МагъчIваялъе рес

 Надежда Савченко – цIияй Жанна Д’Арк


КIиго сон балеб буго Украиналъул рагъулай хъулухъчIужу Надежда Савченко Россиялда аресталда гъоркь йосун йигелдаса. Савченкоде гIайиб гIунтIизабулеб буго Россиялъул журналистал Украинаялда чIваялда хурхен букIиналда бан.

Гьал къояз прокурорас тIалаб гьабуна Савченкое 23 сон туснахъалъул кьей. Савченко Россиялда туснахъ гьаюн йиIкиналда бан цокIалаб пикру гьечIо жамгIияталъл, гьей эркен гьайи тIалаб гьабун хитIабал гьаруна Россиялъул тIалъиялде батIи-батIиял жамгIиял ва политикиял хIаракатчагIаз. Дагъистаниязул кинаб пикру буго Надежда Савченкол къисматалда хурхун?

9 марталда Ростов икълималъул Донецк шагьаралда тIобитIана иргадулаб диваналъул данделъи Украиналъул рагъулай хъулухъчIужу Надежда Савченкода тIад. Гьениб Савченкоца загьир гьабуна жиндирго ахирияб рагIи: Россия кколин лъабабилеб дунялалъул улка, тоталитарияб режим чIезабун бугеб ва инсанасулгун халкъазда гьоркьосел ихтиярал цIунулареб бакIин лъазабуна гьелъ.

Надежда Савченко: «Дида хIажатаблъун бихьуларо дир гIумрудул заман гьаб диваналда гIахьаллъи гьабун тIобитIизе. Дие тамихI цIалун анцIго къоялдасан дица халатбахъинабизе буго якъунчIей, дун эркен гьайизегIан».

Гьединго Савченкоца хитIаб гьабуна Украинаялъул президент Петр Порошенкоде, гьес жиндир эбелалъе араб соналъул ихдалго жий эркен гьайизе рагIи кьун букIанин ва Россиягун гара-чIвариял тIоритIейин жий тIадюссинайизе. Диваналъ тамихI къоIи нахъбахъана 21 марталде.

Июль моцIалда кIиго сон бала Надежда Савченко, Россиялъул рахъалъ лъазабухъе, къанунияб гуреб хIалалъ Россиялъул хIукуматалъулаб гIорхъи бахун, Воронежалъул икълималда ккуралдаса. Гьебго заманаялъ Россиялъул ЦIех-рехалъул идараялъул нухмалъулев Владимир Маркиница лъазабуна Савченкоде гIайиб гIунтизабулеб бугин «Айдар» абураб рагъулаб къокъаялда йикIаго, гьелъ гьоркьолъи гьабун букIиналда Россиялъул журналистал Игорь Корнелюк ва Антон Волошин чIваялъулъ.

«Айдар» абураб рагъулаб къокъаялъул бетIер Сергей Мельничукица лъазабуна, гьеб заманалда координатал жинца кьолел рукIанин цIа речIчIулел чагIахъе. Жийго Савченкоца ва Украинаялъул рахъалъ лъазабухъе, Савченкол хурхен гьечIо журналистал чIваялъулъ. Россиялде ккеялда банги, жийго Савченкол рагIабазда рекъон, цин гьей щалали лъаларез ккун ячун йиго Луганск шагьаралде, гьенисан гьей ячун йиго Воронежалъул икълималде.

Надежда Савчекно цогидал ккурал рагъулазухъ хисизе инкар гьабуна Россиялъул рахъалъ, гьей хисуларин лъазабун. ЦебегIан, лъабабилеб марталда букIараб иргадулаб диваналда прокурорас тIалаб гьабуна Надеждае 23 сон туснахъалъул кьезе. Гьединго диваналда диванчияс Савченкое изну кьун букIинчIо жиндирго ахирисеб каламгун цее яхъине.

