МагъчIваялъе рес

ТIалъиялда берцин рихьиялъе «бухIилъго» кьолел баянал


Низем цIунулез виччан вуго Дербенталда бугеб турказулин абулеб мадрасалъул нухмалъулев. Гьев ккун вукIана мадрасалда ИГИЛаллъул ва Имарат Кавказалъул кьералъе гIадамал ахIулел тIахьалгун дискал ратанин абун. Гьеб мадрасалда батаралдехун гьелъул хIалтIухъабазулги цIалдохъабазулги кинабгIаги хурхен гьечIин, гьеб цIалул идара лицензия гьечIолъиялда бан чанго моцIица хIалтIулебго букIинчIин ва гьанже Россиялъулги Туркиялъулги гьоркьоблъаби хвараб мехалда къуваталъул идарабаз улкаялъул нухмалъиялда жалго берцин рихьизелъун ургъунго гьабураб иш бугин гьебилан абулеб буго гьеб мадрасалда сверун бугеб ахIвал-хIал лъалел гIадамаз.

Гьал къоязда къуваталъул идарабаз лъазабуна Дербенталда «Сулейманджи» фондалъул мадрасалда чIухь балаго гьениб « Исламияб пачалихъ» ва «Имарат Кавказа» абурал экстремистиял гIуцIабазул кьерулъе гIадамал ахIулел дискал ратанилан. Гьеб «Сулейманджи» кколеб буго турказул радикалияб гIуцIи, гьединлъидал гьеб цIалул идараялдаги турказул мадрсайилан абулеб буго гIадамаз. Гьеб букIун буго СагIид Нурсида нахърилълъаразул мадраса. Гьел дискал ратунин мадрасаялдайилан абун гьелъул бетIер СагIадула СагIидов ккун вугин лъазабулеб букIана низам цIунулез. Гьел хасал тадбирал тIоритIиялда гъорлъе Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби къан гьечIо, гьеб кинабго Шималияб Кавказалъул Федералияб икълималъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъабаз гьабун буго.

Официалиял гурел баяназда рекъон гьеб мадрасалда цIалулел ва хIалтIулел вукIарав анцIгогIанчиги ккун вугин хасал хъулухъазул хIалтIухъабазилан абулеб букIана, амма гьел баяналги мекъи ругин, гьев мадрасалъул бетIерги ккуравго къоялъ къватIиве виччанилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дербенталдаса заманалъ гьеб, цебехун бицен гьабураб, мадрасаялде хьвадулев вукIарав Нурсида нахъвилълъаразул цояв Паша Гереевас. Гьес бицана гьеб мадраса хIалтIизе лицензия гьечIолъиялда бан чанго моцIица хIалтIилебго букIинчIилан, гьенир киданиги экстремистияб рахъалде ине кколин абураб хабарги букIунароанилан.

Гереев Паша: «Цойгидал диниял цIалул идарабазде дандеккун динияб рахъалда цадахъ цоги батIиял гIелмабаздеги кIвар кьолаан гьеб мадрасалда. Гьел киданиги школазде данде рукIичIо. Мадрасайилан абилеб гIадаб бакIги гьечIо гьеб гIадатияб цотIалаяб мина буго.Бащадаб лъагIалидасаги цIикIкIун гьеб хIалтIилебги букIинчIо. Гьенив щивнииги вукIинчIолъиялъе дица гурониги, гьеб мадрасалда мадугьалихъ ругел гIадамазги нугIлъи гьабула. Лъидасаго лъикI гьезда бихьулеблъидал щиб гьениб букIарабали. Щибниги бахча-хьван гьабулеб жо букIинчIо гьениб. Гьелъул нухмалъулев СагIадулаги гьеб чIухь балеб къоялъ Дербенталдацин вукIинчIо, гьев МахIачхъалаялде гьеб мадраса хIалтIизе биччазе букIине лизензиялда хадув векерахъдилев вукIана.

