МагъчIваялъе рес

Пенсиязул Фондалда чIухь бана


Дагъистан-Пенсиязул Фондалда чIухь балаго гьенире кIалтIе ракIарарал гIадамал, 30 Сен2013
Дагъистан-Пенсиязул Фондалда чIухь балаго гьенире кIалтIе ракIарарал гIадамал, 30 Сен2013

30 сентябралда Россиялъул Пенсионияб фондалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялда ФСБ ялъул ва цIех-рехалъул хIалтIухъабаз чIухь балеб букIана. Гьелъие гIиллалъун лъугьун буго пенсиязул фондалъ эбелалъул капиталалда сверун гIемераб хIилла-рекIкI гьабиялда щаклъи букIин. Гьедин бицана гьеб идараялъул хIалтIухъабаз.

30 сентябралъ Россиялъул Пенсионияб фондалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялда ФСБ ялъул ва цIех-рехалъул хIалтIухъабаз чIухь базе байбигьун буго. Гьеб идараялъул хIалтIухъабазул баяналда рекъон чIухь баялъе гIиллалъун лъугьун буго пенсиязул фондалъ эбелалъул капиталалда сверун гIемераб хIилла-рекIкI гьабиялда щаклъи букIин.

Россиялъул пенсионнияб фондалдалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялда чIухь базе лъугьун буго итни къоялъул радал сагIат 10 тIубараб гIадаб мехалда. 60 гIан къуваталъул идарабазул вакилзаби гIахьаллъулел ругин гьеб тадбиралъулъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе пенсиязул фондалъул цIар бицине бокьичIей хIалтIухъаналъ.

ЦIарбицине бокьичIей пенсионнияб фондалъул хIалтIухъан:

«Нижер хIалтIул кабинетазде жаниреги рачIун маскаби тIад хурал чагIаз лъазабуна телефоналги рукIаралъур тун берцинго къватIире лъугьаян. Гьел нижеда берцинго кIалъалел рукIана, щибниги хъачIлъи бихьичIо дида. Щиб гьабизе рачIаралалиги абичIо гьез нижеда, нижер суалазеги жаваб кьечIо. ЦохIониги документги бихьизабичIо гьез нижеда. Цого цо гьез лъазабуна жидеца малъарабги гьабун телефонал кабинеталъурго течIого цадахъ росун ратаразулгун хабар батIияб букIине бугилан. Гьелдаса хадуб руччаби батIаго рачун тIоцебесеб тIалалялда бугеб ниж кваназе унеб бакIалде дандегьаруна»

ЧIухь базе байбихьараб мехалда Россиялъул пенсионнияб фондалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиев жиндирго хIалтIулеб бакIалда вукIун гьечIо. Гьес нухмалъи гьабулеб идараялде къуваталъул хIалтIухъаби щун ругин абидал вачIун вуго гьев хIалтIуде. Гьедин киналго хIалтIухъабиги данде гьарун гьес лъазабун буго гIадамазада хасал идарабазул хIалтIуе квалквал гьабугейин ва гьез букIине кколеб халгьаби тIобитIун хадуб кинабго рукIалиде ккезе бугинги абун буго МуртазгIалиева.

«Сайгид МухIамадовичас нижги данде гьарун ва киназдаго лъазабуна халгьаби тIобитIулеб бугин нижер идараялдайилан, къуваталъул хIалтIухъабазе квалквалги гьабичIого гьез малъарабги гьабун рукIайилан абуна гьес. Гьел тадбирал лъугIизегIан нухмалъиялъул цо-цо хIалтIухъаби хутIизегIан киналго рокъоре ине бегьулинги лъазабуна гьес. Гьесул жиндиргоги кинабниги дандечIей букIинчIо гьел къуваталъул хIалтIухъабазде данде. Нижги щивасул цIар ва хIалтIулеб бакIги хъван низам цIунулез къватIире риччана» - ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе цIар бицине разилъичIей Пенсиязул фондалъул хIалтIухъаналъ

«Эркенлъи» радоялъухъе щварал баяназда рекъон чIухь баялъе аслияб гIиллалъун буго Пенсионнияб фондалъ эбелалъул капиталалда сверун гIемераб хIилла-рекIкI гьабиялда щаклъи букIин. Дагъистаналда гьеб капитал бичиялъул даран-базар тIегьалеб бугин абизе бегьула. Щибаб къватI-къваталъуб, хIатта газетаздасан ва телевидениялдасан рукIуна гьеб бичиялъул ва босиялъул хIакъалъулъ лъазабиял. Гьебго эбелалъул капиталалдла сверун хIилла-рекIкI гьабиялда щаклъи букIун чIухь базе лъугьун буго МахIачхъалаялъул советский мухъалда бугеб Россиялъул Пенсиязул фондалъул дагистаналда бугеб офисалдаги. Гьединго «Эркенлъи» радиоялъулъе щварал баяназда рекъон Пенсиязул фондалда чIухьбай къаси анлъгоялдаса цебе лъугIизе гьечIо. Къуваталъул идарабаз Сайгид МуртазгIалиевасул кабинеталда бугелде гIунтIун гIемер документазул хал гьабулел руго, чангиял гьениса нахъеги росун руго.

Сайгид МуртазгIалиевасда сверун ахIи-хIур бахъун хадуб гьесул ракьцоял – цIумадисезе Россиялъул Пенсионнияб фондалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялда аскIоб МахIачхъалаялъул Кировасул къватI къазехъин бугин абурал харбалги тIиритIун рукIана шагьаралда. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварала баязназда рекъон пенсионнияб фондалъул бутIаялда цере ракIарун рукIун руго цIумадисезул 100 гIан чи, амма гьез я къватIал къан гьечIо, яги цойгидаб кинабниги гъалмагъир гьабун гьечIо.


XS
SM
MD
LG