Надежда Савченкол къисматалда бан кинаб пикру бугебали цIехарал дагъистаниязул цо бутIаялда гьей щий кколеяли лъалеб батичIо. Россиялъулгун Украиналъул гьркьолъабазул бицуннеб жо кIвар гьабичIогон толин баян гьабуна гьел гIадамаз. Амма руго дагъистаниял Надежда Савченкода хурхун лъугьа-бахъунелда тIаса пикраби социялиял гьиназда ва блогазда загьир гьарулел. Масала, Багьавудин Басировас хъвалеб буго, жакъа нилъ хIадур ратани Савченко такъсирчIужулъун рикIкIине, ниъеца нус-нус ВатIанияб рагъул заманалда рукIарал партизаналги рикIкIине кколин такъсирчагIилъун. Гьезги кьвагизарулел рукIанин кьоялги, маххул нухалги, жижедаса рагъулалго гIадин гIадатиял гIадамалги хьвадулел рукIарал, гьезги чIванин гIемер гIайиб гьечIелги. Цадахъго, гьечIила цониги кьучIаб хIужа, Савченкоца гьел журналистал чIванин абураб жо тасдикъ гьабулеб.

Амма Керим Ибрагьимовасул пикруялда, Савченкол кооринатазда рекъон гьабараб цIаялъул хIасилалда хун руго нилъер чагIи, кIиго журналист. Гьей тамихIалде цIай битIараб иш кколеб буго Ибрагьимовасул пикруялда.

Керим Ибрагьимов: «Дида битIараблъун бихьула, Россиялъ жиндирго ракьалда тартиб цIунулеб букIин. Россиялъул ракьалда ккун йиго гьей рагъулай хъулухъчIужу. Жеги бичIчIулеб гьечIо, кинаб мурадгун гьелъ Россиялъул гIорхъи балъго бахарабали. Гьединлъидал, дица рикIкIуна гьей жавабчилъиялде ахIизе кколин, гьарурал такъсиразухъ жаваб кьезе кколин гьелъилан».

Ибрагьимовасул пикруялда хIикмалъизе ккараб жо гьечIо, Россиялда данде ругел улкабаз тIалаб гьабулеб букIин Савченко Украинаялъухъе кьей.

Украинаялде Савченко тIадюссинайизе кколин чара гьечIого, амма шартIал чIезаризе ккелин кьварарал Россиялъул рахъалъин рикIкIунеб буго блогер МахIач МухIамадовас. Гьесул рагIабазда рекъон, жакъа цIияй Жанна Д’Арк хIажат гьечIо яхъинаюн Савченкол, гьей Россиялъул зумуялъул къурбанлъун хванин рикIкIинчIогон букIине, гьей жиндирго ракьалде тIадюссинайизе ккелила, гьений хвезе ва яхъине.

Жакъа Савченкода тIад тIобитIулеб диван кколин хIужалъун, Россиялда халкъазда гьоркьосел ихтиярал цIунулел гьечIолъиялъулин абураб пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радияолъе «Новое дело» газеталъул журналист Тимур Джафаровас.

Тимур Джафаров: «Надежда Савченкода тIад гьабулеб процесс, дир пикруялда, ккола тIад релъанхъи Халкъазда гьоркьосеб ритIухълъи чIезабиялдаги, шартIаздаги. Цадахъго, гьеб буго Россиялъул ритIухълъи чIезабиялда тIадрелъанхъи. ГIисибикъинаб рецIел буго гьеб, кинабгIаги политикаги гьелда гъорлъ гьечIо. Дир пикруялда, киналгIаги шартIал гьечIогон, эркен гьейизе ккола Надежда Савченко».

Жакъа, дол чIварал Россиялъул журналистазул бакIалда, бокьараб цогидаб улкаялул журналистал рукIине рес букIанила. Гьединго кIочене бегьуларила Савченко жиндирго улка цIунун ягъулей йикIараблъи, гьеб бикьа-биххияде данде яхъун.

XS
SM
MD
LG