаздалъун хъван букIана хъахIаб лъажбаралъ: «Нужер балагьалъул нижер ургъел гьечIо». Минаялъул къедалги цIезарун рукIана чачаналъе рачIун рукIарал ОМОНалъулазул ва гьезул шагьаразул цIараз. Бищунго ракIалда чIана дида: "Поможем умереть. ОМОН. УВД ХМАО", абураб хъвай-хъвагIай.

Кинабго система гIуцIун букIана гьениб, мун щивниги кколарин, амма автомат кодоб бугев беркIалцин чуричIев адабгьечI дур гIумруялъул бетIергьан вугин абураб къагIидаялда.

Дида хадуб лъана, гIарцида хурхарабщинаб жо гьениб цIакъ лъикI хIалтIулеб букIин. Дуца гIарац кьолеб буго, гьезин абуни, хадуб абулеб гьечIо «бихьичIин, босичIин». ГIарцуца къотIи-къаялъго гIадин рахъал цоцада хурхинарулел рукIана. БукIинчIо цогIаги хIужжа гьез гIарцIудаса инкар гьабиялъул».

Кинабго система гIуцIун букIана гьениб, мун щивниги кколарин, амма автомат кодоб бугев беркIалцин чуричIев адабгьечI дур гIумруялъул бетIергьан вугин абураб къагIидаялда.

Доб къоялда Элимахъа босун буго кIиазарго доллар, амма вацI виччан гьечIо къватIиве. Абун буго радал ячIайин. Хадусеб къоялда гьез тIалаб гьабун буго гьелдаса тIадеги азаралда щунусго доллар.

Элима: Сордо бащалъизегIан гьенийги эхетун, дун цIидаса вац цадахъ гьечIого нахъе юссине ккана. Лъабабилеб къоялдайин абуни, дида гьез абулеб буго, дихъан гIарац босарав ва «кумек гьабизе» рагIи кьурав контракталдалъун хъулухъ гьабулев офицер рукъуве анин жиндирго Ханты-Мансийскалдейин. Гьеб хабарги лъазабун, гьеб оперативияб къокъаялъул хIалтIухъанас дидаса тIалаб гьабуна гьанже щуазарго доллар. «Гьанже захIматго букIине буго. Дунги гьеб ишалда гъорлъ вуго, диваналъул процесс букIине буго. Амма дуца ургъел гьабуге, дур вац чIаго вуго», - ян абуна гьес дида.

Налъуе босараб ва гьев хIалтIухъанасе кьураб щуазарго долларалъги кумек гьабичIо дие вац вихьизе. Амма гьесие дица кьолеб букIараб квен ва къварагIа-тараб гьез инкар гьабичIого босулаан. Хадуб дида лъана, ОМОНалъулаз кинабго жо жидеего толеб букIун буго.

Дида ракIалдацин гьечIо гьанже лъица малъун дица адвокат ккуравали ва кигIан гьесие дица кьурабали. РакIалда буго, гIемер гIарац хвезабуна. Адам аресталде гъоркье восаралдаса нахъе, кинабго гIарац дица цадахъ кколеб букIана ва гьеб гьев хвасар гьавиялъе хвезабулеб букIана дица».

Диваналъул процесс байбихьилелде Элима махIрумлъана эбел-инсудаса. ГIадамаз абулеб букIана, балагьалъ рухIанин гьелин. Учузго бичизе ккана эбел-инсул рукъ ва Адамил автомобиль. ГIарац сундуениги гIолеб букIинчIин, юкъаризеги тIокIаб бажаричин, кверазул тату хвеялда банин, абуна Элимаца.

ТIаде щвана диваналъул процессалъул къо.

«Диваналъул залалде жаниве щвезавуна кичI-кIичIарав, батIайихъаго вилъанхъулев чи. Гьев хъаравулзабазул кумекалдалъун бигьа-гьабун хIалихъанго унев вукIана жидеде гIайиб гIунтIизабулезе бихьизабураб маххул клеткаялдеххун… Дир борчIараб гьаркьидаса нуцIбизда аскIор рукIарал хъаравулзаби лахIзаталъ кIотарал гIадин хутIана, хадуб гьез дидехун атоматал ритIизаруна. Вехъерхъун гIадин вачунев чи дир вац вукIин бичIун хадуб, дир гIаданахги ракIги цадахъго кьвагьанин ккана. Дида кколеб букIана дида вахIшияб, аздагьабигун макьу бихьулеб бугин ва цо лахIзаталдаса дун йорчIизе йигин… Адвокатас гIарац босулеб букIун буго, амма цогIаги нухалъ дир вацасухъе щун гьечIо гьев! Адамиейин абуни, гIазаб кьолеб букIун буго…

