МагъчIваялъе рес

Константин фон Эггерт: «Ираналъулгун СагIудиязул рагъ букIине бегьула»


Иран. Протесталъул акция
Иран. Протесталъул акция

СагIудиязул ГIарабустаналда шиитазул вагIзачи Нимр ан-Нимр чIван хадусала бусурбан дунялалда гъварилъулеб буго дипломатикияб дагIба. Ираналъул шиитаз гьалкъояз чанго тIаде кIанцIи гьабуна Тегераналда ва Мешхедалда ругел СагIудиязул вакиллъабазде. СагIудиязул ГIарабиялъ дипломатикиял бухьенал гьоркьоса къотIана гьеб улкагун. Гьелдаса нахъе гьединабго хIукму гьабуна суннитаз нухмалъи гьабулел цогидал улкабазги.

Ираналъул ва цогидал улкабазул шиитазул ццим бахъун буго 2 январалда СагIудиязул ГIарабиялда шиитазул вагIзачи Нимр ан-Нимр ва гьесдаго цадахъ жеги 47 чи диваналъул къотIиялдалъун чIван рукIиналъ. СагIудиязул ГIарабиялъ Ираналъулгун дипломатикиял бухьенал гьоркьоса къотIун хадусала, гьединабго хIукму гьабуна Катаралъ, Бахрейналъ ва Кувейталъ.

ГIараб дунялалъул проблемаби лъазабулев политилог Константин фон Эггертица абулеб буго Ираналъулги СагIудиязул ГIарабиязулги интересал ГIагараб Машрикъалда киса кирго цоцаде данде раккулел ругин.

Константин фон Эггерт
Константин фон Эггерт

Константин фон Эггерт: «Ираналъул режималъул кIудиял планал руго Персиялъул лиманалъул регионалда хурхарал. Гьелъ гIамал гьабулеб буго гьениб жиндирго тIокIлъи бихьизабизе. Гьеб режималъ къасд гьабулеб буго жинда Ислам-дин бичIчIулеб къагIидаялъ жиндирго идеология тIибитIизабизе.

Гьеб рахъалъан Тегеран ккола динияб радикализмалъул базаралда СагIудиязул ГIарабиялъул конкурент. Цогидаб рахъалъан регионалда жиндирго тIокIлъи бихьизабизе хIалбихьулеб СагIудиязул ГIрабиялъул дандияб улкалъунги ккола Иран.

Эр-Риядалъ гIемерал соназда жаниб Тегераналде гIунтIизабулеб буго статус-кво биххизабиялъул гIайиб. СагIудиязул ГIарабиялъ ГIагараб Машрикъалда гIамал гьабулеб буго жиндирго пайдаялъе къуватазул балансалъе квербакъи гьабизе.

Ва Эр-Риядалъул хIисабалда Тегераналъ гьеб баланс хвезабулеб буго. Гьединлъидал абизе бегьула гьениб диниябги, политикиябги, геостратегикиябги рагIирекъонгутIи бугин».

ЭР: Щайха хасго гьаб захIматаб заманалда СагIудияз кIикъоялда 47 чи чIвазе къасд гьабураб? Гьелда цебеккунго бихьулеб букIинчIищ Ираналъул реакция?

Константин фон Эггерт: «Гьай-гьай, амма СагIудияздаги тIадаб гьечIищ къираллъиялда жаниб низам цIунизе? СагIудиязул къираласул тухумалде тIадецуй гьабулеб буго цо гуреб рахъалъан. Руго СагIудиязул ГIарабиялъул политика хисизе бокьулел радикалиял сунниталги. Гъозул вагIзачагIаз тIалаб гьабулеб буго къираллъиялда жеги кьварараб къагIидаялда шаргI тIад чIезаби.

Руго гьенир Ираналъул жасусаллъун рикIкIунел шиитазул вагIзачагIиги. Гьалеха СагIудиязе жиндирго таваккалъи бихьизабизе бокьун букIанин, дида ккола, жал Ираналъул асаралъе мутIигIлъизе гьечIин абулаго.

Цойги рахъалъан Ираналъул ракI чIараб буго СагIудиязул къиралалъул тухумги, хIукуматги, тIалъиги коррупциялъулъ гъанкъун рукIиналда. Тегераналъул пикруялда гьелъие гIарцул ва политикияб квербакъи Америкалъул Цолъарал Штатаз гьабулеб буго.

СагIудиязул режим тIаса рехарабани, СагIудиязул ГIарабия Ираналъе гIагараб ва гьудуллъиялъул улкалъун букIинаан Тегераналъул хIисабалда. Гьеб гуребги – СагIудиязул ГIарабия Ираналъул асаралъул форпост, ай хъала хIисбалда букIинаан регионалда.

Дида ккола СагIудияз жиндирго къуват бихьизабунин Тегераналъе ишара гьаби мурадгун. Эр-Риядалъ регионалияб къеркьеялда къезе гьечIин ва къурбаназда ралагьичIого хIаракат бахъилин гьеб къеркьеялда бергьине».

ЭР: Кин дуда кколеб? Ираналда ва СагIудиязул ГIарабустаналда гьоркьоб кIудияб рагъ багъаризе рес бугищ?

Константин фон Эггерт: «Гьадинаб ресги нахъ чIвазе бегьуларо. Ираналъул тIадтарал ругьунлъана къватIисел улкабазул вакиллъабазде тIаде кIанцIизе. Гьадинаб гIадат бижанаха гъозул 1979 соналдаса байбихьун.

Аятоллагь Хаменеица абуна Сагудиязда Аллагьасул ццим бахъилин ахир-къад. Шайих ан-Нимр ва цогидал вагIзачагIи чIвараздаса къисас босизе буго, ян шиитаз кьураб рагIиялъ ахIвал-хIал лъикIлъизабизе гьечIо.

Ираналъулгун СагIудиязул рагъулаб конфликтги жидерго цIорораб рагъги унеб буго. КIудияб рагъулийн бицани, нагаглъун цо лъугьа-бахъин кканани, гьединаб рагъги багъарилаан хъващтIан.

XS
SM
MD
LG