МагъчIваялъе рес

Памфилова Савченкол яцгун телефоналъ кIалъана


Э.Памфилова: "Савченкол хIал-хIукму квещ гьечIо"
Э.Памфилова: "Савченкол хIал-хIукму квещ гьечIо"

Россиялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъан ихтиярал кодосей Элла Памфиловалъ Надежда Савченкол яц Верагун телефоналъ кIалъан, абуна гьелъул хIал-хIукму квещ гьечIин. Тохтурзабаз кIвар кьун, гьелъул сахлъиялъухъ хал-щал гьабулеб бугин.

Гьалкъояз Россиялъул диваналъул данделъиялда прокурорас тIалаб гьабуна Украиналъул рагъулай хъулухъчIужу Надежда Савченко 23 соналъ жание тIамизе.

ДиванчагIаз гьелъие изну кьечIо ахирисеб калам гьабизе. Протест хIисабалда Савченкоца бакъвараб ракъи лъазабуна.

Гьелде гIунтIизабулеб гIайиб – Украиналъул машрикъалъул рахъалда Россиялъул рагъухъаби чIваялда хурхен букIин.

XS
SM
MD
LG