«ГIунтIизарулел гIайибал рукIана жидецаго ургъарал ва баянго гIантал. Диванчиясда тIадаб букIана гьел гIайибал нахъ чIван, Адам диваналъул залалдаго эркен гьавизе. Амма гьев хIинкъана гьеб галиялдаса ва маххул гIадинаб гьаракьгун гьес къотIана «тероризмалъухъги чи чIваялъухъги хъачIаб режималъул колониялъул 18 сон», абун.

Адамица щивниги чIвачIо. Дица дунго лъикIай лъугIун, цо-цо гIадамазул кумекалдалъун лъазабуна, гьес чIваравлъун лъазавурав гIурусав чIван гурев, живго хун вукIин. Гьес гьекъолеб букIун буго тIолабго гIумруялъ, хабалъги гьев лъун вуго ракI гурхIарал гIадамаз, гьелги дица ралагьана. Дица балагьана гьев вукъараб бакIги, рахъана сураталги. НугIзабаз гьацин бана, гьев живго хванин абун. Лъазабизе бажарараб информация дагьа-дагьабккун дица кьолеб букIана адвокатасухъе… Хадуб цинтIаго ккана дида тIоцебе бичIунарого букIараб – нугIазабаз цо-цо ккун инкар гьабуна жидецаго дида бицараб кинабго жоялдаса. Бихьулеб букIана гьел лъикIаланго хIинкъизарун рукIин. Адвокатасги дир суратал, нугIзабаз бицараб ва дица бицаралдаса гьарурал хъвай-хъвагIаял «рилизарун» ратана…

«Аресталда цебе дир вацасе букIана 20 сон. I.90 метралъул борхалъи бугев берцинав гIолохъанчи вукIана гьев. Гьанже гьесул чохьониб сахаб цогIаги бутIацин батиларо. Гьес чIобогояб бланкалда жиндирго гъулбас лъезе инкар гьабун хадуб, гьесил кверзул киналго кильщал рекизарун руго.

Гьев гIемер заманалъ дализавун вукIун вуго турникалда хIатIалги квералги рухьун. Гьелдасан гьесул рукьби рорчIулел щукдуздаса. Гьев дализавун, бетIералда пластикалъул пакет бухьун, хIкъазабун, лъавудаса инавулев вукIун вуго.

Гьесда кьедалдеги вуссинавун кьандир малал ралаго, гьел ахIдолел рукIун руго, дур киданиги лъимал рукIине гьечIин. Гьеб гуребги гьесул зазхараб кварица бакьал къватIире цIан руго. Гьеб къагIидаялде ОМОНалъулаз абулеб буго «розайин». Гьеб квар цинтIаго къватIибе цIалеб мехалда, гьелде балагьизе рачIунел рукIун руго сверухъ рукIаралщинал.

Гьез хIалтIизарулел рагIула гIемер цогидал къагидабиги. Мисалалъе, хIал гьабун рагьулеб букIун буго кIал ва паялникалъ кIал жанисан бухIизабулеб букIун буго, вацасда я кваназе, я гьекъезе кIолеб букIун гьечIо… Спортивияб залалда жаниб ОМОНалъулаз лъун букIун буго рельсазул хъанчI. Гьелда рухьун, ккуразе гIазаб кьолеб букIун буго ток кьабизабун.

Адамил хIакъалъулъ Москваялда дица Анна Политковскаялде бицун хадуб, гьей гIодана.

ЧIаго хутIарал камераялде нахъе рехъерхъун, рехулел рукIун руго цIорорал бетоналъул чIабаралде… ХIехьезе бажаричIез жидецаго гьаричIел такъсирал рихьизарурал кагътазда лъолел рукIун руго гъулбасал. Гьезиени хадубги жидерго копое гIазаб кьолеб букIун буго ОМОНалъулаз».

