МагъчIваялъе рес

Къанунал - Конституциялде данде


РакIалдаги гьечIого Пачалихъияб Думаялъ хиса-басиял гьабураб къануналъ ФСБялъул хIалтIухъабазе ресал кьолел руго гIемер гIадамал гIахьаллъарал инцидентазда ярагъ яги хасал алатал хIалтIизаризе. Къанун къабул гьабуна 22 декабралда парламенталъ гьоркьор лъезе ракIалда рукIарал суалазул сияхIалда гьединаб суалцин букIинчIеб мехалда. Кинаб къварагIел букIараб хъата-маса гьабун гьединаб къанун къабул гьабиялъул?

Федералияб хасаб хъулухъалъул хIалтIухъабазе ярагъ хIалтIизабиялъул ресал гIатIилъизарулеб къанун къабул гьабиялъе депутатазе 10 минут гурони къваригIинчIо. Къануналъул гьаркьал кьеялда гIахьаллъун гьечIо КПРФ. «Коммерсант» газетаялъул лъазабиялда рекъон, данде гьаракь кьун буго гицIго кIигояс – «Справедливая Россия» партиялъул фракциялъул депутатаз.

Къабул гьарурал хиса-басиязда рекъон, ФСБялъул хIалтухъабазда тIадаб букIине рагIуларо лъазабизе, ярагъ хIалтIизабизе букIиналъул. «Нагагьлъунин - жубалеб буго къануналда – гражданазул ва жалго хасал хъулухъазул хIалтIухъабазул сахлъиялъе, яги гIумруялъе, ярагъ хIалтIизабунгутIиялдаса хIинкъи бугеб заманалдайин».

Къануналъ гьединго рес кьолеб буго хасал хъулухъазе къватIисел улкабазде унел гражаданазул дактилоскопия, ай кильщазул расенал рахъизе. Гьебги террористиял гIуцIабазде гъорлъе лъугьиналъул гьел гьесизаризе бегьиялъул ишараби ФСБялъул хIалтIухъабазда рихьулел ругони.

Пачалихъияб Думаялъул депутат Дмитрий Гудковас абулеб буго, гьеб кколин ФСБялъул хIалтIухъабазе жидеего бокьа-бокьараб гьабизе рес кьолеб къанунин.

Жинда кколин, гьеб къануналъ легитимияб рахъалде буссинабулеб бугин гьел низам цIунулел идарабаз гьедингоги хIалтIарулел рукIарал къагиIдабийин, рикIкIунеб буго адвокат Сапият МахIамадовалъ.

Сапият МахIамадова: "Къануналде данде кколареб хьвада-чIвадиялъул гIемер гIарзал рукIуна низам цIунулезда хурхун. Федералияб хасаб хъулухъалда хурхун къануналда хехаб къагIидаялда хиса-басиял гьариялда нахъ, цо рахъалъан балагьани, унгоги къварагIел букIине бегьула гьелъул, теророризмалде данде кинабго дунял, гьелдаго цадахъ Россияги бахъун букIиналъ. Амма дир шаклъи щаклъи буго гьелъ, Конституциялъ бихьизабураб "гьайиб гьечIолъиялъул презумпциялъул" принцип хвезабулеб букIиналъул. Диваналъ хIужжа чIезабичIого, гIайиб гIунтIизабичIого, лъилниги ихтияр гьечIо чи щаклъи букIун чIвазе, гьесде данде рагъ хIалтIизабизе. Щаклъи бугин кколаянги абун, гIемер гIадамал ругеб бакIалда кьвагьдолел ругони, гьеб битIахъего ккола, рехсараб "гьайиб гьечIолъиялъул презумпциялъул" принцип хвезаби. ГIемер гIадамазде данде ярагъ хIалтIизабиги гьединго аслияб къануналде данде кколеб жо гуро".

«За права человека» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул бетIер Лев Пономаревас абулеб буго, Россиялъул пачалихъалда къуватиял структурабазул хIалтIухъаби гьедингоги кколин жидеда квер хъвазецин бегьуларел чагIийин.

Лев Пономарев: «Гьай-гьай жакъа гьел гьедингоги ккола жидеда кверцин хъвазе бегьуларел чагIи. Низам цIунулезулгун конфликт ккарав чи нижеца цIунизе байбихьарабго, нижеда бихьула кигIан захIматго букIунеб гьеб гьабизе диваналда. ДиванчагIазул хьвада-чIвади букIуна гIицIго гьезул, низам цIунулезул "хIакъикъаталъул презумпция" бугеб гIадаб. Ай, гьез абулебщибанаб битIараб, оппонентаз абулщинаб гьереси букIунеб гIадаб. Гьединал мисалал нус-нус гурел, аза-азарго рукIуна. Гьединал структурабазул хIалтIухъабазе тамихI гьабизе ккани, гьез гьабизе кколеб буго цIакъго вахIшияб, цIакъго машгьурлъараб такъсир.»

ЭР. - Щай ахирисеб заманалда жигараб къагIидаялда загьир гьарулел ругел гьединал, абухъего, «гайкаби дугъдазарулел» къануназул инициативаби? Ахирисел соназда Россиялъул парламенталъ къабул гьаруна гьанже бицен гьабулелда релъараб чанго къанун,

Лев Пономарев: «Баккулеб буго суал, сундуе къваригун бугеб гьеб къанун, абураб. Дида ккола, гьеб бугин талъиялъул паранойя. Нилъеда бихьухъе, тIалъиялъ, къанунал рахъулез щибаб къойилго гIадин бицунеб букIуна, Россиялда кьер-кьераб революция букIине бегьиялъул хIакъалъулъ. Гьелдаго цадахъ щивав дупутатас, щивав хъулухъчияс жакъа гIамал гьабулеб букIуна щиб тунги, жив «партиялъулги», президент Путинилги тIубанго рахъ ккурав чи вукIин вихьизавизе. Жидеца теларин, жидеца биччаларин гьединаб революцияйин, жидеца рухIал кьелин президент ва гьесул система цIуниялъейин абураб магIнаялъул букIуна гьезул хьвада-чIвадиги. Гьез къец балеб гIадин батIи-батIиял, рукIине те гIантал, къануназул инициативаби загьир гьарула, гьеб гьезул пиар-къагIида ккола, жакъа абухъего. ГIадада гурелъул Пачалихъияб Думаялде цо-цояз «гьаглъараб принтерин» абулеб. Гьаб къануниги буго гьединабго кьучIалда бижараб, гьелда сверун гьарулел галабиги руго цIакъ хехал".

XS
SM
MD
LG