МагъчIваялъе рес

Политикиял хIаязул фильмал


Пакистан -- ЖамагIат ул ДагIва абулеб гIуцIиялъул протесталъул гIахьалчагIаз Флорида штаталдаса кашиш Терри Джонсил сурат малакье рехун буго 16Сен2012
Пакистан -- ЖамагIат ул ДагIва абулеб гIуцIиялъул протесталъул гIахьалчагIаз Флорида штаталдаса кашиш Терри Джонсил сурат малакье рехун буго 16Сен2012

Араб анкьалда тIолго дунялалда гIемер бицунеб букIана «Бусурбабазул гIайиб гьечIолъи» абулеб Америкалда пуланал гIадамаз бахъараб киноялъул. Ислам дин хIакъир гьабулеб гьеб киноялъ бусурбабазул ццим бахъинабуна. ГIезегIанго улкабазда тIоритIана демонстрациял ва гьезул хIасилалда анцI-анцI чи чIван вуго. Цого мехалъ Россиялда бахъараб «Орда» абулеб киноялда сверухъ кIудияб ахIи-хIур рагIулеб букIинчIо гьеб фильмалъ татар миллаталъул тарих мекъса бихьизабун бугониги.

Дунялалда кIудияб ахIи-хIур багъаризабураб «Бусурбабазул гIайиб гьечIолъи» абураб Америкалда бахъараб киноялда роль хIарай гуржиязул актриса Анна Гиоргибианица гьалкъояз интернеталда загьирабураб жиндирго кагътида абулеб буго жинда лъалеб букIинчIин гьеб кино Ислам хIакъир гьаби мурадалда бахъунеб букIиналъул.

«The Huffington Post» абулеб интернет сайталда Анна Гиоргибианица загьирабураб жиндирго кагътида абулеб буго байбихьуда режиссерас лъазабунин некIсияб Мисиралъул тарихиял хIужабазул кино букIине бугин гьебилан.

1991 соналъул гьаюрай Анна Гиоргибианил актерлъи байбихьана гуржиязул цо къокъаб фильмалда. Голливудалъул актрисалъун яхъун хадуб гьелъ жиндие Гурджи ян абулеб тIокIцIар бищана. Гьелъ абулеб буго 2011 соналъул риидал жий ахIун йикIанин «Салул авлахъалъул рагъухъанилан» абураб киноялде яхъине.

МухIаммад аварагасул цIарцин рехсолеб букIинчIилан лъицаниги. Рехсолеб букIинчIилан цониги динги. ГьабсагIатийн жий йихха-хочараб хIалалда йигин чIун. Киноялъухъ балагьун жий гIодизеги гIоданилан. Аммаила, тIаде жубалеб буго актрисалъ жий хIинкъун йигониги – яхчун чIезе хиял гьечIин жиндир. Жиндир расги гIайиб гьечIилан, жий режиссерас гукканилан.

«Дида лъаларо щиб гьанже гьабизе кколебали, - ян хъван буго кагътида, - цохIого цо дида лъалеб жо – хакъикъат бицине кколеблъи. Амма Гуржиязул Рустави – 2 абулеб телеканалалъул Америкалда бугеб бюроялъе интервью кьезе гьей разилъичIо. ГьабсагIат жиндир ццим бахъинабун бугин гьеб киноялъухъ гIайиб гьечIел гIадамал чIваялъ, ян абуна гьелъ ва тIаде жубана дагьалъги гIодобе биччараб хIалалда йигеб мехалда жинца гьадинаб интервью кьелилан.

«Бусурбабазул гIайиб гьечIолъи» абураб киноялда хурхарал протесталъул акциял халат рахъунел руго тIолго дунялалда. Къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго чваразул къадар.

Гьелда бан гьадинаб пикру буго Россиялъул Пачалихъияб гуманитарияб университеталъул профессор Григорий Косачил:

Григорий Косач: «Гьеб цебеккунго ургъун гьабураб акция бугин абураб пикруялъе кьучIги букIун батила, амма, дида ккола гьединал ишал бакIалъулал гIахьалчагIаз гIуцIанин гьалго шинал улкабазда. Гьадинал акциял цо-цо ГIараб улкабазда гурони, тIолго ГIараб дунялалда рагъаризарун рукIинчIо. Жиб-жиб улкаялъул жиндирго хасаб политикияб курс буго, ва гьадинал хIужаби ккана исламистазул низам бугел улкабазда».

Гьалкъояз ингилизазул «The Guardian» абулеб газетаялда къватIибе бахъараб макъалаялъул автор Макс Блюменталица абулеб буго гьеб кино бахъун бугин Мисиралда ахIвал-хIал хIалуцинаби мурадалда. БукIанин цойги мурад – гьабсагIат Америкалда унеб президентасул рищиязда цебесеб кампаниялъе асар гьаби.

