МагъчIваялъе рес

ЦIияб къанун ва бизнесчагIазул ракIбацIалъи


2016 сон байбихьаралдаса Магъалабазул идараялда хъвай-хъвагIай гьабурал бизнесчагIи магъалабаздаса эркен гьаризе рес буго. Гьединаб къануналъул проект хIадур гьабун буго Дагъистаналъул бетIерас. Гьелдалъун Дагъистаналъул тIалъиялда ракIалда буго рагIдукь бугеб экономика тIагIинабизе.

Жакъа къоялде индивидуалиял бизснесчагIаз лъагIалие кьезе кколеб магъалоялъул къадар бащалъулеб буго гьезие щолеб хайиралъул 10 проценталда. БачIунеб соналъул тIоцебесеб январалдаса бахъун гьеб тIубан лъугIизабизе бугила Магъалабазул идараялдада тIоцебе хъвай-хъвагIай гьабулел бизнесчагIазе. Гьелдаго цадахъ, ишалда гъорлъ ругел хIалтIухъабазул къадар 10 чиясдаса тIадехун ва лъагIалил хайир микьго миллион гъурщидаса гIемер букIине бегьуларилан баян гьабулеб буго Дагъистаналъул Парламенталъул пресс-хъулухъалъалъ. Рамазан ГIабдулатIиповас цебе босараб гьеб къануналъул проект тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабунила республикаялъул парламенталъ.

Къанун къабул гьабиялдалъун гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул экономикияб жигаралъе квербакъи гьабизе ва ругезда тIаде цIиял хIалтIул бакIал рагьизе ругила. Гьединго, Магъалабазул идараялда хъвай-хъвагIай гьабичIогон хIалтIулел ругел бизнесчагIи рагIдукь бугеб экономикаялдаса нахъе цIан, легалияб хIалалда хIалтIизе лъугьиналъе ресал цIикIкIине ругин лъазабулеб буго къануналъул проекталда.

Амма 2013 соналдаса байбихьун Магъалабазул идараялдаса хъвай-хъвагIаялдаса рахъарал бизнесчагIазул къадар гьенир хъвай-хъвагIай гьабураздаса цIикIкIун ругин, гьелдасан бихьулин соналдаса соналде рагIдукь бугеб экономикияб сектор кIодолъулеб букIинин рикIкIунеб буго «Черновик» газетаялъул экономикиял суалазул рахъалъ эксперт Эдуард Уразаевас.

Масала, даран-базаралда гъорлъ, 2/3 бутIа кколила рагIдукь бугеб бизнес.

Эдуард Уразаев: «Хъвай-хъвагIай гьабурал предпринимателазул къадар азарабаца рикIкIунеб бугониги, кIудияб хиси кколеб гьечIо экономикаялда жаниб. 2013 соналда, федералияб тIалъиялъ цIакъ ургъицIого страховой взносазул къадар цIикIкIинабидал, цIакъ дагьлъана предпринимателазул къадар. Дагъистаналъул тIалъиялъ чанго гали тIамуна магъалаби ракIариялъул иш бигьа гьабиялъе, амма статистикаялъ бихьизабухъе, 2014 соналъул хIасилазда рекъон, хъвай-хъвагIаял гьарурал предпринимателазул къадар дагьаб буго, ругел хъвай-хъвагIаялдаса рахъарал предпринимателаздаса.

Аслияб квекIен буго гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалда жаниб, гIицIго Магъалабазул идара гуреб, чанго батIияб хал гьабиялъул идара букIин. Хал гьабиялгун рачIун, гIунгутIаби тIатинарун, гIемерал квекIенал рукIиналъ, бизнесчагIазда бигьаяб батулеб буго рагIдукь рукIун хIалтIизе, халгьабиялгун рачIунел гьелго тIадчагIазе тIаса бутIаги кьун. Гьединлъидал, дида кколаро цо кIудияб лъикIаб асар ккелин гьеб къанун къабул гьабиялъ, щай гурелъул, гьеб ккола цо компонент гIаммаб комплексалъул».

Хунзахъ мухъалдаса МухIамадов ИманшапигI разияв вуго гьеб пикруялда. Гьес жинцаго араб соналда рагьун буго кирпич къотIулеб цех, банкалдаса къарзалъ босун гIарацгун. Амма Магъалабазул идараялда хъвай-хъвагIай гьабун, батIи-батIиял хал гьабулел идарабазул вакилзаби рачIун гIунгутIаби тIатинаризе байбихьанила. Магъалби кьеялдасаги квеш ккараб жо бугила хал гьабулел чагIазе жидеего гIарац хIажат букIин. Гьелъ, кIудияб кIвар бугила инсанасул факторалъул.

Экономист Михаил Чернышовас рикIкIунеб буго лъикIаб асар букIине бугин гьеб къанун къабул гьабиялъул, амма тIубараб кьер гIунгутIабазул гьоркьоб биччан бугила проект бахъулаго.

Михаил Чернышов: «Иш лъикIаб буго. Амма цо рахъалъ, хIукуматалъ ва Магъалабазул идараялъ абулеб буго магъалабазул максимум бакIаризе хIажат ккеялъул, цогидаб рахъалъ кьолел руго магъалабазул каникулал. Гьелдасан бихьулеб буго хIукуматалъул идараби цуцалъ рекъон хIалтIулел гьечIолъи. ТIубан бацIадго гьабулеб гьечIо гьеб иш. Масала, гьабсагIаталда Магъалабазул идараялда хъвай-хъвагIай гьабизе тIамулел руго маршруткабазул хIалтIухъаби. Гьел киназдаго лъазабун буго 2015 соналъул ахиралде щвезегIан гьеб иш рагIалде бахъинабизе кколилан.

Гьебго заманалда, 1 январалдаса бахъун гьабсагIат жанибе кьезе кколеб 40000 гъурущ гьез кьезе кколеб букIинчIо. щай гьезда гьеб хъвай-хъвагIай 1 январалдаса бахъун гьабизе толаребали бичIчIуларо. Экономикияб эффект букIуна магъалаби ракIари цIикIкIинабиялдаса. Цо рахъалъ бизнесалъе лъикI букIине буго гьеб къанун къабул гьабиялдаса, цогидаб рахъалъ щвалде щвечIеб гIумруялде бахъинаби букIиналдаса лазатбахъиялги рукIине руго бизнесалъе».

Халкъияб мажлисалъул депутат МахIмуд МахIмудовас «REGNUM» ИАялъе лъазабухъе, Дагъистаналда 40-60 процент экономикаялъул кколеб буго рагIдукь бугеблъун.

XS
SM
MD
LG