МагъчIваялъе рес

ИГИЛалъул иргадулав къурбан - МахIамад ХIасиев


«Исламияб пачалихъ» абураб террористияб гIуцIиялъ интернеталда лъун буго Россиялъул шпион вугин абурав чи чIвай бихьизабураб видео. Нижер радияолъул журналист Антон Наумлюкица чIезабун буго, видеоялда вахъарав чи россиялъулав МахIамад ХIасиев вукIин. Версиялъул авторас абулеб буго, гьев унгоги Федералияб хасаб хъулухъалъул тIадкъай тIубазабулев вукIун ватизе бегьулин.

Видеоялда бихьизабун буго тIогьилаб комбинезон ретIарав накабазда чIезавурав чи. Гьесда нахъ эхетун вуго нус кодоб ккурав боевик. CNN-алъул информациялда рекъон, «Исламияб пачалихъ» абураб террористияб гIуцIиялъ гьесда гIайиб гIунтIизабун буго шпионасул хIалтIи гьабиялъул мурадалда гьеб гIуцIиялде гъорлъе лъугьиналъул.

Гьев чи чIвалелда цебе террористас гьабуна гIурус мацIалда лъазаби. Гьес абуна, Россиялъул президент Владимир Путинил буюриялда рекъон, жидер гIуцIиялъул Сириялда ругел позициязда авиакьабиял щвезариялъ гIагсалда жидер божилъиги жидерго мурадазде щвеялъул гъираги тIадеги щулалъизабунин.

Видеоялда ХIасиевин абун вихьизавурав чияс абулеб буго, жив кколин гIурус миллаталъул, чачаназул хъизаналда вижарав чийин, жив цIалулев вукIанин Майкопалда, амма гIумру жинца Грозныялъул Старопромысловский мухъалда Библиотечная къватIалда гьабун букIанин.

Гьес абулеб буго, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде жив витIанин Федералияб хасаб хъулухъалъул тIадкъаял тIаразариялъул мурадалдайин. Жинца гьоркьохъанасул кумекалдалъун ФСБялде битIизе кколеб букIанин Грозныялдаса ва Майкопалдаса Сириялде рачIине хIадурулел яги гьенире рачIарал гIадамазул хIакъалъулъ, Россиялъул территориялда гьаризе хIадурулел терактазул ва цогидаб информацияйин.

ХIасиев чIвалелда цебе гьабураб лъазабиялда, террористас россиялъулазе терактазул хIинкъиял кьолел руго, россиялъул улбул ахIулел руго ХIасиев гIадал лъимал гьесулго гIадаб къисмат букIине бокьун батичIони, Сириялде риччангутIиялде.

Эркенлъи радиоялъул мухбир Антон Наумлюкица интернеталда рагьарал суртасатаздаса бакIарараб информациялда рекъон, МахIамад ХIасиев унгоги гьавунги ва яшав гьабунги вукIун вуго Россиялда. 9 сон тIубараб мехалда хун руго гьесул эбел-эмен. 20I4 соналда наркотикал гъорлъ ругел дарабазде хурхен букIиналъул щаклъи букIун ккун вуго Федералияб хасаб хъулухъалъул хIалтIухъабаз.

Жанив лъеялдаса ворчIиялъул мурадалда гьес документ гъулбасун хадуб, гьев витIун вуго Сириялде Россиялъулазда хурхараб информация бакIаризе. Гьес ФСБяелде цIарал рицарал ахирисел гIолохъаби рукIине бегьула Ставрополалъул медикияб академиялъул студентал. Гьезие туснахъалъул щугоялдаса анкьгоялде щвезегIан сонал рихьизаруна диваналъ гьаб соналъул декабралда. Гьедин бицунеб буго нижер радиоялъул журналист Наумлюкица.

Информалатазул лъазабилеб буго Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадиров божулев рагIуларо чIварав Россиялъул хасал хъулухъазул тIадкъаял тIуразарулев вукIараблъиялда. Гьес лъазабун буго, чачаназ ХIасиев чIварав чи чIаго толарин.

Рамзан Къадиров: "ЧIвана чи. ХIинкъиял кьуна нилъер пачалихъалъе. Гьединав чи чIаго вукIине кколаро. Нилъеца гьев цогидаб дунялалде витIила. Кьела гьесие цо рахъалъулаб билет".

XS
SM
MD
LG