МагъчIваялъе рес

28 сон барав Самигуллин-Татарстаналъул муфтий


Самигуллин Камиль, 17Aпр2013
Самигуллин Камиль, 17Aпр2013

Татарстаналъул бусурбабазул иргадулаб гуреб VI-билеб съездалъул делегаратз Казаналда арбагI къоялда вищана республикаялъул муфтий. Гьев вуго 28 сон барав Самигуллин Камиль. Гьесие гьаракь кьун буго гьевнив вукIаравщинав 257 делегатас. Хъулухъалда муфтиясул болжал буго ункъго сон.

Самигуллин Камилица муфтиясул хъулухъалда хисана Илдус Файзов. Гьес татаразул бусурбабазул рухIияб идараялъе нухмалъи гьабулеб букIана 2011 соналдаса нахъе, амма араб риидал Казаналда гьев чIвазе къасд гьабулаго щварал ругъназдаса жеги сахлъичIого гьев хъулухъалдаса нахъе ун вуго жиндиего бокьун.

Муфтиясул хъулухъалде букIун буго кинабниги лъабго кандидатура.
Казаналъул «Хатер» абулеб мажгиталъул имам 85 сон барав КIудияб ВатIанияб рагъул ветеран ва милициялъул полковниклъун вукIарав Харис Салихзяновги, Россиялъул исламияб цолъиялъул ассоциациялъул гIалимазул Щураялъул нухмалъулев 43-сон барав Фарид Салманги, Казаналъул «Тынычлык» мажгиталъул имамлъун вукIарав 28-сон барав Самигуллин Камилги.

Камиль муфтийлъун вищиялъул кIудияб резонанс букIанин республикаялдайин бицана Эркенлъи Радиоялъе Казаналдаса тарихчи ва ислам лъазабулев Хабутдинов Айдарица.

Хабутдинов Айдар: «Татарстан буго 1000ялдаса цIикIкIун мажгитги бугеб ахирисеб 25 соналда жаниб динги гIезегIанго цIилъараб республика. Гьанже бугеб хIалалде республика бачIунеб букIана ахирисеб 25 соналъ. Гьел хиса-басиялги, гIадаталги, динамикаги лъаларел чагIи рачIунел руго гьанже нухмалъиялде. ЦIияв футиясе бугеб 28 соналда гьоркьосан гьитIинаб мехалда лъабго сонги гьанже щуго сонги гурони гьес бан букIинчIо Татарстаналда. Гьесда лъаларо республика. Гьелде тIадеги гьесие гьанжего гьанже щвана, гьебги щибаб къойил дарсиде хьвадун гуреб, исламияб тIадегIанаб лъай. ГIагалигун абизе кколеб буго, кинаб букIаниги динияб гуреб лъайги гьесул гьечIин».

ЭР: Гьеб кинабго лъалеб букIаниги съездалде вакIараравщинав 257 делегатас гьев тIаса вищун вугоха.

Хабутдинов Айдар: «Гьениб гьечIо щибго гIажаиблъизе ккараб жо. Аслияв вищарухъан нижер вуго республикаялъул президент Минниханов Рустам. Цеве вукIарав президент Минтимер Шаймиевасде дандеккун тIолгохалкъалъул рищиязда гьев живго гIалъаллъун вукIинчIо. Гьев вуго президент Владимир Путиница кандидатура бихьизабун республикаялъул Пачалихъияб Щураялъ тасдихъ гьавурав чи. Гьеле гьебго къагIида хIалтIизабуна муфтий вищулагоги».

ЭР: Россиялда аслияб дин исламлъун кколел киналго республикабазда бусурбабазул рухIияб идара официалияб нухмалъиялдаса гIемерго рикIкIад гьечIин абизе бегьула. Гьедин вищарав муфтий вугеб рухIияб идара тIубанго официалияб нухмалъиялъул кверщаликье ккеялъул хIинкъи гьечIищ?

Хабутдинов Айдар: «Татарстаналда халкъалъул лъабго бутIаги гьабун кIиго бутIаялъ гIумру гьабулеб буго шагьаразда. ГIолилал киналго ругин абизе бегьула шагьаразда. Гьезул лъикIаб академияб лъайги бугин абизе бегьула. Гьел ругьунлъун руго жидецаго хIукму гьабун. Самигуллинил бицани, гьесул кандидатура букIана консервативияб реакция. Гьес абулеб буго ЦIияб сон бачIиналъул байрам кIодо гьабизе кколарин, шахматал хIазе кколарин. Гьеб киналъго гIадамалги гIажаиблъизе гьариларищха. Магърибалдехун цIайи цIикIкIараб жамгIияталъе гIураб куцалда консервативияб альтернатива хIисабалда лъурав чиясда релъунев вуго гьев».

ТIадехун рехсараб съезд лъугIарабго Камилица жавабал кьолел рукIана журналистазул суалазе. Исламалъул радикалияб гIаркьелалъул рахъ кколел имамал ругел мажгитазда гьел хисизе ругищан гьикъидал гьес абуна гьел ругел бакIаздеги щун хIакъикъияб ахIвал-хIал лъазабизе бугин жинца ва хадуб гьабизе бугин хIукмуйин.
Жакъа республикаялъул бусурбабазул рухIияб идараялъул нухмалъиялде гIолилал рачIунел рукIиналъ гIолеб гIелалъе тарбия кьезе бигьалъизе бугищан гьикъидал гьес абун буго тарбия цIаладалъун гуребги лъикIаб мацIалдалъунги кьезе кколин.
Жиндир цIиял проектазул бицунаго Самигуллиница бицана татар, гIурус ва гIараб мацI малъиялъул мурадалда «онлайн-мадраса» рагьизе бугин ва интернеталъулгун бухьен цIикIкIинабизе бугин.

2003 соналда Самигуллин цIалулев вукIана МахIачхъалаялда бугеб Шималияб Кавказалъул исламияб университеталда. 2004 соналдаса 2007 соналде щвезегIан гьев цIалун вуго Стамбулалда мадрасалда. Гьедин гьесие щола шаригIаталъул дарсал кьезе изну. 2013 соналда гьес лъугIизабула Казаналда бугеб Россиялъул исламияб университеталъул исламиял гIелмабазул факультет.
Гьесда лъала турк ва гIараб мацIал. Гьесул руго лъадиги лъабго лъимерги.
XS
SM
MD
LG