Дербенталде щвараб мехалда гьев полициялде вачун ун вуго, гIемер заманго балелде полициялъул нухмалъулесги, шагьаралъул прокурорасги дудехун жидер щибниги дагIба гьечIинги абун виччан тун вуго гьев. Гьениб мадрасалда щибниги радикалияб, экстремистияб жо гьечIеблъи лъала низам цIунулездаги. Амма гьанже Россиялъулги Туркиялъулги гьоркьолъаби хведал, улкаялъул нухмалъиялда берцин рихьизе, турказул мадраса къанин жидецайин абун, «бухIилаго» ругел баянал кьолел рукIун ратила гьел».

Гьанже Россиялда кинабго туркиялда хурханщинаб жо какулеб бугелъул цо-цоязда ракIалде щвана МахIачхъалаялда букIараб Дагъистаналъулги-Турказулги колледж. Чанго соналъ цебе батIи-батIиял багьналги ратун къана гьеб колледж. Гьенир экстремистал хIадурулел рукIанилан абун букIан цо гIилла, амма гьел кьучI гьечIел гIайибалги гIунтIизарун гьеб колледж къай ахIмакъаб иш гьабунилан рикIкIунеб буго гьеб лъугIарай гIелмабазул кандидат БахIандова Индираца. «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьелъ бицана доб заманалда республикаялда рукIарал гьединал школаздаса-колледжаздаса бетIералъ тIокIаб бакI букIанила гьеб, гьениб гIадин мацIал лъазаризе ресал Дагъистаналда кибниги букIинчIилан.

БахIандова Индира: «Дарсазда киданиги Исламалъул бицунароан нижее, щибниги диналда хурхараб малъа-хъвайги букIунароан. Нижер мугIалимзаби диниял чагIи рукIана, турказдасаги нилъер гьаниса мугIалимзаби рукIана диналда тIадчIарал, амма гьез киданиги жидерго динияб бербалагьиялъул биценцин гьабулароан. Ниж васалги ясалги цадахъ цIалулаан, хасаб партал букIана нижер цIалуде унелъул ретIунеб, амма гьебги диналде дандекколеб букIинчIо. Кутакалдан ясазул адаб гьабизе, берцинго хьвада-чIвадизе куцалаан гьенир нижер васал.

ГьитIинал джентельменал ругин алилан рукIунаан цойгидал махсаро-хочI гьабулел. Кутакалда лъикIаб лъайги кьолаан гьениб. Гьениб щвараб лъай, хасго мацIал лъазариялъул рахъ тIадегIанаб даражаялда букIараблъи бихьана дида дун Америкаялдеги, Англиялдеги цIализе араб мехалда, хадубккун университеталда гьел къватIисел мацIал лъазарулеб факультеталда цIалулеб мехалдаги нижер мугIалимзабаз бачIинахъего цIехана дида мун кинаб школалдайила цIалулей йикIарай, кинанила гьедин лъикI дуда ингилис, турк, гIараб мацIал лъалелилан. Цоцалъ кутакалдан гьуинлъи бугеб, цоцазул адаб бугеб колледж букIана нижер, ниж гьедин куцалаан.

Дир эмен хвараб соналъ дица гьеб колледж лъугIизабун щуго сон сон ун букIана. Гьелщинал санал аниги киналго дир цадахъ цIалулел рукIаралги мугIалимзабиги рачIун рукIана дида зигара базе. Гьел туркал мугIалимзабазул гIадат букIана зама-заманалдаса цIалдохъабазухъе гьоболлъухъе рачIунел. Нижелъуре рачIараб мехалдаги киданиги динияб суал борхулароан гьез. Киданиги туркиялъул рахъалъ пропагандаги гьабулароан».

Гьединго Индираца бицана жидер колледжалда цIалулел рукIарал васазул кIигояв экстремистияб нухде лъугьун ругин рагIун букIанила жидеда, гьебги «гIочIода чIван» тIаделъанила къуваталъул идараби гьеб колледжалде . Чанги школаздаса анила гьеб мекъаб нухде лъимал, жидер кIигояв ун ватани цойгидал школаздаса анцI-анцI анила, амма гьел школал къаялъул бицен гьабулеб рагIичIила жиндидайилан.

XS
SM
MD
LG