МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда ккарал ахирисел лъугьа-бахъинал


Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабун букIана Мах1ачхъалаялда кьвагьулеб жо жаниб букIиналда щаклъи бугеб автомобиль батун бугиан. Гьебго идараялъул баяназда рекъон, хамиз къоялъ Хасавюрталда батун буго г1емераб ярагъ бахчараб бак1 ва полициялъулалгун вагъидал ккун вуго Дербенталъул мэр ц1унулев чиги. Гьанир кьолел руго гьел ва цоги харбал.

18 июлалъ Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна МахIачхъалаялда ХIажиевасул ва ГIахъущиясул къватIал цолъулеб бакIалд кьвагьулеб жоялъул цIураб автомобиль батун бугилан. Къуваталъул идарабаз гьел нухалги къан транспорт ва гIадамалги цойги нухаздасан хьвадизе кколел рукIана. Чанго сагIаталдасан жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна оперативияб халгьабиялда хадуб щаклъи ккараб автомобилалъуб кьвагьулеб алат батичIилан.

Гьебго къоялъ МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амиров Москваялъул 20 азарханаялдаса вукIарабго бакIалде Лефортово туснахъалде вачун вуго. Россиялъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъан Арсен ХIажибегов чIваялъул гIайиб гIунтIизабулев вугев Амиров гьесул адвокатазул гьариялда рекъон вачун вукIана азарханаялде. Адвокатаз Амиров сакъатав чи вугин, живго жинцаго тIубан бажаруларин гьев гьединлъидал рокъов туснахъ гьвун теян гIарзал хъван рукIана чанцIулго Россиялъул ТIадегIанаб диванханаялде. Азарханаялда тохтурзабаз халги гьабун лъазабуна Амировасе хIажатаб кумек гьабулеб бугони вукIараб бакIалде туснаахъалъуве вачине бегьулин гьевилан. Адвокатаз СагIид Амировасда аскIов кумекчи теянги тIалаб гьабулеб букIана, амма Россиялъул тамихI тIубазабиялъул рахъалъ федералияб хъулухъ ай УФСИНалъул нухмалъиялъ къануналда рекъон туснахъ гьаруразда цере чагIи толарин лъазабуна. Амировас хIажалъараб мехалда кумекалъе туснахъалъул хасав хIалтIухъан ахIизе бегьулинги бицана УФСИНалъулаз.

Хамиз къоялъ социалиял бухьеназда Дербенталъул мэр Имам Яралиев ккун вугин къуваталъул идарабазин гьев хIалтIулеб бакIалъул кIалда рагъулаб техникаги, гIемерал низам цIунулелги ругин абураб информация тIибитIун букIана. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ мухIкан гьабуна Яралиев гурев гьев цIунулев чик ккун вугин полициялъилан. Гьелъие гIиллалъун кканила дагьал церегIан къояз Дербенталъул мэрасул автомобилазул читIир унаго гьев цIунулев чиясдаги полициялъул хIалтIухъабазда гьоркьобги кьал ккей. Полициялъ ккурав гьев мэр цIунулесул гIага-божарал рачIун ругин шагьаралъул мэриялъул кIалтIе гьединлъидал гъал-магъир ккечIого букIине ракIарун ругин гьенир полициялъул хIалтIухъабигиян, лъазабулеб буго низам цIунулез.

Хамиз къоялъ Дагъистаналъул низам цIунулез лъазабуна арбагI къоялъул сардилъ Хасавюрталъул рагIалда бугеб Архъабаш абулеб бакIалда оперативиял тадбирал тIоритIулаго ярагъ бахчараб бакI батанилан. Гьенир батIи-батIиял кьвагьулел жал, гьел гьаризе къваригIунебщинаб, кIиго автомат ва кIиго таманча батанилан.

18 июлалъ Дагъистаналъул спорталъул министерлъиялъ лъазабуна 2014 соналъ Сочиялда тIоритIизе ругел Олипиялъул хIаязул цIа Дагъистаналдасанги босизе бугилан. Гьеб тадбиралъулъ гIахьаллъи гьабизе бугила нилъер республикаялъул цIар рагIарал спортсменазги, ветераназги, культураялъул хIалтIухъабазгун, хIакимзабазги. Кинабниги цIа босиялъулъ гIахьаллъизе вугила 270 дагъистаниявилан. Гьезда гьоркьор руго речIчIухъаби Сайгид МуртазгIалиев, Билал Махов, МухIамадхIасан Абушев гIадинал спортсменал. Россиялда олимпиялъул цIа боси байбихьизе буго гьаб соналъул 7 октябралда, Дагъистаналде ирга 20I4 соналъул январалда щвезе буго.
XS
SM
MD
LG