МагъчIваялъе рес

Дилималда «вертолеталъул майданалдаса» гIарзал


Дилималда мухъалъул нухмалъулесде данде митинг, 26 Июн2013
Дилималда мухъалъул нухмалъулесде данде митинг, 26 Июн2013

Жидер мухъалда гIагараб заманалда кинал рукIаниги хиса-басиял ккезе рукIиналда хьул къотIун букIанин жидер, амма Дагъистаналъул бетIерлъун заманаялъ тарав ГIабдулатIипов Рамазаница телевидениялдаса мухъалъул бетIерасе лъазабиял гьарураб мехалда лъикIаб букIиниселда хьул бижанин жидерин рикIкIунеб буго Казбек мухъалда митингалде ракIарун рукIарал гIадамаз. Мухъалъул бетIер хиси тIалабго дагьал цересел къоязда тIобитIараб митингалда хурхун мухъалъул администрациялъул комментариял гьечIого жегиги.

Казбек мухъалъул нухмалъулев МахIачев ГIабдулал хъулухъалъул болжал лъугIула 2015 соналда. Амма гьеб мехалде щвезегIан чIезе бокьун гьечIин жидееян лъазабуна гьал къоязда Дилим росдал майданалде ракIарун митинг тIобитIарал салатавиялъулаз. МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амиров туснахъалде вачине шагьар бакьулъ вертолет рещтIаралдаса нахъе республикаялда кIудияб къиматалда рехсолеб буго гьеб транспорталъул цIар. Гьединго салатавиялъулазги МахIачевасде данде митинг тIобитIараб Дилималъул майданалда цIар вертолеталъул майданин лъун бугоан.

Гуни, Ичкlа, Хубар, ЦIияб ЦIобокь, Гертма, Гуни росабалъа митингалде рачIарал гIадамаз цере лъурал тIалабал гьадинал рукIана. Муниципалияб гIуцIиялъулги, администрациялъулги, бакIалъул парламенталъулги нухмалъулел болжал щвелалдего хъулухъаздаса гIодор чIезари, 2010-2013 соназда гьеб мухъалда харж гьабураб пачалихъияб гIарцул ревизия гьабизе президентас хасаб къокъа битIизе ккей, къануналда данде кколареб куцалда ричарал ракьалги объекталги Казбек мухъалъул буголъиялде тIадруссинари, язихълъун, иш лъугIулеб бугеб Дубки росдал суал тIубай ва цогидаб.

Гьел суалал тIуразе тIадал хIакимзаби гъорлъ ругеб партиялдаса инкар гьабун, жамгIияв хIаракатчи Гъайирбиев Гъайирбица нахъе кьуна «Единая Россиялъул» билетги. Гьеб митинг гIуцIаразул цояв ккола Гъайирбиги Идрисов Нургьамудинги.

Дилималда мухъалъул нухмалъулесде данде митинг, 26 Июн2013
Дилималда мухъалъул нухмалъулесде данде митинг, 26 Июн2013

Масала, ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Идрисов Нургьамудиница бицана митингалде хIадурлъи гьабулелъул жал дандчIванин батIи-батIиял росабазул гIадамалгун. Гьаниб ракIалде щвезабизе ккола Казбек мухъалъул нухмалъулев ГIабдула МахIачев хъулухъалдаса нахъе ине рес бугилан дагьалъ цебеккун республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас абурал рагIаби. Гьединлъидал гьеб лъазабиялда тIадрахъун хъата-масан «МахIачев нахъе витIиялда бан гьабулеб митинг» абун цIар кьезе рекъон бихьулеб букIун гьечIо Идрисовасда, кигIан нухмалъулесда данде вукIаниги. Амма гIадамал чIун руго гьедин хъвачIони, жидеца гьенибе гали бахъуларилан.

Казбек мухъалъул нухмалъулесда дандечIей баян гьабуна Идрисов Нургьамудиница.