Григорий Косачил хIисабалда гьадинал хIужабаз я Америкалъул президентасул рищиязе я букIинесеб политикаялъе кинабгIаги асар гьабизе гьечIин:

Григорий Косач: «ХIатта Ромни президентлъун вахъанани гьес Америкалъул гьанжесеб политика хисизе гьечIин, дида ккола. Цо-цо кIвар цIикIкIарал хиса-басиял гьаризе рес бугониги ГIараб улкабазда хурхараб гьанжесеб политикаялдаса ратIалъизе гьечIо Цолъарал Штатал».

Блюменталил пикруялда гьеб шакдариялъе гIиллабилъун ккун руго фильм бахъарал хIаракатчагIазул гIумрудул цо-цо хIужаби. Ассошиэйтед пресс агентлъиялъе интервью кьолаго гьезул аслияв, гьабсагIат Калифорниялда гIумру гьабулев Сэм Блейсица абуна жив вугила ГIизраилалдаса вачIарав чиилан. Ва гьеб фильмалъе щуго миллион доллар кьун букIанин жугьутI миллаталъул нусго инвесторас. Амма ГIизраилалъул хIукуматалъ гьанжелъагIан дурус гьабичIо щив кколевали гьев Сэм Блейс абулев инсан.

Батизе бегьула гьеб псевдоним бугин, ян хъвалеб буго «The Guardian» газетаялъ, гьесда унго-унгояб цIар бугин Накоула Бэсселей Накоула. Ва гьев вугин жиндир заманалда хIилла-макру гьабурадухъ диванханаялъ жавабчилъиялде цIарав. Диванханаялъул документазда рехсон буго гьесул гьеб тIадехун рехсараб псевдонимги.

Фильмалъул гIакълучилъун кколев Стив Клэйница абуна гьадинаб реакция жинда бихьулеб бугин ракIалдаго гьечIого бахъараблъун, аммаила, абун буго ингилизазул рехсараб газетаялда, гьел рагIабазда божизе захIматаб бугин.

Пакистаналъул кьалбал ругев ингилизазул рагъулав тарихчи, хъвадарухъан ва журналист Тарикъ ГIалица нижер радиоялъе баян гьабулаго абуна хасго киноялъ гуро бусурбабазул ццим бахъинабураб. Досде тIураби рачІун ругин аслияб къагIидаялда Цолъарал Штатал ва Магърибалъул цогидал хIукуматал ГIараб улкабазул жанисел ишазде гъорлъе журан рукIиндал.

Тарикъ ГIали: «Гьадинаб суал кьезе кколаан – щайдай гьел фильмал хасго гьаб заманалда къватIире рахъаралилан. Щайха араб гIасруялда гьединал фильмал рахъунел рукIинчIел? Щай гурелъул – абилаан дица - Цолъарал Штатаз ва гьезул рахъ ккураз бусурбан дунялалда оккупация гьабулелъул. Гьеб гуребги рагIуе эркенлъи абулеб магIна жиндир пайдаялъе хIалтIизабун кваранал къуватаз бижараб кутакаб исламофобия багьанадуеги босун ГIагараб Машрикъалда экстремистазги провокацияби гьарулел руго. Гьелдалъун ццим бахъарал гьел гIолохъаби къватIиреги рахъунел руго. ТIолго гIараб дунялалъул гIадамаз рихха-хочараб хIалалда руго гьабсагIат. Бегьулишха гьел ратIа гьаризе Халкъаздагьоркьосеб политикаялдаса?»

Тарикъ ГIалица абулеб буго Исламалда экстремистикияб багъа-башари жибго Магърибалъ бижанин.

Тарикъ ГIали: «Жакъа нужеда бихьула Цолъарал Штатаз ГIараб дунялалъул чанги улкабазда тIад тIубараб контроль гьабулеб бугеблъи – Катар, СагIудиязул ГIарабустан, Либия ва НАТОялъул протектораталда гъоркь ругел гьединал цогидал. Гьалеха гьеб хIужаялъ бижизабулеб буго гьадинаб квешаб бербалагьи. Дора раккарал протестазе кIудияб асар гьабун буго Магрибалъул политикаялъ. Ва гьелъ жиндир иргаялда исламги политикияблъун гьабуна.

ЦIорораб рагъул заманалда коммунистазде данде къеркьей гьаби мурадалда СагIудиязул ГIарабустаналъ Цолъарал Штатазул гІáкълу босун, бусурбаби ругел бакIазде вагьабиязул вагIзачагIи ритIун рукIана. Ва гьелдалъун ахир-къад баккана жакъа нижеца политикияб исламилан абураб багъа-башари. ПалхIасил гьеб аздагьо жибго Магърибалъ бижизабуана».

Руго гьеб фильмалде разиял гьечIел гIемерал Россиялдаги. ГIадатиял бусурбаби гурелги, хIатта информация тIиритIизарулел федералиял электрониял цо-цо алаталги. Гьезул администратораз лъазабун буго жал хIадурал ругин «Бусурбабазул гIайиб гьечIолъи» абулеб фильм бихьизабулел сайтазде нухал къазе гьадинаб буюри тIадтараз кьуни.

