МагъчIваялъе рес

Дин хIакъир гьабизе лъугьарал тамихIалде цIазе руго


Пачалихъияб Думаялъ дагьаб цебегIан къабул гьабуна диналда вугев чиясул къадру гIодобегIан гьабулеб рагIи абуралъухъ тамихI гьабулеб къанун. Ахираб заманалда цо-цо бусурбабазде тIадецуй гьабулел хIужаби гIемерал загьирлъана Дагъистналдаги. Республикаялда хIалтIулеб буго «Вагьабизм ва цоги экстремистияб багъа-башариялде данде» абулеб къанунцин. Рес кьезе бугищ цIияб къануналъ диналъул официалияб нух кколарезул ихтиярал цIунизе ва кинаб бугеб гьелда тIасан экспертазул пикру?

Рехсараб къануналда хъван буго чиясул диналда хъатIулеб квешаб рагIи абуралъухъ ялъуни гьесул дин хIакъир гьабуралъухъ 300 азарго гъурщиде щвезегIан гIакIа къотIизе ялъуни кIиго соналъ эркенлъиялдаса махIрум гьавизе бегьулилан. Гьеб къануналъулаб проект Пачалихъияб Думаялъ тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабуна гьаб моцIалъул авалалда.

Улкаялъул парламенталъул халгьабиялде гьеб босун букIана араб соналъул сентябралдаго, амма лъикIаланго тIадежураялги хиса-басиялги гьаризе кколел рукIун доб мехалъ гьеб къабул гьабун букIинчIо. Апрелалда букIараб данделъиялда депутатазул 330 чияс рахъккуна гьеб къануналъул, гьаракь кьезе инкар гьабуна цо чияс. Парламенталъул ункъабго фракциялъ къабул гьабунин гьебилан абураб баян къватIибе кьуна улкаялъул тIолалго информ алатаз. Амма нижехъе щварал баяназда рекъон киназго гуро гьелда разилъи загьир гьабураб.

Гьедин Коммунист Партиялъул вакил, хIалбихьи бугев юрист Синельщиков Юрийица рикIкIунеб буго гьеб къануналъ тIадеги рес кьезе бугин ТIадегIанасда божуларел чагIазе жидерго гIамал-хасият дагьабги рокьукъаб куцалда халкъалъе загьир гьабизе, гьединго гьеб къанун гIумруялде бахъани божулездаги, диналда гьечIездаги гьоркьоб дагIба-рагIи дагьабги хIалуцине бугилан.

Кинаб пайдаха гьеб къануналъ кьезе бегьулеб аслияб куцалда исламияб диналъул церехъаби ругеб Шималияб Кавказалъе. ХIакъикъаталда гьеб къанун цебего хIажат букIанин нилъее щай гурелъул дагьал рукIинчIелъул хIужаби насраниязул килисаялда тIадекIанцIи гьабуралги, гьединго киналго бусурбабазул ракIал лъукъараб лъугьа бахъинлъун букIанин салат-салам лъеяв МухIамад аварагасул сипат-сурат хIакъир гьабун цо-цо бакIазда гьарурал рокьукъал пишабигиян ракIалде щвезабуна «Эркенлъи» радияолъе Сайдаев Исламица. Гьев ккола Экстремизмалдагун тероризмалда данде къеркьеялъул рахъалъ Шималияб Кавказалда бугеб централъул вакил.

Кавказалъул республикабазе цIакъ актуалияблъун бугин гьеб къанунилан рикIкIунеб буго Исламица. Гьедин батани кIвезе бугищинха гьелда Кавказалъул бусурбабазул ихтиярал цIунунилан гьикъана нижеца гьесда хадуб. Щайгурелъул хас гьабун Дагъистаналъул бицани гьаниб тIадчIей гьабизе бугьал мегеж таравниги, тIажу къокъаб ретIаравниги чиясдехун низам цIунулез тIадецуй гьабиялъул гIемерал хIужаби ккана гьенир.