Идрисов Нургьамудин: «Дида бихьулеб гьечIо гьаб ахираб анлъго соналда жаниб Казбек мухъ цебетIеялъе гьес гьабулеб хIалтIи. Доле дора ЦIунтIа, Хьаргаби ралел руго спорталъул кIалгIабиги, школалги, цогидабги. Нижер гьанибин абуни бугебги магIишат кIалагъоркье чIвалеб буго. Муниципалияб гIуцIиялъул бетIер ГIабдула МахIачевасдаги администрациялъул бетIер Сира Саиповасдаги абун букIана дица районалдагицин рукIунарел круизникал (сапарчагIи) ругин нужилан. Гьанжени рачIуна гьел хIалтIуде, ГIабдулатIиповас бадирчIваял гьаридалха киналго районазул нухмалъулезе. Дица гьезда абуна босейинха мисалалъе росдал магIишат. 19 батIияб рахъ бугин гьелда жаниб. Гьезул цонигияб цебетIезабизе щибин нужеца гьабураб? Сон-жакъа Хубаралдеги Ичкаялдеги ун руго дол. Гьениб гьезие кьун руго гьал дица лъолелго гIадал суалал. Ичкаялда гIолохъабазулгун дагIбагицин ккун буго гьезул».

Гьединго салатавиялъулазул дагIба буго бакIалъул депутатазда. Гьенив вугев 2I депутатасул микьгояс гIумру гьабуларо Казбек мухъалда. Кидаялиго гьезул умумул рукIун рагIула гьениса. Эхеде квералги рорхун, сессиялдаса ин бугин гьезул ишин бицана Нургьамудиница.

Идрисов Нургьамудин: «Гьеб цо. КIиабизе, Гъозтала, Ичка, ГIаркьухъ росабалъа депутатал гьезего гьечIо депутаталлъун».

ЭР-ялъ чанго моцIалъ цебеги бицун букIана гьелго дандеккунгутIабазул. Доб мехалда гIадамаз дагIба балеб букIана бакIалъул бюджеталъе 50 млн гъурщил гьабураб къадаралда. Гьанже гьеб кибе арабали ревизия гьабулеб буго мухъазда гьоркьосеб Хасавюрталъул цIех-рехалъул комитеталъ.

Идрисов Нургьамудин: «2008-2009-20I0 соназда кьурал субсидиязул буго гьениб кIудияб дандеккунгутIи. Ревизиялъе документал кьолел рукIинчIого, ОМОНги бачIун хасаб операция гIадаб жоги гьабун, рахъун руго гьезухъа документалги. Дица митингалда гIадамазда гьикъана нужеца нужерго лъудбуздагун лъималазда гьикъейин пачалихъалъ гьезиейин биччараб гьеб гIарац араб бакI. Гьединго администрациялъ ихдал кIиго КамАЗги босана анлъго млн гъурщиде. Цояб КамАЗ администрациялъул бетIерас бичун батана Хасавюрталда УБЭПалда хIалтIулев вугев жиндирго васасе».

БатIи-батIиял гIиллабазда бан гьел суалазе жавабал кьезе разилъичIо администрациялъул вакилзаби. Масала, гьезул цояс абуна ревизиялъ кьелин гьелъие жаваб.

Казбек мухъалъул администрациялъ официалияб куцалда прессаялдасан жаваб кьун букIана исана марталда тIобитIараб митингалдаса хадуб. Хас гьабун бакIалъул депутатаз хъван букIана рсепубликаялъул нухмалъулесухъе митингчагIи гьереси гьабураб хитIаб. Гьел ругин гIицIго хIалтIи къваригIун эхе-эхеде кIанцIолел чагIи ругин абураб къагIидаялда хъван букIана гьеб.

Гьанже 26 июналда гьабураб митингалъе жеги жаваб кьечIо гьез.

Марталда букIараб митингалъ щибниги хисизабиялда божилъи букIинчIониги, гьанже бугин гьебин бицана салатавиялъул гIадамаз.

Щайин абуни исана 4 июналда РГВКялдасан Рамазан ГIабдулатIиповас абунила пайда гьечIел нухмалъулезул сияхIалда вугин Казбек мухъалъул нухмалъулев.


XS
SM
MD
LG