МагъчIваялъе рес

Тlабигlияб балагьалдасаги кlудияб балагь-бюрократия


Дербент,10Oкт2012
Дербент,10Oкт2012

2012 соналъул октябралда рарал чваххунцIадаца зарал гьабурал Дербент шагьаралъул ва гьелда аскIор ругел росабазул гIадамазе магIишат цIигьабизе пачалихъалъ биччараб гIарац кьолеб буго. Амма гьеб гIарац цоязе щун цогиязе щвечIого бугин, щолезги гьеб бакIалъул администрациягун бащад гьабизе кколеб бугин лъазабулеб буго зарал ккарал гIадамаз.

Гьединазуллъун цоялъун кколел Дербент мухъалъул Сабнава росулъ 10 гIан чи вачIун вукIана 15 июлалъ МахIачхъалаялде Рамазан ГIабдулатIиповасулгун дандчIваяллъе. Амма гьесул администрациялда жидехъ гIин тIамулев чи ватичIин, гьанже щиб гьабилебали лъаларого ругиланги абун тахшагьаралъул аслияб майданалда бухIараб бакъукь ана гьезул тIубараб къо.

ГIарзалгун республикаялъул бетIерасухъе рачIаразул цояв Фарамаз Мирзоевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидерго доба ритIухълъи батулареблъи бичIчIун ГIабдулатIиповасде хьулгун рилълъун рукIанин жал МахIачхъалаядейилан.

Фарамаз Мирзоев: «КIалъазе щвечIо Рамазан ГIабдулатIиповасул администрациялде ва гьес гIадамал къабул гьарулеб бутIаялде. Ниж гьанире кIиабилеб нухалъ щолел руго. КIиябго нухалъ нижер сапаралъул щибго пайда ва хIасил ккечIин абизе бегьила. Гъоркь анкьица президентасул ишал тIуралес къабул гьарулел гIадамазул хIисаб-суал гьабулеб бутIаялъул бетIерас къабул гьарун рукIана ниж. Гьесда нижерго бугебщинаб унтиги бицана, жинца кIвараб кумек гьабилинги абун букIана гьес, амма гьале анкь аниги щибго хIасил ккечIо. Церего гIадин унго-унголъун зарал ккарал мискинзабиги бакъалда тун, жиндирго гIагарал лъале-хъвалел чагIазе бокьахъин гIарац бикьулелв вуго нижер росдал бегавул Ильгар Мамедов. Нижеца чанцIулго абуна гьесда букIине кколеб къагIидаялъ халгьабейин зарал-ккарал бакIазулин, гьелда рекъон кьейин гIарациланги, амма гьесда живго кутакав чийилан ккун буго .Жиндие бокьахъин бикьилин гьеб гIарацилан чанги нухалъ кIалалги гьикъана гьес нижеда. Дагъистаналда жинца гьабураб хIукму лъицаниги хвезабизеги гьечIилан лъазабуна гьес»

Сабнаваялдаса гIадамаз «Эркенлъи» радиоялъе бицана жал мискинал чагIи ругила, я хIалтIи гьечIила, я кутакаб хайир кьолеб ах-хур гьечIила. Гьединлъидал жидерго чIаголъиялдалъун, пачалихъалъул гIарац гьечIого киданиги минаби ран бажаруларин жидехъайилан.

