МагъчIваялъе рес

Баркала, кIваричIо!


Россиялъул президент Владимир Путин Ново-Огаревоялда бугеб резиденциялда, 13Янв2016
Россиялъул президент Владимир Путин Ново-Огаревоялда бугеб резиденциялда, 13Янв2016

Россиялъул президент Владимир Путиница Европаялъул жугьутIал ахIана Россиялде тIадруссине.

Россиялъул президент Владимир Путиница Магъриб гIажаиблъизабуна араб анкьалда ракIалдаго гьечIеб цебелъейги гьабун. Гьесда ракIалде кковухъе магърибалда тIадецуй гьабулел ругел жугьутIал гьес ахIана Россиялде гочине.

«Гьел нижехъе рачIине бегьула»,-ян абуна президент Владимир Путиница жугьутIазул Европаялъул конгрессалда кIалъалаго. Гьес жеги абуна: «Гьел нахъе гочун рукIана Советияб Союзалдаса. Гьанже бегьула тIадруссине»,-ян

http://kremlin.ru/events/president/news/51184

(Кремлалъул веб-сайталда кьураб лъазаби. ред)

Европаялда жугьутIаз «хIаракат бахъулеб буго жидерго миллат бахчизе, гьезул цо-цоял хIинкъулелцин руго жамгIиял бакIазда ботIрода кипа лъезе».

Европаялъул улкабазда, масала Франциялда, ахирал соназда рукIана антисемитиял тIадекIанцIиял. Парижалда кошериял нигIматал ричулеб тукада гъоркьлъалие росун рукIана гIадамал ва Charlie Hebdo сатирияб даптаралде гьабун букIана тIадекIанцIи 2015 соналъул январалда.

Гьебго заманаялда Кремлалъ бихьизабураб мухъидаса тарулареб РТ каналалъ кIудияб къимат кьолеб букIана жугьутIал къабул гьаризе бахъараб Путинил ахIиялъе ва бицунеб букIана Европаялда «жугьутIазде данде гьулчулеб бугеб цIияб карачелалъул».

Амма жибго Россиялда миллияб рокьукълъиялъул кьочIода гьарурал такъсиразул рекордаз Путинил гьеб цебелъеялъе улкаялъул аслияб бутIаялда гIемерго кIвар кьечIониги, гьеб лъикI рагIана Парахатаб океаналъул Россиялъул рагIалъуда Китаялъулгун гIорхъода бугеб Евреязул автономияб икълималда. Гьез гьелъул рахъ кколеб букIиналъулги лъазабуна, хасго регионалияв губернатор Александр Левинталица

http://www.eao.ru/?p=15

Советияб Союзалдаса 1980-билел 1990-билел соназда Европаялде лъутарал жугьутIал церего ругьунлъун руго цIиял шартIазда ва Россиялде гочине хиял гьезул кIудияб гьечIо. Гьединазул цояй йиго Москваялда гьаюрай ва гIурай, амма цеего Франциялде гочарай Диана.

Диана: «Путиница гьедин нижее лъикIлъи бокьун абун батизеги рес буго, амма дие гьелъул кинабгIаги кIвар гьечIо. Франциялда дица гIумру гьабулеб буго 20-ялдаса цIикIкIун соналъ. Дие бокьула Франция ва дида ккола дун гьаниса йигин».

Дагьал цере рукIарал тIадекIанцIиязде балагьичIого, финансазул рахъалъ махщелчIужу Дианаца абулеб буго Европаялда антисемитизм бугин абулел харбал цIакъго кIодо гьарун рицунел жал ругин.

Диана: «Франциялда антисемитизмалъул кьучIалда дидехун кинаб букIаниги рокьукълъи дида бихьичIо ва дида киданиги ккечIо гьаниб дие хIинкъи бугин. Гьаниса нахъе гочине ракIалдаги гьечIо дида. Израилалдаса, Россиялдаса яги цоги бокьараб бакIалдаса цIикIкIараб хIинкъи гьаниб гьечIо»

Путинил цебелъеялъул гIаксалда жугьутIал Россиялдаса нахъе унел руго. Гьеб бихьулеб буго Израилалъул тIалъиялъул лъазабиялдасан. Цо 2014 соналда Россиялдаса Израилалде гочун вуго 5000 жугьутIав. Гьеб буго гьелда цебесеб щибаб 16 соналда жаниб букIараб къадаралдаса кIиго нухалда цIикIкIараб къадар.

http://www.rferl.org/content/jews-are-fleeing-/27107988.html

XS
SM
MD
LG