Элима щиб гьабилеб лъаларого дое гьание екерахъдулеб мехалда Чачан республикаялде витIарав Сергей Бобров жив вугин абурав ФСБялъул хIалтIухъан зама-заманалдаса вачIунев вукIун вуго гьелъухъе рукъуве «харбал» рицине. Гьединаб къагIидаялда гьес гIамал гьабулеб букIун буго лъазабизе, кидал гьелъ шагьидалъул рачел базе бугебали. Элимал тамашалъараб балагьи бихьараб мехалда, гьес абулеб букIун буго, гьелъул бакIалда, жинца гIицIго гьедин гьабизе букIанин, «гIорхъаби лъаларел рагъулазда бецIизабиялъул мурадалдайин».

Элима: «Адамил хIакъалъулъ Москваялда дица Анна Политковскаялде бицун хадуб, гьей гIодана. Гьеб кинабго дица гьелъие бицана диктофоналде «Новая газетаялъул» редакциялда. Гьелъул планалда букIана Адамил ва туснахъазда ругел цогидал чачаназул хIакъалъулъ кIудияб материалги хъван, Европаялда цее яхъине. Нижер гIолохъабаз гIемер хъвалеб букIана гьелъухъе туснахъаздаса. Анна чIван хадуб, дун гьез ялагьана ва дие хIинкъаби кьолел рукIана.

Кассетаялда хъван букIана нижер хъизаналъул хIакъалъулъ кинабго, Адам кквеялъул, гьесие гIазаб кьеялъул, диваналъул процессалъул, Адамил къисмат бигьалъиязабиялъул мурадалда кин ва лъие дица ришватал кьеялъул хIакъалъулъ. ТIоцее дун «цIа-цIалей» йикIана федералаз, хадур журана «къадировасулалги».

Элима лъикIаланго тира-сверана Россиялда туснахъал ругел шагьаразде щун. ГIарац гIолеб букIун гьечIо, гьелъ бокьараб хIалтIи гьабулеб букIун буго. Азарханаялъул няняялдаса байбихьун вокзал лъухьулелде щун. Чачназде данде кампания доб мехалда букIана жиндирго авалалда. Гьелъ жиндирго миллат бахчулеб букIун буго. ТалихIалъ, лъицаниги документал тIалаб гьабулеб букIун гьечIо. Доб мехалда гьединал хIалтIабазде офицалияб гуреб къагIидаялда росулел рукIана, пенсиязул ва социалил гIарцазул документала гьаричIого хутIиялъул мурадалда.

Элимал гьитIинабго харж унеб букIун буго Адамие квен-тIех ва медикаментал росиялъе. Гьелъул бутIа гьесдаго цадахъ камераялда рукIаразеги щолеб букIун буго. Хадуб жубан буго мобилияб бухьеналъухъ гIарацги. Туснахъалъул хIалтIухъабаз гьезухъан рахъулел рукIун руго телефонал, хадуб гьезие ричизелъун.

Гьей кьижулей йикIун йиго гьатIинаб гIаги рес ккараб бакIазда. БитI ккани, чIобогосеб палатаялда, гурони, азарханаялъул чурукаб партал бакIарулеб бакIалда.

Элимае тIоцебесеб нухалда Адамгун дандчIвазе рес щун буго гьев этапалъ витIун хадуб соналдаса.

Элима: «Дица Адамил кверал дирго кIаркьабазда лъуна, къана берал. Гьев нечон вукIана жиндирго рекарал кильщаздаса. Махсаро гьабулев вукIана. Бертин гьабилелде гьел сахлъилинги абун. Дица гIамал гьабулеб букIана бихьизабизе, дирго киналго ишалги лъикI ругеб къагIидаялда рихьизаризе. ГIемер жо ракIалде щвезабуна нижеца.

Нижеда хадуб хал ккун ва гIенеккун рукIин лъалеб букIиналъ, дица гьесда жиндирго бетIер дир гъажазубетІералда лъезабуна ва абуна кьижараб хIисаб гьабеян. Гьединаб къагIидаялда канлъи гьечIеб бакIалда гьес дида бицана гьеб кинабго жанаварлъиялъулги гIазаб кьеялъулги. Дица гьесул бетIералда квер бахъулеб букIана. Ругъназда квер хъвалеб мехалда, гьаз дир вацасе гьабураб щибин, абилеб букIана дидаго. НагIана буго гьезие!»

XS
SM
MD
LG