МагъчIваялъе рес

Мадраса мактабалде буссинабулеб буго


Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъ къотIараб хIукмуялдалъун къан буго шайих, Жамалудин Гъазигъумукъиясул цIаралда бугеб мадраса. Гьелъие гIиллалъун бихьизабулеб буго исламияб цIалул идараялъул букIинчIин цIалул программа билълъанхъизабизе изну кьолеб лицензия ва рихьизарулел руго цогидалги гIунгутIаби. Дагъистаналъул рухIияб идараялъги рахъ кколеб буго гьеб хIукмуялъул. Мадраса ахирал соназда хIалтIулеб букIинчIилан абулеб буго гьез. Амма мадрасаялъул нухмалъулес «Эркенлъи» радиоялъе бицана мадраса тIубанго къан гьечIин, гьанже гьеб хIалтIизе бугин исламияб мактаб хIисабалдайилан.

Гьеб мадраса Гъазигъумекиб рагьун букIун букIун буго 2009 соналъ. Амма юстициялъул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ хIал гьабураб мехалъ гьелъул лицензия батун гьечIо. Гьединго жинцаго гьабураб хIалтIул баян кьолеб букIун гьечIин гьелъ ва цогидалги гIунгутIаби рукIанин гьеб цIалул идараялъулилан баян гьабулеб буго гьеб министерлъиялъ. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун мадраса къазе ккеялъул гIарза битIун буго гьеб гьез Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялде. Гьезги гьеб хIукму рагIалде бахъинабуна 13 марталда. Дагъистаналъул рухIияб идараялъги рахъкколеб буго гьеб хIукмуялъул. Мадраса букIине кколеб къагIидаялда хIалтIулеб букIинчIилан бицана «Эркенлъиялъе» муфтий хисулев Тумалев Даудица. РухIияб идараялде хIалтIизе вачIиналде цеве Кули мухъалда имамлъун хIалтIулев вукIун вуго гьев.

Амма мадрасаялъул директор Саламов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана мадраса тIубанго къан гьечIин, жибго цIалул идара хIисабалда гьелъул статус хисизабунин, гьалдаса хадуб мадраса хIисабалда гуреб, гьеб хIалтIизе бугин мажгиталда цебесеб бугеб мактаб гIадин. ГIун бачIунеб гIелалда гIелму малъиялъул тадбир гьоркьоса къотIизе гьечIин гьелдалъунилан бицана гьес. Диванханаялъ гьабураб гьеб хIукму цо рахъалъ босани жалги разилъун гьабураб хIукму кколин. Щайгурелъул мадрасаялъул лицензия сабаблъун кIудияб квал-квал кколеб букIанин жидее.

Саламов МухIамад: «Мадрасаялъул даража хисизабунин абуни гьелъул нижее щибниги ккараб къварилъи гьечIо. ГIицIго гьезул (хал гьабулел идарабазул авт.) лъугIел гьечIел халгьабиял рукIине гьечIо, хутIараб кинабго, мадрасаялда кьолел дарсалги, квенги, рукIине бакIги кинабго букIине буго цебе букIарабго гIадин. Мадраса къан бугилан хабар тIибитIизабуниги гьеб кинабго кагътида хутIизе буго. ГIицIго цо гьадинаб батIалъи буго гьениб. Лицензия бугеб мадрасаялъул ихтияр букIана гьеб лъугIарав чиясе диплом кьезе. Диплом нижеца гьадинги кьолеб букIинчIо мадраса бугеб мехалъги. Диплом щвезе бокьарав чи нижеца гьанже мактаб лъугIун хадувги МахIачхъалаялде, Исламияб цIалул идараялде витIила цIализе. Гьединлъидал щибниги нижее гьелдалъун зарал гьечIо, нижгоги разилъун гьабураб хIукму буго гьеб».

Мадраса тIубанго къаялде иш бачIунеб букIарабни гьедигIан бигьаго жинца гьеб телароанин, киналго ресалги, лъай-хъвайги хIалае ккун жиндица биччазе букIинчIин гьеб къазеян абуна гьес ахиралда.

Гьеб тIоцебесеб хIужа гуро Дагъистаналда исламиял цIалул идараби къазе хIукму гьабураб. 2013 соналъ низам цIунулез къан букIана ЦIиябсасикь бугеб руччабазул мадраса. Гьединго дагьаб цебегIан хабар букIана Дербенталда бугеб, шейх ГIабдула эфендил цIаралда бугеб исламияб институт къазе букIиналъулги. Сунда бараб букIине бегьулеб Дагъистаналда ругел исламиял цIалул идараби къаялъе гIилла абураб суал кьуна нижеца тIадехун бицен гьабулев вукIарав, Дагъистаналъул муфтий хисулев Тумалаев Даудие. ТIоцебесеб иргаялда гьеб бараб бугин гьезул гIемерисез лъай кьеялъул идарабазда хурхун бахъараб къанун хвезабулеб букIинилан абулеб буго гьес.

Тумалаев Дауд: «Гьенир рукIуна цо-цо гIиси-бикъинал гIунгутIабиги гьеб бакIалдаго тIуразе бегьулел, амма гьабсагIат гьезул гуро хабар бугеб. ГIемерал руго хIужаби лъай кьеялъул программаялда хурхарал аслиял тIалабал цIалул идарабаз тIуралел гьечIолъиялъул, гьединлъидал гьел къалелги руго. Буго гьадинаб мисалги, мадрасаби ралел, рагьулел руго, амма хадубккун гьеб хIалтIизабизе гIарац батулеб гьечIо, гьедин гIемерисел кагътида хутIулел руго гьел мадрасаби рагьаниланги абун, амма гьеб хIалтIизабизе рес гIолеб гьечIо. Гьединлъидал щибниги гьезул нухмалъулезул ихтиярал хвезарурал, гьел къварид гьарураб хIужа гьениб гьечIо».

2013 соналъул августалда Хасавюрт мухъалъул ЦIиябсасикь къан букIана мадраса. Гьеб къаялъе гIиллалъун бихьизабун букIана лъай кьеялъул программа билълъанхъизабизе хIажалъулеб пачалихъалъулаб лицензия букIинчIин гьелъулилан.

Гьеб лицензия хIакъикъаталдаги букIинчIин мадрасаялъулилан бицун букIана доб мехалъ «Эркенлъи» радиоялъе гьелъул хIалтIухъан ПатхIулаев МухIамадица, документазул иш рукIалиде бачIине хIукуматалъ квал-квал гьабулеб букIанин жидее.

XS
SM
MD
LG