Рустамов Агамурад: «Дун вуго унтарав чи, дир буго онкология, кигIан заман жеги дие хIутIун бугебалиги лъаларо. Лъабго школалде унел гьитIинал лъималги руго дир. Комиссиялъ бихьизабухъе дие щвезе кколеб буго 30 азарго гъурущ. Дица сунда гьеб бацIцIинеб? Щиб гьелда гьабилеб. Дагьалдасан рукъзал разе дие 300 азарго гъурущ хIажалъула. 300 ги 400гун 500 азарго гъурущ щун буго нижер дома гIиси-бикъинаб къварилъи ккарал чагIазе, ниж гIадин биххун рукъгун хутIаразе 30 азарго кьезе кколеб рагIула. Гьеб гIарацги бегавуласулгун бащад гьабизе кколеб буго. Бащадги гьабуни щиб дие хутIилебе гьелъул, щай дица гьеб бащадги гьабизе кколеб? Гьале гьеб гъалмагъирги, Мамедовасул хIалихьалъиги Дербенталъул бетIерлъиялъ гIинтIамунгутIиги чIалгIунин жакъа ниж гьанире рахъун ругел. Бащад гьабиларин нижеца гIарацилан гьесда лъазабидал дие квешезе зарал ккаразул сияхIалда дир цIарги ургъунго мекъи хъван буго гьес. Гьединлъидал гьел кепкалцинги дие щвечIо жеги»

Гьединго Сабнава росдал вакилзабаз бицана жал чанцIулго Дербент мухъалъул администрациялдеги, гьебго мухъалъул гIорхъолъа арал ишазул идараялдеги чанцIулго анин ва хъвадаранин жидерго захIмалъабазул бицун, амма жидехъ гIинтIамулев чи ккечIилан. Дербент мухъалъул бетIерас абунила гIарцулаб кумек хIажатазул сияхIалда гьоркьоб нужер цIар гьечIин, росдал бетIерас бихьизабураб сияхIалда жидер цIарал ругилан. Гьедин жидеего бокьухъе тIадчагIаз жидее кколеб гIарац бикьа-къотIизе жидеца толарила, ккани сардал ран МахIачхъалаялъул аслияб майданалдаги рукIинилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ХIасанов Хантемирица.

ХIасанов Хантемир: «Нижеца тIалаб гьабулеб буго МахIачхъалаялдаса хасаб комиссия битIейин нижер добе зарал лъие ккун бугебали бихьизе унго-унголъунги. Гьел кIудиял гIарцал щварал чагIиги гьезул къайи-свериги бихьизеги бихьун гьеб киналъего къимат кьезе биччай гьез. Бихьулебщинаб къварилъиги-къоги нижедаги бихьун гьезие гIарац кьун нижеца телищха. Бащадаб росу биххун ана нижер, росулъа гIадамалцин хвана. Лъим кIанцIун хадуб гурхIел-рахIмуялъул фонтазги, гьадинго гIадамазги гуманитарияб кумек гьабулеб букIана зарал ккаразе. Гьебги бащадазе щвечIо. I0 азарго цин гьелда хадуб 25 азарго гъурущ кьолеб букIанин мухъалъул ва шагьаралъул администрациялъилан рагIана абулеб, амма гьебги бихьичIо нижеда. ЦохIо щибгIаг щвечIо нижее, испичкадул гIучIцин кьечIо»

Ахиралдаги Сабнаваялъулаз лъазабуна МахIачхъалаялде рачIине гIемерисезул рес ккечIин, амма росулъ митингал тIоритIун, ккани нухал къан жидерго захIмалъазабде ва къварилъабазде тIалъиялъул берщвезабичIого теларин жидецайилан. Гьебго гIиллаялъ I0 июлалъги Сабнаваялда 100 гIан чи данделъараб тадбир тIобитIун буго. Гьенибги киналго суалал щвечIеб гIарцулги, яги мекъи-мекъи бикьараб гьелда хурхун рукIун руго. Дербенталда яги МахIачхъалаялда ракIалда букIанин жидеда кIудияб митинг тIобитIизейин, амма Дербенталда ахиралда тIобитIулеб букIараб митингалъе гьарурал квал-квалалги, гIадамазе кьураб гIазабги бихьараб мехалда гьениб митинг тIобитIизе жал дагьал нахъе къанин лъазабуна Сабнаваялъулаз, амма гIагараб заманалда жидерго росулъ гьеб тIобитIичIого теларинги руго гьел.


XS
SM
MD
LG