Гьединго информалатаз чанго нухалда борхун букIана Ставроарла бугеб школалъул нухмалъулелъ хIижаб ретIарал ясал цIализе риччаларилан аубраб хIужаялда сверухъ букIраб ахIи-хIуралъул хIакъалъулъ. Гьелда тIасан гьадин баян гьабуна жиндирго пикру Сайдаев Исламица:

Сайдаев Ислам: «Хас гьабун рехсараб суалалда дандеккун гьеб къанун кин хIалтIизе бугебали абизе захIмат буго жакъа. Щайгурелъул хIижаб ретIиги, мегеж тейги, исламалъ малъулеб куцалда ретIа-къайги гьеб щивав чиясул ихтияр буго, лъилниги изну гьечIо гьаб гьукъизе. Дирго рахъалъ абуни дун кидаго гьелда дандечIрав вуго. Хасаб къанун хIадур гьабичIониги цебего улкаялъул конституциялъги цогидал къануназги цIунун руго халкъалъул ихтиярал, гьелдаго цадахъ диналда вугев чиясулги. Тарихалда жанире раккун балагьани чанго нусго соналъ цебго букIараб гIадат буго чIужугIадамалъ кIаз чIвалеб. Нахъеги абила кинаб къагIидаялъ гьеб къанун хIалтIизе лъугьаниги гьелда бараб буго гьелъ бусурбабазул ихтиярал кин цIунизе ругел абураб суалги»

Жинда ракIчIун абизе кIолин гьеб къануналъул проект гIумурялде бахъани гьелда данде жидерго хаслъи жаниб бугеб къанун хIадуризе бугин Шамалияб Кавказлъул республикаялъгийилан загьир гьабуна жиндирго пикру Ислам лъазабиялъул рахъалъ Шималияб Кавказалда бугеб централъул эксперт Гереев Русланица. Гьес гIаксалда рикIкIунеб буго Кавказалъул регионалъул халкъалъе гьеб къануналъ кьезе бугеб кIудияб хIасил жинда бихьулеб гьечIилан:

Гереев Руслан: «Дица рикIкIуна жакъа Кавказалъе ва хасго Дагъистаналъе гьеб къануналъул кIудияб хIажалъи гьечIилан. БатIаго гьеб къанун къабул гьабиялда данедчIарав чи дун гуро, амма жакъасеб кавказалъул гIолохъанаб гIелалъул хьвада- чIвадиялде балагьун абизе рес буго гьеб къануналъул хIажалъи гьечIилан, щайгурелъул гьабсагIталъ ругел къануназда мугъчIвай гьабунани гIун буго нилъее. Гьеб гуребги цохIо гьеб къанун хIалтIизабун гIезе гьечIо Кавказалда.

Щайгурелъул динияб бербалагьиялда цадахъго хIисабалде боссе ккола миллияб хьвада чIвадиялъул суалги. Кавказалъул регион гьелъул рахъалъ батIияб буго, динияб бербалагьиги миллияб сулаги гьениб кидаго цоцалъ бухьараб букIана. Доба Россиялда гьединаб хаслъи гьечIо.

Гьезул буго цохIо бичIчIи: насранияб динги гIурус миллатги, Кавказалдайин абуни буго чанго батIияб миллат, чанго батIияб динияб гIуцIи, гьединлъидал гьеб къанун дандеккола гIицIго централияб Россиялъул регионазе»

Гереев Русланица хадубги абуна Кавказалъул республикабазда диналда жанир ругел рикьалабиги хIисабалде росун кIиябго рахъалда диниял церехъабазда гьоркьор ругел рагIидандекунгутIиял лъугIизариялъул мисалалда хIадуризе кколанин гьеб къанун. Амма гьелде кIвар кьолев чи жакъа дагьав вугин.

XS
SM
MD
LG