МагъчIваялъе рес

Араб соналъул хитIабалъул 125 бутIаялъул бащдал тIубазарунила


Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов
Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов

Халкъияб Мажлисалде щибаб соналъ гьабулеб хитIабгун цевевахъана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов.

ТIоцебесеб февралалда Халкъияб Мажлисалде щибаб соналъ гьабулеб хитIабгун цевевахъана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов. Гьес бицана республикаялъул экономикаялъул, Сириялъул, лъай кьеялъул, экологиялъул ва гьел гурелги халкъалъул гIумруялда хурхарал чанго батIиял суалазул.

Республикаялъ тIубанго рахъкколин Президент Владимир Путинил политикаялъулилан абуна Рамазан ГIабдулатIиповас хитIабалъул байбихьуда. Нилъеца жакъа гIумру гьабулеб бугин захIматаб кризисалъул заманалда. Амма гьеб кризисалъги нилъее цIиял ресал рагьулел ругин нилъерго экономика бечед гьабизеян, Владимир Путиница дагьаб цебегIан абун рукIарал рагIаби такрар ГIабдулатIиповас. Гьесул бихьизабиялда рекъон ахираб лъабго соналда жаниб республикаялда унеб букIанин бажаригун лъай гьечIел хъулухъчагIздаса тIалъи бацIцIад гьабиялъул тадбир. Амма гьеб тадбир жеги рагIалде бахъун гьечIилан абуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Коррупциялде данде къеркьезелъун рагьараб хасаб комиссиялъ гьабураб хIалтIуда рекъон, хъулухъалдаса эркен гьаруна чанго министрги гьел хисулелги, гьединго жавабчилъиялде цIан руго гьединго чанго кIуди-кIудияб хъулухъалда ругел хIакимзабиги. Прокруратураялъги, Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъги, ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъги, гьединго Дагъистаналде ритIун рачIарал къуваталъул идараялъул халтIухъабазги кIудияб хIалтIи гьабулеб буго. Амма мухIканаб анализ гьабурабго чанги бакIал ратулел руго жеги квер щвечIел. Россиялъул президентасул тIадкъаялда рекъон хIалтIи гьабулеб буго республикаялъул мухъазда ва хасго МахIачхъала шагьаралда, нухмалъиялъул хъулухъазда ругел такъсирчагIи тIатираниялъе. Амма республикаялъул низам цIунел хIалтIухъабаз рагIан ракьанде щун гьениб хIалтIи гьабичIо. ТIаде жоялъе цо къапила лъугьана инофрмалатаздаса дидеги ШихсагIидовсдегун ХIамидовасдеги чороклъи хьвагIизе, нижеца гьабулеб хIалтIи какун гьез нижеде тIечIеб хъублъи течIо. Гьеб къапилаялъул пикруцоял камун гьечIо республика тун къватIирехунги. АнцI-анцI соназ раеспублиаялд жаниб бахчун букIаничинаб чороклъи бацIцIад гьабизеян лъугьарав дитIе гьез жидецаго букIуна чороклъи хьвагIулеб. Дагъистаналда чанго соналъ ханлъиги гьабун рукIарал хъачагъазухъаги хIинкъун гьабулеб букIана гьез гьеб кинабго».

Араб 2015 соналда гьабун букIараб хитIабалъул 125 бутIаялъул 68 тIубазабунилан абуна ГIабдулатиповас хутIаралщинал жеги тIуразаризеги ругин. Гьесул гьединго тIадкIалъаял рукIана республикаялъул хIукмуталъул министерлъиялъул нухмалъулездеги, амма гьелъул магIна кколарин гьел хIалтIизего хIалтIичIилан абура,, гьез гьабураб хIалтIулъ чанги лъикIал хIасилалги ругилан абуна ГIабдулатIиповас.

Терроризмалъул тема борхулаго ГIабдулатIиповас абуна терроралда данде гьабулеб къеркьей жеги лъугIун гьечIин. Республикаялдаса Сириялде рагъизе ун ругин 800 гIанасев гIолохъанчи. Гьениве анщинас чиясул цIарги, суратги социалиял сурсатазда тIиритIизаризе кколин, гьединго хасаб сияхIалде росизе кколин гьезул гIага-бажаралги, щайгурелъул гьезул кверчIвай гьечIого гьел гьенире ине рукIинчIин.

Лъай кьеялъул суалазул бицунаго ГIабдулатIиповас бахчичIо гьал къоязда дагъистаналъул медакадемиялда ректор вищараб куцалда жиндирго разигьечIолъи.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Цеве вукIарав ректорас рищват босулеб букIанилан гьев хъулухъаладса вахъун вукIана. Гьанжейин абуни ректорасул хъулахъалде вищана гьенив проректорлъун вукIарав чи. Элъул ккараб щибха цинги? Гьебго системаялъул чи гьенив тезейиш реткор нахъе вахъун вукIарав. Гьединго республикаялхул педагогикияб университеталадса буго ахIи гьезул ректорасдаса рази гьечIого. Жакъа республикаялъе хIажат руго жидерго иш лъалел, рацIцIадал хъулхъчагIи. Гьединлъидал дица тIадкъай кьолеб буго ресубликаялъул ректоразул шураялъул нухмалъулев ТIагьир ИсмагIиловасе, тIадегIанал цIалул идарабазда кадровияб потенциял цIигьабеян ва гьенир лъай кьеялъул низамги рукIалиде бачIинабеян».

ГIемертIалалял минаби раялъул суалалдаги хъинтIана ГIабдулатипов хитIабалда. ТIокIал чIечIого ралелго ралел ругин республкиаялд жанир рукIине рукъзал, хасго Каспийскалдагун МахIачхъалялда гьоркьор гIемер ругила гьел. Амма раялъул пайда щибила гIемерисев мискинчиясул рес гьечIила кьун гIарацгун гьеб босизе. Щайила бегьулареб мисалалъе Европаялъул пачалихъалда гIадаб къагIида хIалтIизабизе гьанибги. Гьенир хIукуматалъухъа ижараялъе росулин гIадмаз жанир рукIине рукъзал, амма ижараялъухъ кьолеб мухь букIунила гIодобегIанаб.

Беццизе ккаараб куцалда гьечIин экологиялъул суалгиян бицана ГIабдулатIиповас хадубги. МугIурузул иццал лъарал чороклъун ругин, гьел рацIцIадго цIуниялхе хIалтIи гьабизе кколин. Исанасеб сон республикаялда мугIрузулаб сонлъун гIадада гурин лъазабун бугеб, хIажат бугин мугIрузда чIун хутIараб халкъияб магIишат чIаголъизабизе, мугIрузул экономика цебетIезабизе.

Гьединго спорталъул ва ракьазул хIакъалъулъги бицан ГIабдулатIиповас. ХитIабалъул щибаб пункт цIалун бахъанщинахъе, Федералияб Мажлисалде Владимир Путиница гьабураб хитIабалда гьоркьоса цо-цо бакIалги ракIалдещвезарулел рукIана.

XS
SM
MD
LG