Араб итни къоялъ Россиялъул Генералияб прокуротуроялъги лъазабуна рехсараб кино экстремистикияблъун рикIкIи абулеб тIалабгун гIарз хIадурлъулеб бугин диваналде битIизе. Араб анкьалда жибго Россиялдаги бихьизабун букIана цойги кино – гIемерал татаразул ццим бахъинабураб. Ва гьелъие расги кIвар кьечIо я политиказ, я тIадтараз.

Россия- "Орда" абулеб филмалдаса цо сурат
Россия- "Орда" абулеб филмалдаса цо сурат
«Орда» абулеб Россиялъул режиссер Андрей Прошкиница бахъараб киноялъул премьера тIобитIана 20 сентябралда Россиялъул кинотеатразда. КIудияб ахIи-хIур багъаризабун бугоан гьеб фильмалда сверухъ. Абулеб буго гьеб бугин тарих мекъса бихьизабулеб кино, татарал гIалхьулал ва жагьилал гIадамал хIисабалда рихьизарулеб.

Ахирисел соназ Россиялда гIемерал фильмал рахъун руго ГIурус килисаялъул кумекалдалъун. Мисалалъе Павел Лунгиница гьабураб «ПарчахI» абулеб филмалде баркат лъеги ян абун, гьелъие цIакъ лъикIаб къимат кьуна Патриарх Алексиий КIиабилес. 2010 соналда къватIибе бахъараб «Кашиш» абулеб фильмалъеги квербакъи гьабун буго гIурус килисаялъул рухIанияз.

Гьаб хIалтIи халат бахъунеб буго жакъаги. Гьале Режиссер Андрей Прошкиница бахъараб «Орда» абулеб киноялъул сюжет.

XIV гIасру. Евразиялъул гIатIилъиялда ханлъи гьабулеб буго Джанибекица. Сарай Бату абулеб Меседил Ордаялъул тахшагьаралде Москваялдаса вачIунев вуго митрополит Алексий. Гьесда цебе татараз тIамураб масъала – Джанибекил беццай Эбел Тайдылуе канлъи бачинаби. Гурони, Москваялъул пачалихъ щущазабизе бугилан.

Гьалеха гьев митрополитица гIаламат бихьизабунилан гьеб масъала тIубазабуна ва гьелдалъун жиндир ватIан вахIщиял татаразукьа хвасар гьабунилан. Къокъ гьабун абуни, гьеб киноялъул аслияб магIна гьадинаб буго: гIалхьулалилан абулел татаразул зулму хIехьолел гIурусал ГIисал диналда ва насраниязул рухIаниязда тархъан гьаризе кIолеблъи.

Гьелда бан кIудияб ахIи-хIур багъаризабун бугоан Интернеталда. Жидерго ватIаналъул ва умумузул тарих лъикIалан лъалел жакъасел татараз абулеб буго – гьеб гІахьýчІ бугин. Доб заманалда машрикъалъул ракьазда некIогоялдасан чанги нухалъ цебетIураб местIерлъи букIанин, ва рехсолел руго тIолго дунялалда цIар арал тохтурзаби. Мисалалъе босани гьанжесеб медицинаялъе кьучI лъурав Ибн Сина ва цогидал.

Руго гIемерал тарихиял гъалатIалги. Гьезул хIакъалъулъ нижер радиоялъул татар-бащкир хъулухъалъе бицана гIалимчи Вадим Рудаковас. Фильмалъул гIакълучилъун тIамурав гьес ахиралда инкар гьабун буго гьеб ишалдаса, жиндие бокьун гьечIин гъалатIаб фильмалъул титразда жиндирго цIар бихьизе абун.

Режиссер Андрей Прошкиница нижер радиоялъе интервью кьолаго дурус гьабуна – киноялда рихьизарулел хIужабазул бащдаб бутIа бугин ъIакъикъиял лъугьа-бахъиназул кьучIалда бахъараб, хутIараб бутIайин бугилан ургъунго гьабураб. Бегьулищха тарих мекъса бихьизабизе ян абураб суалалъе жаваб кьолаго бегьулаян жаваб кьуна Прошкиница, щай гурелъул – гьеб хIаялъул кино букIиналъул.

Андрей Прошкин: «Баршаралги рукIине бегьула. Щибха гьабилеб гьанже».

Баршаразда гъорлъ вуго татаразул тарихчи ва хъвадарухъан Вагьид Имамов. Аммаила рекIелъ кIудияб гIагалигун абулеб буго гьес, гьеб филмальда разилъунгутIи букIине кколеб даражаялда бихьулеб гьечIин.

Вагьид Имамов: «ГIурусаз кидаго гIамал гьабулеб букIана жал бищун цебетIураб миллатлъун бихьизабизе. Масала «Ярослав ГIакъилав» гIадал фильмазда. Гьезулъ татарал рихьизарун руго гьанисан дорехун гочардулел, гIатIгояб гьан кваналел гIалхьулаб къавмалъул чагIи хIисабалда. Амма гьеб гуро пашманлъизабулеб аслияб ищ – пашманлъизабулеб буго Татарстаналъул хIукуматалъ гьединал яильмазде данде жидерго фильмал рахъунареблъиялъ».
XS
SM
MD
LG